Аслияб гьумералде

ГIатIаъ ибну РабахI

ГIатIаъ ибну РабахI

ГIатаъ ибну РабахI гьавуна 647 миладияб соналъ, лъабабилев ритӀухъав халиф ГӀусман ибну ГIаффанил заманалда. Гьев вукIана тархъарав лагъ. Инсул цӀар Аслам яги Салим буго, эбелалда – Барака. Хадуб гьесул хъизан гочана Маккаялде ва гьениб ана хутӀараб гӀумру.

 

ГIатаъ дагьав рекъав ва къуларав вукIана. Гьеб сабаблъун гьесда хӀалтӀизе кIолароан. ГьитIинго байбихьана ХӀарамалъул мажгиталде, МухӀаммад аварагасул ﷺ машгьурал асхӀабзабазул дарсазде хьвадизе ва гьезухъ гIенеккизе.

ГIатаъ ибну Абу РабахI рикӀкӀуна хӀадисал лъикI лъалев ва божизе бегьулев гӀалимчилъун. Гьев цӀалана машгьурал асхӀабзабазда цеве ва бицана ибну ГӀабасидаса, ибну ГӀумаридаса, ибну ГӀамридаса, ГӀабдуллагь ибну Зубайридаса, МугӀавиятидаса, Усама ибн Зайдидаса, Жабир ибну ГӀабдуллагьидаса, Зайд ибну Аркъамидаса ва гьел гурел цогидаздасаги рагIарал хIадисал. Цо-цо баяназда рекъон, гьес бицана 200-гIанасев асхӀабасдаса рагIарал хIадисал.

Заманалъул къимат гьаби.

ГIатаъ ибну Абу РабахIица цониги лахIзат гӀадада хвезабичӀо. Исламалъул гIемерисел гIалимзабаз абуна гьесие гӀелму щвеялъе гьеб иш сабаблъун кканин.

Къо лъабго бутIаялде бикьи.

ГIатаица жиндирго къоялъул тӀоцебесеб бутӀа бетIергьаналъул амраби тIуразарун инабулаан.

КIиабилеб къоялъул бутӀа ТIадегIанав Аллагьасе ﷻ гӀибадат гьабун инабулаан. Гьес гIемер какал ралел рукIана. Бицуна, щибаб сардилъ 200-гӀанасеб ракагӀат какил балеб букӀанин ва 70 нухалъ хӀежги борханин абун. ХутӀараб къоялъул заман гьес тӀубанго гIелму лъазабиялъе кьолеб букIана.

Хважаиналъ васасул ракӀба-цӀцӀалъиги исламияб гӀелму босизе бугеб гъираги бихьун, гьесие эркенлъи кьола. Гьеб лахӀзаталдаса нахъе байбихьана вукӀинесев гIалимчиясул гӀумруялъулъ цӀияб нух – Аллагьасул ﷻ диналда гъорлъе лъугьин. Хадусеб къого соналъ ГIатаица гӀелму тIалаб гьабуна Маккаялда бугеб ХӀарам мажгиталъуб, къватӀивего вахъинчӀого.

Гьев цӀалана ГӀаишатида, Абу Гьурайратида, Умму Саламида, Жабирида ва ибну аз-Зубайрида цеве. Мажгит гьесул рукълъун лъугьана ва гьениб гьесул лъимерлъиги гӀолохъанлъиги ана.

Гьесул мутагӀилзаби.

Ибн ГӀабасидасан ва ибн ГӀумаридасан гIемерисеб гIелму щвана ГӀатаъ ибн Абу РабахIие. Гьесул нухмалъиялда гъоркь цӀалана АбухӀанифа, Авзай, Лайс ва цогидалги гIалимзаби.

Амма ГӀатаъ ибну Абу РабахIил дарсазде хьвадана гӀелму тӀалаб гьабулел бусурбаби гурелги, пачалихъиял хӀаракатчагӀиги. Масала, ГIамавиязул халифзаби: Валид ибну ГӀабдул-Малик ва Сулайман ибну ГӀабдул-Малик.

ГIалимзабаз кьураб къимат.

Тарихчи Ибн СагӀадица хъвалеб буго: «Маккаялъул агьлу суалалазе жавабал цIехон ГIатIаъ ибн Абу РабахIихъе ва Мужагьидасухъе хьвадулел рукIана, амма цӀикӀкӀарасел ГIатIаъ ибну Абу РабахIихъе рачIунаан», - ян.

Бусурбабазул гӀалимчи, мухIаддис ва тарихчи ибн ХӀиббаница хъвалеб буго: «Гьев вукӀана кӀудиял табигӀиназул (асхӀабзабазда хадур рилълъаразул) цояв, щаклъи бугебщинаб жоялдаса рикӀкӀад чӀарав, жиндирго лъикӀлъиялдалъун машгьурав ва гӀелму бугев чи».

Цо гIалимчияс абуна: «Дида лъабго чи вихьана, гӀицӀго ТӀадегӀанав Аллагь разилъиялъе гӀоло гӀелму щвезе бокьарал. Гьел ккола ГӀатаъ, Мужагьид ва ТӀавус», - абун.

Имамасул зугьд ва тIабигIат.

Бицуна, ГӀатIаъ ибну Абу РабахI, херлъараб мехалъги, гьоркьоса къотӀичӀого къаси-къаси какал ралев вукӀунаанин, цо ракагӀаталда жаниб «Бакъара» сураталъул кӀинусгоялдаса цӀикӀкӀун аятги цӀалун. Ва рокъоре гӀадамал рачӀараб мехалъ, гьес абулаан: «Заман хисун бугеб куц! Ниж гIадал чагIазухъе гIадамал рачIине байбихьана», - ян.

