Аслияб гьумералде

ЦIалдолезул пикраби

ЦIалдолезул пикраби

ХIурматиял газета цIалулел! ХатIалъуларев инсан вукIунарелъул, бокьилаан газеталда ккараб гъалатI нижеда лъазабуни. Газеталда рорхизе бокьарал суалал, макъалаби, пикраби ратани гьаб 7 988 458 16 63 номералде ахIизе ва хъвазе бегьула.

Газеталъул ахирисеб номералда кьун букIана

«Дунялалъул рахIатазул кинаб нужеца бищунго лъикIаблъун рикIкIунеб?» - абураб суал.

Гьелъие рачIарал жавабал кьолел руго гъоркьехун.

ГIелму цIали, эбел-инсул адаб цIуни.

ГIужда как баялдаса, устарас тIадкъарал вирдал тIураялдаса рахIатаб жо цоги букIунаро.

Зама-заманалда магIардеги вахун Аллагьасул ﷻ ТIадегIанлъиялъул пикру гьаби.

Хадусеб номералъе суал «Ихтияр букIарабани гIумруялъул кинаб рахъ хисизабилеб букIараб нужеца»

ГIуж бихьун гьабулеб рахIат ва тира-свери.

Дунялалда гьабулелдаса рахIат щоларо, рахIат букIина Алжаналъуре лъугьиндал.

РахIат букIуна къойида жаниб гьабизе кколеб хIалтIи тIубайдал.

Цоги чиясе налъи кьезе гьечIолъи, чияде ккунгутIи.

Дир пикруялда рекъон, диналъулъ бугеб гIатIилъиялдаса щола кутакаб рахIат.

Чияде кколареб сахлъи кьей буго бищунго кIудияб рахIатги талихIги.

Чвахун унеб гIурулъ чвердеялде данде щибго бачIунаро.

Камураб нигIмат гьечIо. Аллагьас ﷻ кьуралда шукру гьабизе кIвей буго рахIат.

Аллагь ﷻ разияб гIуму гьабизе щвей.

ТIубараб къоялъги хIалтIун рокъове щведал, чвердезеги чвердон телевизоралда цеве вегиялъ рахIат гьабула.

РахIат букIуна диналъул вацалгун цадахъ хIухьбахъи гьабизе индал.

Исламияб дагIват гьабизе щвеялдаса рахIат щолеб жо дида бихьичIо. РахIат щолел жал гIемерал руго, амма гIелму цIалиялдасангIан пайдаги рахIатги сундасаго щоларо. БоцIи буго нилъеца цIунизе кколеб жо, гIелму буго нилъ цIунулеб жо. МутагIиллъун хвезе щвей кIудияб нигIмат буго. Аллагьас I щивасе кьеги гIелму цIали къуват.

Лъималги рукъалде руссун, гьезул лъималазе тарбия кьезе кумек гьаби ва бажарараб къагIидаялъ Аллагь рехсон ругеб заман.

Дие бищун бокьула чӀорбутӀ речӀчӀи. Напсги боххулеб, суннатги цӀунулеб. Гьединго лъикӀаб иш буго тӀехь цӀали, хъизам-лъималгун цадахъ къватӀире рахъин.

Чорхое рахIат гьабула гIагабожаралгун хIухьбахъизе индал.

ГьитIинаб къоялдаса нахъе спорталде тIадчIей гьабула. Тренировкаби гьарулеб заман бищун рахIатаб буго.

Лъималазе исламияб тарбия кьеялда жаниб батула рахIат.

ГIодоркъояз рокъов вугеб мехалда кутакаб рахIат букIуна.

«Ас-салам» казият цIализе щвей щукру гьабизе ккараб жо буго. Пайдаял макъалабазул цIун буго гьеб. Гьеб цIалулаго щола рахIат.

ХIурматиял цIалдолел. Газеталъул щибаб номералда, «ЦIех-рех» абураб рубрикаялда гъоркь, нужее кьезе буго цо-цо суал. Гьелъие жаваб битIизе бегьула СМС хIисабалда гьаб номералде (ватцап): 7-988-458-16-63. Нужеца ритIарал жавабал рахъизе руго хадусеб номералда.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...