Аслияб гьумералде

Бакъбаккул рахъалъул багьадур

Бакъбаккул рахъалъул багьадур

ЦIар рагIарав бусурбабазул философ, тохтур, математик, Абу Наср МухIаммад ибн МухIаммад ибн Тархан Аль-Фараби Ат-Турки гьавуна Фараб шагьаралда (гьанже Казахстаналда бугеб Отырарстаналъул Турке районалъул Отрар шагьар) 874 миладияб соналъ. Гьижрияб 260 соналда.

 

Фарабида лъикI лъалеб букIана тюрк, перс, грек ва цогидалги мацIал. Аристотелил ва Платонил асаразе баянал хъварав автор хIисабалда Фарабие щвана «КIиабилев мугIалим» абураб цIар (Аристотелида хадуб). Аристотелил асаразул гъваридаб лъаялъухъ ва баянал гьариялъухъ гьесие кьуна «КIиабилев Аристотель» ва «Машрикъалъул Аристотель» абурал цIаралги.

Фараби, жиндирго росуги тун, сапаралъ вахъуна. Цо-цо баяназда рекъон, Гьоркьохъеб Азиялдаса инегIан, Фараби щола Шашалде (Ташкент), Самаркандалде ва Бухараялде, гьенив дагьаб заманаялъ цIалана ва хIалтIана.

Гьелдаса хадуб гьес сапар бухьуна гIарабазул халифаталъул тахшагьар Багъдадалде щвезегIан. Фараб Багъдадалда чIана халиф Мукътадир би-Ллагьил заманалда.

Доб заманалъул гIакъилзаби цIалулеб центрлъун букIараб Багъдадалде щведал, Фарабица байбихьула гIараб мацI лъазабизе. Гьеб камилго лъазабун хадуб, Фарабияс байбихьана философия цIализе. Багъдадалда гьесул лъай-хъвай ккана философ ва гIараб мацIалде таржама гьабулев машгьурав Абу Бишр Матта ибн Юнусилгун ва гьев лъугьана гьесул мутагIиллъун.

Гьелдаса хадуб Фараби уна Харраналде ва гьениб гьес Юханна ибн ХIайлянихъа дарсал росула.

Фараби кватIичIого вахъуна машгьурав гIалимчилъун. 941 соналда гочуна Дамаскалде, хадуб - Египеталде, цинги - тIадвуссун Дамаскалде вачIуна ва гьениб уна хутIараб гIумру.

Бицуна Фариби хIалтIизе кканин ахил хъаравуллъун ва гIелму лъазабулеб букIана хIедучирахъалъул канлъухъе.

Фарабияс хъвана лъикIал-лъикIал тIахьал, жиндир заманцоязги хадур рачIаразги кIудияб къимат кьурал. Бищунго гьесул машгьураб тIехьлъун ккола «Ал-Фусус», гьебги буссинабун буго немец мацIалдецин.

Фарабияс «ИхIсаъ ал-гIулум ва-т-таъриф», «Китаб араи агьл ал-мадиаъ ал-фазилагь», «Китаб ибтал ахIкам ал-нужум», «Китаб ас-сияса ал-мадания» абурал тIахьалги.

Абу Наср Фараби рикIкIуна каламалъул ва гIакълиял гIелмабазул гIалимчилъун, махщел бугев философлъун ва лъикIав имамлъун.

Фараби вукIана тохтурлъиялъул рахъалъги цеветIурав чи. Гьесул лъикIлъаби загьирлъана, гьесул асарал машгьурлъана, мутагIилзабазул къадар цIикIкIана, гьев рикIкIунаан жиндир заманалъул унго-унгояв гIалимчилъун.

Ибн Синаца хъван буго: «Дица цIалана Фарабиясул тIехь, дида бичIчIичIо гьелда хъвараб жо. КIикъого нухалъ цIалун рекIехъе лъазабун хадубги бичIчIичIо гьеб хъваялъул бетIергьанасул мурад.

Цинги, цо къоялъул бакъанил какдаса хадуб, дида аскIове цо чи вачIана ва тIехь бихьизабула. Дида гьеб тIехь босеян гьарула гьес, дицаги босана.

Гьеб тIехь Фарабил тIахьазул цояблъун батана, гьелда жаниб гьес бицуна доб тIехь хъваялъул мурад. Дун гьебсагIатго рокъове тIадвуссана ва байбихьула гьанжего гьанже босараб тIехь цIализе. Гьеб тIехь цIалун хадуб дида бичIчIана доб тIехьалъул мурад. Гьелдаса дун цIакъ вохана», - ян.

Фараби тIадвуссуна Дамаскалде ва ахирги гьенив чIола султIан Сайф Давла ибн ХIамданил заманалда. Гьев хIакимасул рокъор гIемер данделъулаан Дамаскалъул бищунго лъикIал гIалимзаби.

