Аслияб гьумералде

Росдал чIухIи

Росдал чIухIи

Росдал чIухIи

ХIасан ХIилми ккола Болъихъ районалъул АнсалтIа росулъа.  ГьитIинго цIалана Къуръан, гьеб рекIехъе лъазабизелъун хьвадана батIи-батIиял гIалимзабазухъе.  РекIехъе Къуръан цIалиялъул къецазда кколаан цересел бакIалги.

 

2023 соналда гьев цIалана, ай Къуръан мухIкан гьабиялъул мурадалда, Сириялдаса хIафиз ГIабдуррахIман ибну Фарисида цевеги.

Исана Хасавюрталда тIобитIараб къецалдаги гьес ккуна тIоцебесеб бакI ва мустахIикълъана «Лада Гранта» машинаялъе.

Гьединго, 25 маялда МахIачхъалаялда тIобитIараб ДИУялъул лъагIалил цIалул хIасилал гьариялъул мажлисалда, муфтиясги кьуна гьесие хIежалде ине ихтияр кьолеб путёвка.

21 маялъ ансалтIисезул жамагIаталъ лъикIаб дандчIвай гьабуна ХIасан ХIилмиясда ва гьеб рохалилаб хабаралда хурхун тIобитIана росулъ кIудияб мажлисги.

 

 

 

 

 

 

Гьанже дица баркила, дир росдал чIухIи,

ХIасан ХIилми, дуда, дур гьеб бергьенлъи.

Росуго бохизе гьабурав дуе,

Батайги Аллагьас хIадурун Алжан.

Эбелги, эменги, кIияйго яцги,

Дур баракат камун гьел хутIугеги.

Хирав ХIабибасул шапагIатги щун,

Жаннатул фирдавсалда данде гьареги.

Дуца жакъа росу бохизабуна,

Вохизе гьавеги Аллагьас мунги.

Аллагьгун Авараг разияб гIамал,

Насиб гьабун кьеги Аллагьас дуе.

Хадубги баркула росдал агьлуялъ,

Дуда Къуръан малъун мун тIовитIарав

Нилъерго росулъа нилъер мугIалим

Хайрулал МухIаммад ХIафизасдаги.

Гьединго баркула, дур мугIалимал

АхIмадгун Зубаджи ГIабдуррахIманги,

АнсалтIа росдае мун хIадурарал,

Аллагь разилъаги нужедасаги.

Жегиги баркула, Мурад мугIалим,

ГIелму гьесда малъун къойил хIалтIулев.

Щуявго мугIалим, гьарула нужей

ХIасан ХIилми нижей хIадураралъухъ,

Щибаб гьас цIалулеб хIарп-хIарак рикIкIун,

Даражаби рорхун рохизареги,

ГIелмуялда бугеб щибаб хIарп рикIкIун,

Рохизе гьареги ахираталда.

Ахирги гьарила БетIергьанасда

Нилъерго росдае гьадинаб гьари:

АнсалтIа росдае Аллагьас кьеги

ХIасан ХIилми гIадал гIемерал васал.

Бищунго кIудияб баркала буго,

Дагъистанул муфти АхIмад афандий,

Гьалщинал мадрасал гIуцIарав дуе,

Алжаналда хъулби насиб гьареги.

 

 

СагIадуллагь ГъазимухIаммадов,

АнсалтIа росдал мадрасалъул мугIалим

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...