Аслияб гьумералде

Имам Мунави

Имам Мунави

Зайнуддин МухIаммад ГIаб-дуррауф ибн Таж ГIарифин ибн ГIали ибн Зайнул ГIабидин Гьади ал-Мунави, машгьурав гIалим, шайих, имам ва хIадисазул гIалимчи, гьавуна Къагьиралда гьижрияб 952 соналъ.

 

ГьитIинаб мехалдасаго гьес инсудасан динияб лъай лъазабуна. Балугълъиялде щвезегIан рекIехъе лъазабуна Къуръанги чанго динияб тIехьги. Гьелдаса хадуб гьев цIалана машгьурав гIалим, имам Шамсуддин ар-Рамли ал-Ансариясда цеве (хвана гьижрияб 1004 соналъ), гьесда цебе гьес цIалана шафигIияб фикъгь. Хадуб имам Мунавияв цIалула хIанафиязул муфти, шайих ГIали Макъдисида цеве (хвана гьижрияб 1004 соналъ).

Гьединго имам Мунавияв цIалана доб заманалъул гIемерал машгьурал гIалимзабазда цеве. Амма гьес жиндирго цIалиялъул кIвар буссинабуна Шамсуддин ар-Рамлиде.

Имам Мунави лъугьана тасаввуфалъул нухде, доб заманалъул гIемерал шайихзабазда цевеги цIалун. Гьесда зикру малъана гIалимчи, шайих ва къутIбу ГIабдул-Вагьаб аш-ШагIранияс (хвана гьижрияб 973 соналъ). Гьединго гьев лъугьана Шазалияб тIарикъаталде, шайих Мансур ГIайтил тарбияталде ва Накъшубандияб тIарикъаталде, МасгIуд Ташкендида цеве ва цогидалги тIарикъатазде.

Хадубккун имам Мунавиясда цере гIемерал мутагIилзаби цIалула, гьезда гьоркьор рукIана шайих Сулайман ал-Бабили (хвана гьижрияб 1026 с.), Ибрагьим Ташкенди, Маликиялъул муфти, шайих ГIали ал-Ужгьури (хвана гьижрияб 1066 сон, жиндирго вас ЗайнулгIабидин (хвана гьижрияб 1022 с.), ва гIемерал цогидалги.

Имам Мунави гIицIго динияб гуребги, цогидал гIелмабазулги гIалимчи вукIана. Гьеб бихьула гьесул гIемерал тIахьал цIалараб мехалда.

Имам Мунавияс «Ас-Салагьия» мадрасалда дарсал кьезе байбихьараб мехалъ гьесдехун цо-цояз жахIда хIалтIизабуна. Гьезда кколеб къимат кьезе кIоларо гьесие, щайгурелъул, халваталда чIун вукIиналъ.

Мадрасалде, гьесул дарсазде рачIине байбихьана батIи-батIиял мактабазул вакилзаби, хIатта гьев какулел рукIарал. Гьес байбихьана гьезда «Мухтасар Музани» абураб тIехь малъизе, гьезулгун мазгьабазул бахIсал гьарула, цогидал гIалимзабаздаса цебе гьезда рагIичIеб. Гьеб мехалъ киназдаго бичIчIана гьесул къимат, гьесул дарсазде рачIине байбихьана хIурматиял гIалимзабицин.

Имам Мунавие къимат кьуна гIемерал гIалимзабаз. Гьесда хадур рачIарал мукIурлъула гьесул кIодолъиялъе, лъикIлъиялъе, хаслъиялъе.

МухIиббияс гьесул хIакъалъулъ абуна: «Гьев ккола кIудияв имам, бахIсазда баянго жаваб кьолев, машгьурал асаразул автор. Щаклъи гьечIого, гьев ккола жиндир заманалъул бищун кIудияв гIалим. Гьев вукIана такъва бугев имам, зугьд бугев ва ракIбацIцIадго ТIадегIанав Аллагьасе ﷻ гIибадат гьабулев чи. Сабру бугев ва Аллагь гIемер рехсолев вукIана. Гьев къойида жаниб цо нухалъ гурони кваналев вукIинчIо, жиндир заманцоязул цонигиясе щвечIеб диналъул бичIчIи ва лъай гьесулъ букIана».