Цо къоялъ гьединаб мажлисалде Фараби вачIуна, кидаго ретIунеб турказул ретIелги ретIун. Сайф Давлаца гьев ахIула живго чIараб бакIалда нахъа гIодов чIезе, амма гьев гьесухъги гIенеккичIого, битIахъего хIакимасул тахида аскIове вачIуна.

Цинги Сайф Давлаца жиндирго хъулухъчагIазда, гьесда бичIчIулареб мацIалда була: «Гьав шайихас адаб-хIурматалъул къагIида хвезабуна. Дица гьесие цо суал кьела. Гьесда жаваб кьезе кIвечIони, нужеца гьев вихъ-вихъун вай», - ян.

Цинги Фарабица, гьебго мацIалда хитIабги гьабун, хIакимасда абула: «Я хIаким, сабру гьабе, хIакъикъаталдаги, гIамалазе къимат кьола гьезул хIасилаздалъун», - ян. Сайф Давлаца цIакъ гIажаиблъи гьабун гьесда гьикъула: «Дуда лъикI лъалищ гьеб мацI?» - ян. Фарабияс жаваб кьола: «Лъала. Дида лъала 70-ялдаса цIикIкIун мацI», - ян.

Гьеб мехалъ Фарабияс байбихьула мажлисалда рукIарал гIалимзабазулгун гIелмияб бахIс гьабизе ва гьев щивасдаса тIадегIан вукIана лъаялъул рахъалъ. Гьез байбихьула гьес абурабщинаб жо хъвазе.

Фарабие бокьулаан живго цохIо вукIине. Гьесие гIумруялъул ва ризкъиялъул ургъел букIинчIо. Дамаскалъул вакил Сайф Давлаца гьесие байтулмалалдаса къойие ункъо диргьамалъул къимат чIезабун букIана.Фарабие гьеб харж тIубараб гIумруялъго щолеб букIана.

Абу Наср Фараби хвана Дамаскалда, 80 сон байдал, 950 соналъ (339 гьижрияб сон). Гьесдаса жаназаялъул как бана Дамаскалъул цевехъан Сайф Давлаца ва гьесул ункъо божарав чияс. Гьев вукъана Дамаскалъул рагIалда, Баб ас-Сагъирил кавуялда аскIов.

 

 

МухIаммаднаби АхIмаев

2026-07-01 (МухIаррам 1448 с.) №13.


ТIаса лъугьайин гьарилищ?

Гъибат-бугьтан гьаби ккола мацIалъ гьарулел мунагьазул бищунго гIемеразул цояб. ГIемерисеб мехалъ инсанас бигьаго абула диналъул вацасул яги яцалъул хIакъалъулъ рагIаби, ТIадегIанав Аллагьасда цебе гьеб мунагь кигIан кIудияб букIине бегьулебали хIисаб гьабичIого.   ТIадегIанав Аллагьас ﷻ...


Рецц-бакъ гьабизе бокьи

Бахчараб ширкин абулеб гIамал ккола лъикIал гIадамазда бихьизелъун, гIамалал рихьизелъун, халкъалъ рецц гьабизелъун гьабулеб ишалда. Гьеб рекIел унтиялъ инсан вачине бегьула ахираталда кири щвеялдаса махIрум гьавиялде, гьабураб гIибадат чIобогояб, пайда жиндаса щвечIеблъун гьабиялде.   Гьеб...


Пакистаналъул посолгун дандчIвана

Пакистаналъул Россиялда вугев посол Файсал Нияз Тирмизи вачIун вукIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандиясухъе. Данделъиялда гӀахьаллъана ДРялъул миллияб политикаялъул ва диниял ишазул рахъалъ министрасул ишал тӀуразарулев, Россиялъул БахӀарчи Темирлан АбутӀалимов, ДРялъул экономикияб...


ГIибадаталъулъ кIвахIаллъи

Имам Гъазалияс «ИхIяу гIулуму ддин» абураб тIехьалда хъван буго: «Гьелъие кумек гьабулеб алатлъун ккола гIибадаталъе хIаракат бахъулел гIадамазул лъикIлъабазул хIакъалъулъ бицунел харбазухъ гIенекки. Гьелдасаги лъикIаб – гьединал гIадамазулгун гьудуллъи гьаби (кинаб гIамал,...


«Инсан» фондалъ базе буго 26 мина

Хасавюрт районалде щварал Дагъистаналъул хӀукуматалъул нухмалъулев МухIаммад Рамазановас, «Инсан» фондалъул генералияв директор МухIаммад ГӀабдурахӀмановас ва муфтияталъул северияб округалда вугев вакил МухӀаммад Мукъошдибировас дандбана лъеца зарал ккаразе кумек гьабиялъул суал. М....