Аслияб гьумералде

ЦIалдолезул пикраби

ЦIалдолезул пикраби

Иргадулаб номералъе гьабуна «МоцIрое щвараб мухьалъул гIемерисеб гIарац сунде хвезабулеб нужеца?» - абураб суалалда хурхун цIех-рех. Гьелъие рачIарал жавабал кьолел руго гъоркьехун:

МоцIрое щвараб мухьалъул гIемерисеб хвезабула машиналда тIад, кьола газалъухъгун токалъухъ, интернеталъухъ, телефоналъухъ. Нилъер умумул гIадин квананги ретIунги тIуралел рукIаралани, инсанасе цIакъ дагьаб мухь гIолаан. Амма гьелда къокълъун хутIулеб гьечIо. Гьелъ батила абулебги, бугебгIан гIолареб жо бугин гIарацин абун.

МоцIрол ахиралда щолеб гIарац хвезабула льималазе къваригIаралда тIад, рокъобе нигIматал росун, квартираялъухъ кьун.

МоцIрое щвараб мухьалъул гIемерисеб хвезабулеб бакI щибдай букIина хъизамалда щуго чиги вугони, моцIрое бачIунеб гIарацги 25 азаргоялде бахунеб гьечIони.

Дир пенсиялъул гIемерисеб бутIа лъималазе, лъималазул лъималазе бикьун лъугIула, дирго рукъ бетIергьанчияс хьихьун буго.

Хадусеб номералъе суал: «Авараг гьавураб моцI бачIиналда хурхун кинал тадбирал нужеца гьарулел?»

Рокъобе къваригIараб жо босула.

Кванихъ ва дарабазухъ уна.

Лъимер хьвадулеб яслиялде кьезе ккола саламатаб бутIа.

ЧIужуялъухъе кьола. Гьелъ тIубала рукъалъул мурадал.

Квартираялъухъ кьун лъугIула дир харж.

ХвезабизегIан гIемерго щоларо баракат лъеяб.

ГIемерисеб хола машинаялда, телефоналда, рокъоре росулел продуктабазда, хъизан-агьлуялда тIад. ХутIараб гIарац рукъ къачIаялде биччала.

Щуго соналъ цебе кредит босун букIана. Гьеб бецIулаго гIемер гIакъуба бихьулеб буго. БачIараб харж тIубанго гьелъухъ кьола. Рукъалъе хIажатаб чIужуялъул харжалдаса босула. Воре, кредиталда аскIоре къаге.

ТIолабго харж уна рукъалъул ва хъизан-агьлуялъул хIажатазе.

Дун вуго гIолохъанчи. Хъизан гьабизе хIадурлъулев вуго. Гьединлъидал щвараб гIарац эбел-инсухъе кьола. Гьез кколелъубе хIалтIизабула.

Кибе араб лъачIого дунялалъул хIажатазе ун батула. ЦIакъ баракат гьечIеб жо буго дунялалъул боцIи.

Харжалъул бащдаб нухда уна. ХутIараб хъизан-агьлуялда тIад хвезабула. Диего щибго толаро.

ХIурматиял газета цIалулел! ХатIалъуларев инсан вукIунарелъул, бокьилаан газеталда ккараб гъалатI нижеда лъазабуни. Газеталда рорхизе бокьарал суалал, макъалаби, пикраби ратани гьаб 7 988 458 16 63 номералде ахIизе ва хъвазе бегьула.

ХIурматиял цIалдолел. Газеталъул щибаб номералда, «ЦIех-рех» абураб рубрикаялда гъоркь, нужее кьезе буго цо-цо суал. Гьелъие жаваб битIизе бегьула СМС хIисабалда гьаб номералде (ватцап): 7-988-458-16-63. Нужеца ритIарал жавабал рахъизе руго хадусеб номералда.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...