Цогидав гIалимчияс гьесул хIакъалъулъ абуна: «Щаклъи гьечIого, гьев вукIана жиндир заманцоязул бищунго хIадисал лъалев, гьединго гьеб рахъалъ бищунго тIахьал хъвазе махщел бугезул цояв ва хIадисазул гъваридго мухIканлъи гьабизе лъалев.

Имам Мунавияс хъвана машгьурал гIелмабазул асарал, гьес жиндирго бутIа лъечIеб цониги гIелму батиларо. ГIадада гуро МухIиббица абураб: «Гьес живго кьуна тIахьал хъваялъе ва гIемерал гIелмабазул тIахьалги гIуцIана», - ян.

КIвар кьезе ккола имам Мунавица нусгоялдаса цIикIкIун тIехь хъван букIиналде, гьезда гьоркьоса бищунго машгьураблъун ккола «Файзул Къадир би-шарх1и ЖамигI ас-сагъир» абураб тIехь.

Имам Мунави дунял тун уна хамиз къоялъ, 1031 соналъул сафар моцIалъул 23 къоялъ, 78 сон байдал.

 

Шамил МухIаммадов

2026-07-01 (МухIаррам 1448 с.) №13.


ГIибадатлъун жиб кколеб

ДугIа ккола инсанасдаги Аллагьасдаги гьоркьоб бугеб рухIияб кьо. Кьоялда тIасан цогидаб рахъалде щвезе кIолебгIадин, гьанибги Аллагьасде ﷻ ахIи базе ва Гьесде гIагарлъизе кIола.   Аварагасул ﷺ хӀадисалда буго: «ДугӀа ккола гӀибадаталъул нах», - ян (ат-Тирмизи). ДугӀаялъул...


Шайих Ахlмад-афанди

Дагъистан гвангъараб Файизалъул нур, Дуниялго цIураб Иршадалъул бакъ. ГIаламго баччарав Къуватав устар, ХIакъалде ахIулев ГIелмудал ралъад. Дир хирияв устар, АхIмад-афанди. ХIакъаб иршадалъул Камилав устар. Нижер ургъел гьабун ГIумру кIочарав, Нижер ургъел гьабун Гьарделев...


«Салатавиялъул цолъи»

Казбек районалъул «Ореховая Роща» абулеб бакӀалда тӀобитӀана Россиялъул халкъазул цолъиялъул соналде данде ккезабураб «Салатавиялъул цолъи» абураб цIаралда спортивияб тадбир. Тадбиралъул официалияб бутӀаялда ва шапакъатал кьеялъул тадбиралда гӀахьаллъана: ДРялъул...


Бекерулеб заманалъул хIикмат

Замана сверула сагIтал тирула, Сон хехго бачIуна, херлъун ватула. (Инхоса ГIалихIажи)   Халкъалда гьоркьоб гIемер бицунеб жолъун ккола ахираб мехалда заман хехго унеб бугилан абун. ХIакъикъаталдаги гьедин букIин бихьулебги буго. Щибго ургъел гьечIого нилъ рукIаго ун батула анкь, моцI,...


РухӀияб централда мажлис

Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афанди ва муфтиясул гӀакълучи ГIайна ХIамзатова гӀахьаллъана ГӀиса аварагасул цIаралда бугеб РухӀияб централда Щулани росдал гӀадамаз гӀуцӀараб шукруялъул мажлисалда. Гьеб тадбир гIуцIун букIана МухӀаммад аварагасул ﷺ цIаралда бугеб мажгиталъуб чIабар...