Аслияб гьумералде

Тасаввуф агьлуялъул мутагIалим

Тасаввуф агьлуялъул мутагIалим

Абу Бакр АхӀмад ибн ал-ХӀусейн ибн ГӀали ибн ГӀабдуллагь ибн Муса ал-Хусравжирди ал-Хурасани, Байгьакъи абураб цIаралда гъоркь жив лъалев, гьавуна шагӀбан моцӀалъ, гьижрияб 384 соналъ Хоросаналда, Байгьакъи абураб районалъул Хусравжирди росулъ.

 

ГьитӀинаб къоялдаса байбихьун имам Байгьакъи гӀелмабазде вуссана. ТIоцебе гIелму цӀализе жиндирго росулъ байбихьула. ГӀолохъанлъуда шагьаралде гочуна ва гӀалимзабазда цеве цӀалула. Гьелдаса хадуб гьев Нишапуралде уна.

Цо нухалъ машгьурав гӀалим ХатӀиб ал-Багъдадияс гӀелму тIалаб гьабун сапаралъ вахъинегIан хӀукму гьабула жиндирго мугӀалимасда дандбазе: Мисриялдейищ яги Нишапуралдейищ иневилан абун. МугӀалимас гьесда абула: «Мисриялде ани мун гьениве цо чиясе гӀоло уна ва гьев гьенив ватичӀони дур сапар гӀададасеблъун ккола. Амма Нишапуралде ани, гьенир руго гӀемерал гӀалимзаби, цояв ватичӀони цогидав ватила», - ян.

15 сон барав Байгьакъи Нишапуралда гIелму тIалаб гьабизе лъугьуна машгьурав гӀалим, имам ХӀакимида цеве. Гьеб мехалъ имам ХӀакимил ункъого сон букIана.

Гьев кӀудияв гӀалимчиясухъа гӀелму босизе дунялалъул тӀолабго рахъалдаса сапар бухьун гӀадамал рачIунел рукIана. Бищунго гьунар бугел гурони ХӀакимил мутагӀилзабилъун рахъунароан. Имам Байгьакъи гӀолохъанго вукӀаниги гьесул бищунго лъикӀал цӀалдохъабазул цоявлъун вахъуна. Имам ХIакимида цебе цӀалараб щуго соналда жаниб гьесие щола цогидазе гӀумруялда жаниб щвечIеб гIелму. Имам Байгьакъияс жиндирго тӀахьазда имам ХIакимидасан гӀемерал хӀадисал рехсола.

Нишапуралда ругел гӀалим-забазда цеве цӀалун хадуб Байгьакъияс гӀелму тIалаб гьабулаго исламиял улкабазде сапар бухьана. Гьев щвана Персиялъул ва ГӀиракъалъул шагьаразде ва гIелму босана Багъдадалъул гӀалимзабазда цебе. ГӀелму тIалаб гьабун Маккаялде, Мадинаялде ва цогидал шагьараздеги щола.

Имам Байгьакъияс лъеберго сон сапаралда тIамуна гӀалимзабазухъа лъай тIалаб гьабулаго. Гьелдаса хадуб жиндирго ватIаналде тӀадвуссуна ва цӀалдохъабазе дарсал кьуна, тӀахьал хъвазе байбихьана.

Гьесул мугIалимзаби

Гьесул мугӀалимзаби рукIана батIи-батIиял гӀелмабазул гIалимзаби. Гьезда гьоркьор рукIана хӀадисазул чIахIиял гӀалимзаби, масала, имам ХӀаким, доб заманалъул машгьурав факъигь ал-Марузий, бищунго кӀудияв гӀалим ГIакъид ибн Фурак. Тасаввуфалъул агьлуялъул гIалимзабаздаса рукIана Абу МухӀамад ГӀабдуллагь ибн Юсуф ал-Асбагьани ва Абу ГӀабдуррахӀман ас-Сулами. Имам Байгьакъиясе гьездаса рухIияб рахъалъул лъайги щвана.

Имам ХIакимица шайих ГIабдуррахIман ас-Суламиясул хIакъалъулъ абула: «Абу ГӀабдуррахӀман будалаазул (Аллагьасул вали) цояздаса гьечӀони, ракьалда Аллагьасе ﷻ вокьулев вали гьечӀо», - ян. Имам Байгьакъиясда авалалдаго дандчIвала ГIабдуллагь ибн Юсуф Асбагьани. Гьесда цеве имам Байгьакъи гIемерал соназ цIалула.

