Аслияб гьумералде

ЦIалдолезул пикраби

ЦIалдолезул пикраби

Газеталъул ахирисеб номералда кьун букIана «Кинаб бугониги тIехь цIалулищ нужеца? Гьелда тIад кигIан заман хвезабулеб?» - абураб суал. Гьелъие рачIарал жавабал кьолел руго гъоркьехун.

ТIехь цIаличIого гьоркьоб къо биччаларо. Радалги къасиги цIалула 15 минуталъ. Хасго щибаб какда хадуб Къуръан цIаличIого толаро.

ЦIалула. Цо-кIиго сагIатниги бала.

Хадусеб номералъе суал «Дунялалъул рахIатазул кинаб нужеца бищунго лъикIкIаблъун рикIунеб?»

Къисасул анбияъ» цIалула 20 минуталъ.

Ахираб заманалда тIахьазулгун гьудуллъи загIиплъун буго. Телефоназ, интернеталъ жанире цIарал тIахьазде регIулелго гьечIо. БитIараб бицани, байбихьудаса ахиралде щвезегIан тIехь цIалараб заман кIочана. Гьеб гъалатI битIизабизе ракIалда буго, амма напсалъ чIел босулеб буго.

Лъималазда цадахъ дарсал гьарула тIубараб кIиго сагIаталъ. Гьезул тIахьал дицаги цIалула.

Кутакалда бокьула тIахьал цIализе. Цо тIехь цIализе байбихьида гьеб тIубанго цIалун гурони гIодове виччаларо.

ТIахьал цIали лъикIаб жо батана дида. ГIурус мацI лъазе гIемер цIалула гIурус тIахьал. ГIагашагарго къойил 30 минуталъ цIалула.

ТIахьал цIализе цIакъ кIвахIалав вуго, амма телефон кодоса биччараб заманго букIунаро.

Къойил цIалула Къуръан 10 минуталъ.

ТIахьал цIали лъикIаб жо буго заман бугев чиясе, амма дир заманго гIоларо гьелъие. ТIубараб къоялъ хIалтIуда вукIуна, рокъове вачIиндал цIакъ сваканги вукIуна.

ЛъагIалида жаниб 30 тIехь цIалун рагIалде бахъинабула.

Цеве дун вукIинчIо тIахьал цIалулевлъун. Ахираб заманалда жаниб цIакъ модаялде бачIун буго тIахьал цIали. Дицаги росун руго тIахьал, амма цIализе жеги регIичIо.

Къойил радал-бакъанида цIалула ракьалда тIад бугеб бищун лъикIаб тIехь - Аллагьасул калам.

КъалъизегIан мадрасалда исламиял тIахьал цIалула, къасе светскиялги цIалула.

Ахирисеб нухалда тIехь кодобе кида босун букIарабалицин кIочон тана.

ХIурматиял цIалдолел. Газеталъул щибаб номералда, «ЦIех-рех» абураб рубрикаялда гъоркь, нужее кьезе буго цо-цо суал. Гьелъие жаваб битIизе бегьула СМС хIисабалда гьаб номералде (ватцап): 7-988-458-16-63. Нужеца ритIарал жавабал рахъизе руго хадусеб номералда.

ХIурматиял газета цIалулел! ХатIалъуларев инсан вукIунарелъул, бокьилаан газеталда ккараб гъалатI нижеда лъазабуни. Газеталда рорхизе бокьарал суалал, макъалаби, пикраби ратани гьаб 7 988 458 16 63 номералде ахIизе ва хъвазе бегьула.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...