Аслияб гьумералде

ТIадегIанаб бечелъи

ТIадегIанаб бечелъи

ТIадегIанаб бечелъи

Жакъа гIелму тIалаб гьабизе бокьаралгIан ресал кьун руго ТIадегIанав Аллагьас ﷻ. Амма гьелъул ургъел гьечIев чи, вухьун цIалдезавуниги, хIасил кколаро. Гьединлъидал рекъараб буго, ургъелги гьабун, дагьа-макъабгIаги заман гIелму лъазабиялъе кьезе. Мисалалъе, какичури, как бай ва кIал кквей гIадинал суалал лъазаризе сунца зарал гьабулеб бугеб? ХIалтIуда ругонигицин, гьоркьо-гьоркьоб лъазабуни, цIалани, саламатаб лъай щун батула.

 

Дагъистаналда гIезегIан руго Къуръан ва диналъул аслаби лъазаризе хьвадулел ригьалде рахарал гIадамал. Гьел сунца гьенире рачунел ругел? Гьайгьай, гIелму лъазабизе бугеб рокьиялъ ва ургъелалъ. Нилъер гIалимзаби цебе заманалда гIезегIан рикIкIаде унаан гIелму тIалаб гьабизелъун. Имам Бухарияс, мисалалъе, анцIаза-азар километр нахъа тана гIелму тIалаб гьабулаго. Нилъеейин абуни жакъа цIакъго бигьаго буго, гьединал сапарал гьаризего кколаро. БакIаздаго бугелъулха рес. Гьелъухъ щукруги гьабизе ккола ТIадегIанав Аллагьасе ﷻ. Амма ургъел гьабичIони, бигьаго кьурал нигIматазул къимат гьабунгутIи ккеларищ?

Абу Дардаица абуна: «Цо суал гIелмуялъул лъазаби дие цIикIкIун бокьула, цо сордо гIибадаталда борчIиялдаса», - ан. Цоги абуна: «Къиямасеб къоялъ гIадамал рахъинарула жал хвараб хIалалда. ГIалимчи вахъинавула гIалимлъун, жагьил - жагьилчилъун.

Гьесго абун буго: «Балагь буго гIелму тIалаб гьабуларесе ва жеги анкьго балагь буго гIелмуги лъазабун гIамал гьабуларесе», - ян.

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гIелму кьолила талихIал гIадамазе ва гьелдаса махIрумги гьарулила талихIкъарал. (Абу Дардаъ)

ГIелму буго къуватаб жо. Гьелдалъун инсанасе лъай щола. Къуръаналда ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, Аллагьасдаса ﷻ хIинкъараллъун гIалимзаби рехсана. Сунцаха гьел гьелде рачарал? Гьайгьай, гIелмуялъ. Гьелъ инсан вачуна ТIадегIанав Аллагь ﷻ лъаялде. Аллагь ﷻ цIикIкIун лъарал БетIергьанасдасаги хIинкъула.

ХIасанул Басрияс абуна: «ГIалим ккола, кив вугониги, Аллагьасдаса ﷻ хIинкъулев чи. Гьес Аллагьасе ﷻ бокьулеб гьабула ва Гьесул ﷻ ццим бахъунеб тола», - ян.

Муса аварагас, Аллагьгун ﷻ мунажаталда вугев мехалда, гьикъула: «Дуе бищун рокьулел гIадамал щал?» - абун. Аллагьас ﷻ абула: «Жинца гIелму тIалаб гьабулев гIалимчи», - ян.

Нилъее рекъола цогидазда малъарилалде нилъецаго гIамал гьабизе. Нилъецаго гьабулареб жо цогидазда малъулев мурадалде щоларо.

ГIали-асхIабасе сипат гьабун Аварагас ﷺ абуна жив гIелмуялъул шагьар вугин ва ГIали-асхIаб гьелъул каву вугин абун. ГIали-асхIабас абуна: «МацIалда бугеб гIелму ккола гIодобегIанаб жо ва бищун тIадегIанаб ккола лугбазда жиб загьирлъараб», - ян.

ГIабдуллагь бин ГIаббасица абуна: «Сулайман аварагасе гIелмуялдаги, боцIиялдаги, ханлъиялдаги гьоркьоса бокьараб тIаса бищизе рес кьуна. Гьес бищана гIелму. Цинги Аллагьас ﷻ гьесие кьуна боцIиги ханлъиги», - ян.