 

Гьес хъварал тIахьал

Имам Загьабияс хъвалеб буго: «Имам Байгьакъил тӀахьазул кӀудияб къимат ва пайда буго. Байгьакъияс гӀадин рагӀа-ракьанде щун тIахьал хъварал чагIи гIемер рукIинчIо. ГӀалимзабаз кӀудияб кӀвар кьезе ккола гьесул тӀахьазде, хасго «Сунанул Кубра» абураб тIехьалде», - ян.

Имам ХӀарамайнияс абуна: «Цониги гIалимчи гьечIо имам ШафигIие баркала кьезе ккарал гурони, имам Байгьакъи хутIизегIан. Имам ШафигIица гьесие баркала кьезе ккола, щайгурелъул гьес имам ШафигIил мазгьабалъул рахъ ккун гIемерал тIахьал хъван рукIиналъ», - ян. Гьаб рагIиялъ тIоритIел гьабула имам Байгьакъи кутакалда лъикI фикъи лъалев чи вукIиналде.

Имам Байгьакъияс батIи-батIиял гIелмабазул тIахьал хъвана. Гьездасан ккола хIадисазул, гIакъидаялъул, сираталъул ва цогидалги тIахьал. 

Гьединго имам Байгьакъияс хъвана имам ШафигIил хIакъалъулъ «Манакъибу аш-ШафигIия» абураб тIехь.

Имам Байгьакъил машгьураб цоги тIехь ккола «Сунанул Кубра» абураб. ГIалимзабаз гьеб тIехьалъе кIудияб къиматги кьуна.

Имам Байгьакъияс 70 сон бана ва гьижрияб 458 соналъ ахираталде накълулъана.

 

МухIаммаднаби АхIмаев

2026-06-01 (ЗулхIижа 1447 с.) №11.


Рос-лъади цоцазда хурхараб рахас

Ахирал соназда рос-лъади ратIа-лъиялъул вакъигIатал цIакъго гIемерлъулел руго. Хъизам биххиялъе бищунго гIемер рехсолеб гIиллалъунги ккола цоцазде бугеб рокьа-хинлъи дагьлъи, рос-лъадул гIумрудулаб гIамал-хасият чучлъи, лъикIаб-квешалъул тIалабго гьабунгутIи, къо хIехьезе бажарунгутIи, цогидазул...


Салаваталъул хиралъи

Салаваталъул хиралъиялъул хIакъалъулъ рачIарал хIадисал гIезегIан руго. Бокьун буго салават цIалиялъул хIикмат рехсезе. Аварагасде ﷺ салават битIи ккола ТIадегIанав Аллагьасде ﷻ гIагарлъиялъе ва Гьесул амру тIубаялъе бищунго кIвар бугел нухазул цояб.   Салават цIалулеб мехалъ кIвар...


Суал-жаваб

Къамат гьабизе байбихьидал тIаде рахъуна цо-цоял. Кида рахъине лъикIаб бугеб? Имам Муслимил «СахIихIалда» тIад гьабураб шархIалда имам Нававияс хъвалеб буго: «Имам ШафигIил мазгьабалда рекъон, суннатаб буго будунас гьеб гьабун лъугIизегIан щивго тIаде вахъунгутIизе», -...


ХIежалъул баракат

ХIурматиял бусурбаи, арал къоял рукIана хIежгун гIумра гьабулеб заманалъул. ХIежалъул заманалда гьенире ракIаранщинал гIадамал рукIуна цого ратIлилъ. Гьенив ватIа вахъуларо бечедавгун мискинав, миллат ва тIомол кьералъухъ балагьуларо. Гьелъул мисал буго ГIарас-майданалде бахъинабураб...


Черхалъул мацӀалда стрессалъул гӀаламатал

ГӀадамазда гьоркьоб рагӀул гуреб бухьеналъул бищунго кӀвар бугел формабазул цояблъун рикӀкӀуна черхалъул мацӀ. Багъа-бачариялдалъун, гьурмада бугеб мимикаялдалъун ва ишарабаздалъун гӀадамаз рагӀаби гьечӀого загьир гьаризе бегьула жидерго пикраби ва рекӀел хӀал. Черхалъул мацӀалдалъун баянлъулел,...