Аслияб гьумералде

Астраханалде мугIалимзабазул сапар

Астраханалде мугIалимзабазул сапар

Астраханалде мугIалимзабазул сапар

Гьал къоязда Дагъистаналъул исламияб университеталъул мугIалимзабаз сапар бухьана Астрахань шагьаралда аскIоб бугеб накъшубандияб тIарикъаталъул устар МахIмуд-афандиясул зияраталде.

 

МахIмуд-афанди гьавуна гьижрияб 1225 ва миладияб 1810 соналъ Алмало абураб росулъ. Жакъа гьеб росу Азербайжаналде гъорлъе ккола, амма цебе Дагъистаналъул ЦIоралъул ракьалде гъорлъе кколаан.

Гьев вукIана борхатаб черхалъул, гьайбатаб гьумералъул, берцинаб мегежалъул, гьуинаб каламалъул инсан. ГIемерисел тIахьазда хъван буго гьев магIарул миллаталъул вукIанин абун. Гьес гIемер абулаан: «Дун Дагъистаналдаса вуго, дие Дагъистаналъул гIадамалги цIакъ рокьула», - ян.

ГьитIинаб къоялдаса байбихьун МахIмуд-афандияс гIелму цIализе байбихьана. Кьерилазда гьоркьов гьев загьирлъана берцинаб тIабигIат-гIамалалдалъун, пагьму-гьунаралдалъун, хIерен-лъи-хIалимлъиялдалъун. ГIелму-ялдехун бугеб кутакаб рокьиялъ, къокъаб заманалда жаниб, гьев цеветIуна диниял ва дунявиял гIелмабазулъ. Гьесда камилго лъалаан мантIикъ, астрономия, математика, философия ва гьел гурелги гIелмаби.

Багинуса ШугIайб-афандияс хъван буго: «ШаргIиял гIелмаби лъайгун цадахъ, МахIмуд-афандиясда камилго химияги лъалаан», - абун.

ТIарикъаталъул нухда МахIмуд-афандиясул тIоцевесев устар Юнус-афанди вукIана. Гьесул тарбияталда гъоркь МахIмуд-афанди вахана вилаятул сугъра абураб макъамалде. Гьелдаса гIемер мех иналде, Юнус-афандияс гьесие гIадамал тIоритIизе ижазаги кьуна. Гьелдаса хадуб Юнус-афандияс гьесда абуна жеги тIадегIанаб, дуе азалалдаго хъвараб макъамалде щвезе вукIине устар валагьизе бегьилин абун. Цинги гьев дандчIвана Гьашиму Ямшани абулев устаргун. Жиндир тарбия гьабун тIубайдал, Гьашимицаги гьесие гьабуна тIарикъат малъизе ижаза. Гьединго МахIмуд-афандиясе тарбия щвана ГIабдула аль-Макки, ИсмагIил Ширвани, Халидшагь Багъдади гIадал машгьурал устарзабаздасанги.

МахIмуд-афандияс жиндаго хадуб тIарикъаталъе изну бугев 10 маъзун тана. Микьго - Дагъистаналдаса, кIиго - Астраханалдаса.

ГIумруялъул къисматалъ МахIмуд-афанди гIумру гьабизе ккана чанги батIи-батIиял бакIазде. Чанго нухалда тамихI гьабун Сибиралдеги витIана. Жиндир соназул ахиралда гьес чIей гьабуна Астраханалда. Машаик абураб росдада аскIоб бугеб хабалалъ вукъунги вуго.

Живго хвезе дагьал къоял хутIидал, захIматго унтарав МахIмуд-афанди, Астраханалда аскIоб бугеб хабзалалъ вукъарав Нажмудинил Кубраян (Заман-хIажи Бухари) жинда абулев шайихасул зияраталъ ана. Гьесда цадахъ рикIкIен гIемерал муридзабиги рукIана. Зиярат гьабун хадуб МахIмуд-афанди гьесул хобалда гIагарлъухъ вахъун чIана ва гьениб гIансаги тункун, абуна: «Дир диналъул вацал! Дун гьаб бакIалда вукъе, ин ша Аллагь дир хоб гьаниб букIине буго», - ян.

Зияраталде ун рукIараз ракI-ракIалъулаб баркала загьир гьабулеб буго нижее лъикIаб гьоболлъи гьабурав Кочубей поселокалъул имам ГIабдуллагьие ва Астраханалда дандчIвай, камилаб хъулухъ-хIурмат нижее гьабурал Болъихъ районалъул Инхело росдал гIолохъабазе. Аллагьас аза-азар даражаялде бахинабеги гьабурабщинаб лъикIаб гIамал.

 

МухIаммад СултIанов

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Цоцазе мисал

Нилъер хъизам букIине ккола сахлъи бугеб щулияб жамгIияб гIуцIилъун. Рокъоб гIадлу гьечIони, хъизан-лъималаз гIумру гьабизе гьечIо исламалда рекъон, бажаризе гьечIо гьел лъикIал бусурбабилъун лъугьинарун.   Аслияб масъала буго Аварагасул ﷺ уммат гьоркьоса къотIичIого цIикIкIунеб хIал...


РакI чIаго гьабулеб

Гьаб заманалда гIемерисеб мехалда дунялалъул ишазда сверун лъугьун рукIиналъ нилъ лъугьунел руго аслияб иш кIочон толеллъун. Нилъер ракI буго черх чIаго гьабун би жиндасан сверулеблъун гуребги иманалъул ракIбацIцIалъиялъул унго-унгоял бусурбабазул хасияталъул бакI ва нилъ Халикъасда ﷻ хурхинарулеб...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

Сапар буго инсанасул гIумруялъул цо бутIа. Муъминзабазе гьеб ккола Аварагасдаса ﷺ мисал босун ТIадегIанав БетIергьанасде ﷻ гIагарлъизе рес щвейги. Нилъер Аварагас ﷺ нухда кинаб хьвада-чIвади букIине кколебали малъа-хъваял гьари гуребги, жиндирго мисалалдалъунги бихьизабуна сапаралда ругелъул...


Жиндаго тIад хIалтIи

Нилъеца гьарулел гIамалал ритIарал ругищали яги чиядехун гьабулеб гIамалалъулъ тохлъи биччалищали пикруго гьабулищ нилъеца? Мекъи рукIин лъалищ, къабул гьабулищ, гьеб битIизабизе хIаракат бахъулищ?   Гьайгьай, гьелъул пикру гьабизе ккела. Лъазе ккола аварагзаби хутIизегIан, гунгутIабаздаса...


Якутскиялда «Лъаялъул сордо»

Якутскиялъул аслияб мажгиталда тIобитIана МухIаммад аварагасул ﷺ хIурматалда «Лъаялъул сордо» абураб цIаралда гъоркь тадбир. Гьелда гIахьаллъи гьабуна ДРялъул муфтияталда цебе бугеб регионалияб цебетIеялъул департаменталъул нухмалъулев АхIмад Надирбеговас ва гьесул заместитель ГIизраил...