Балагье, диналъул вацал ва яцал, ТIадегIанав Аллагьас ﷻ бечелъи кин кьолеб бугебали гIелмуялъул агьлуялъе.

Жакъа модаялда буго блогеразухъ гIенекки, щиб гьез бицаниги гьезда божулелги руго. Гьезул цо-цояз ахIулел руго гIалимзабазде мугъ рехизе. Нилъее рекъола хIакъикъияб гIелму тIалаб гьабизе ва гIалимзабазул таржамаги лъазабизе. ГIалимзабазул таржама нилъеца лъазабидал, нилъеда бичIчIула гьезул къадру-къимат, нилъедаги гьездаги гьоркьоб бугеб батIалъи. ГIалимзаби рикIкIунарев ккола чIухIарав чи. Гьединасги абула гьелги живги цого макъамалъул чагIи ругилан. Аллагьас ﷻ цIунаги нилъ гьединаздаса.

ГIалимзабиги руго умматалъго къабул гьарурал. Масала, имам ШафигI, имам Малик, имам АбухIанифа, имам АхIмад, ГIизудин ГIабдусалам, имам Бухари, имам Муслим, ХIафиз ГIиракъи, имам Манави, имам Сахави, ибн ХIажар ГIаскъалани, имам ГIали бин Мадини - имам Бухариясул мугIалим, ибн Малик, имам Навави, ай гьезул къадар рехсон лъугIиларо.

ГIелмуялъул ва гIалимзабазул хиралъи Исламалда жаниб цIакъ кутакаблъун рикIкIуна. Гьелъул хиралъи бицун рачIана аятал ва гIемерал хIадисал. Къуръанги хIадисги нилъеда бичIчIизе ккани, гIенеккизе ккола гIалимзабазухъ.

 

Шамил МухIаммадов

2026-09-01 (РабигIул аввал 1448 с) №17.


Нужее баяналъе

1. Муъминун абун сураялда щай абураб? – Муъминзаби ва гьезул сипатал рехсеялъ. 2. Чан сураялда рехсараб дунял хIайгIадинаб жо бугин абун? – Ункъо сураялда: «АнгIам», «ГIанкабут», «МухIаммад», «ХIадид». 3. ШайтIаналъул хъаравулзаби абун...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Лъимер хьихьизе бачине бокьун буго     Дир йикIана яс. Гьей унтана ва къадаралда щвана. Гьеб ками цIакъго захIмалъана. Лъимер гьабулеб ригьалда гьанже дун гьечIо, амма лъимер хьихьизе бачине бокьун буго. Аллагьасда ﷻ цебе гьеб лъимер дирлъун лъугьунищ?   Ш.,...


Щал кколелали бихьизабуна

Нилъер диналда жаниб кутакаб бакI кколеблъун буго аманат, божилъи гьабураб тIубазаби, ритIухълъи цIуни абураб иш. Гьебги гIицIго гьабулеб гIадатияб ишалда хурхин гуреб, муъминчиясул гIумруялъул Аллагьасулгун ﷻ жиндир бугеб гьоркьоблъиялдаса байбихьун ва хIатта хIайваназул ургъел гьабиялде щвезегIан...


Кин цIуни гьабилеб?

Адамил лъимер битIараб нухдаса къосинабизе, квешаб гIамал гьабизе гьесизабизе кидаго хIаракат бахъула иблисалъ. Гьелдаса цIунизе инсанасе бищун кумек гьабула Аллагьасдаса ﷻ кумек тIалаб гьабиялъ.   Гьедин гьабейин Къуръаналда абулебги буго (магIна): «…рахIматалдаса бачахъараб...


Тафсир агьлуялъул маяк

Имамзабазул, хасго чIахIиял гIалимзабазул къимат лъала гьезул таржама гъваридго лъазабидал. Гьелдаго цадахъ имам вокьизеги вокьула. Амма лъаларев чи вокьизе кIоларо. Аварагас ﷺ абухъе, гIалимзаби ккола гьесул ирисилал. Щайгурелъул, Аварагас ﷺ жинда хадуб тола гIелму. Гьел ккола гьеб ирс босулел ва...