Лъугьа-бахъин.

Цо къоялъ гьев бусурбабазул хӀаким Гьишам ибн ГӀабдул-Маликихъе уна. Къадруяв гIалим вихьидал, Гьишамица гьесие салам кьола ва жиндаго аскӀов гӀодов чӀезавула. ЦӀар рагӀарав гIалимчиясе хъулухъ гьабизе бокьиялъ, халифас гьесда гьикъула мурад щиб бугебилан ва ГӀатаица абула: «Я, муъминзабазул амир, Маккаялъул ва Мадинаялъул гӀадамал руго Аллагьасул лагъзал ва Аварагасул ﷺ мадугьалзаби. Гьезул бутӀаги гьезул харжалги гьезда гьоркьоб бикье», - ян.

Гьесухъ гӀенеккун хадуб, халифас амру гьабула гIалимасул гьари тӀубазабеян ва цӀидасан гьикъула цоги мурад бугищилан. ГӀатаица хадубги абула: «Шагьарал ва росаби цIунун гӀорхъода ругел гӀадамал ккола тушманасде данде рахъун, бусурбабазе квешлъи бокьарав чи чӀвазе хIадурал чагIи, гьезие кколеб бутIа кье, гурони гьел хвани, гӀурхъаби цӀунизе чиго хутӀизе гьечIо», - ян.

ГIалимчиясул гьари халифас къабул гьабуна ва нахъеги гьикъана цоги мурад бугищилан. Гьелъие ГӀатаица жаваб кьола: «Зиммиязда (исламалъул цӀуниялда гъоркь ругел насраниязда ва жугьутӀазда) тӀад къаге гьезда бажарулареб жо, гьездаса нужеца босула нужерго тушбабазда данде кумек гьаби», - ян.

Ва гӀалимасул гьеб гьариялда халиф разилъана, амма гӀалимчиясе жинцаго хъулухъ гьабизе бокьун, гьес нахъеги гьикъана цоги мурад бугищилан.

Гьелда данде ГӀатаица абула: «Аллагьасдаса хӀинкъа, муъминзабазул амир. Дудаги лъай хвезе, цинги мунго цохӀо хутIизе вукӀин», - ян.

Гьеб кинабгоги абун, ГIатIаъ нахъе уна. Гьесул рагӀабаз рекӀее асар гьабурав хӀаким гIодула.

ГӀумруялъул ахирисел сонал.

ГIатIаъ ибну РабахIица бана 87 сон. Гьесул гӀумру букӀана гӀелмуялъул ва хӀалтӀул, такъваялъул ва Аллагьасукьа хӀинкъиялъул цӀураб.

Хвелалде цебе ГӀатIаъ ибну РабахI тӀубанго беццлъана. Цо-цо баяназда рекъон, гьев хвана 733 соналъ. Амма гӀемерисез абухъе, хваравлъун рикIкIуна 732-абилеб миладияб соналъ.

 

МухIаммаднаби АхIмаев

2026-08-01 (Сафар 1448 с.) №15.


Дир гьитIинабго насихIат

Нилъер жаниса рахъ дабагъ лъугьиндал, Хвел-хобалъул хIисаб дарулъун ккола. Дуниял течIого хун унел чагIаз, ГIемераб гъапуллъи нахъе хъамула.   ХъантIун тIагIаталъе цере кколеца, Каранда нилъер ракI хIалтIизабула. Гьунар гьезул гIадин гIечIонаниги, Нилъерго кIарчанлъи...


ГIинкъал гIадамалги кIочон толаро

ГӀинкъазул ва гIинда бакIазул ТӀолгороссиялъул жамгӀияталъул Дагъистаналъул регионалияб отделениялъул вакилзаби, гьелъул председатель АсхӀаб Госенакаевасул бетӀерлъиялда гъоркь, щвана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиясухъе. Данделъиялда гьалбадерица ракӀ-ракӀалъулаб баркала...


Къарзалъе щиб бугониги кьей

Къарзалъе гIарац кьей хирияб ишги нилъер Аварагасул ﷺ суннатги буго. Амма налъи бецӀи ккола тӀадаб жо. КигӀан ритӀухъав вукӀаниги, налъи бецӀизегӀан яги къарз кьурав чи тӀаса лъугьинегӀан, гьеб тӀаса кколаро. Гьединлъидал, бусурбанчиясе рекъола кIванагIан къарзалъе жо босичIого тезе, чарагьечIеб...


РекIелъ букIунеб

РекIелъ букIунеб Бусурбанчияс жиндирго хасият-гIамал берцин гьабизе ккола. Аллагьасдаса хIинкъи буго бищун лъикIаб зад инсанас цадахъ босулеб. ТIадегIанав Аллагьасги ﷻ абидал, Гьесдаса хIинкъи (такъва) бищун лъикIаб задлъун бугин.   Къуръаналда буго (магIна): «…Бищун лъикIаб...


Къеч буссинабулеб

Риидал хъарпуз гIемер кванала. Гьелъ къеч буссинаби гуребги, сахлъиялъеги пайда гьабула. Лъим, витаминал, минералазул ва антиоксидантазул къадар цIикIкIараб букIиналъ, хъарпуз рикIкIуна риидалил бищунго сахлъиялъе пайдаял кванил нигIматазул цояблъун.   Хъарпузалъулъ букIуна 90 проценталде...