Аслияб гьумералде

ЦIалдолезул пикраби

ЦIалдолезул пикраби

Газеталъул ахирисеб номералда кьун букIана «Лъималазе тарбия кьезе кигIан заман нужеца хвезабулеб» - абураб суал. Гьелъие рачIарал жавабал кьолел руго гъоркьехун:

  • Гьаб заманалда кIвар бугеб суал буго гьеб, щайин абуни дунявиябгин ахираталъулабги школал- садиказда малъилин абун эбел-инсуца тIасамасаго тани, тIубаларо гьеб иш, лъималазул жаваб кьезе кколел гьел ругелъул.
  • Дун гьаб суалалда тIад ургъидал, гьелъие унеб заман 5-10 минут батилин ккана дида. Щайин абуни, радал хIалтIуде унелъул гьел жеги кьижунго рукIуна, къаси вачIиндал гьезде вуссунеб хIал диргоги букIунаро.
  • Цо сагIатгIаги дица гьелъие къаси заманалъ биччала.
  • Лъималазда лъикIаб-квешаб малъулейин йикIуна дун, бугониги дирго гьечIеб гIакълу-лъай щибха гьездаги малъилеб. Амма цIикIкIаразул адаб, гIисиназул хIурмат гьабизе кколин абураб гIадаб жогIаги малъичIого толаро.
  • Къойида жаниб эбелалъ малъаралдасаги инсуца цо сагIаталъ гьабураб бергьуна.
  • Лъималазе рокъоб тарбия гьабичIони, магIарул мацI кIоченалда хIинкъи буго.
  • Гьеб суалалда тIад ургъидал дида ккана тарбия гьабиялъе заманго хвезабулеб гьечIин.
  • Дица льималазе тарбия кьеялда тIад кIванагIан гIемер заман хвезабула, гIелмиял дарсал кьола, Къуръан малъула. Дун гьечIони хъизаналъ малъула. Лъимал руго нилъее аманат гьабун Аллагьас кьурал жал.
  • Тарбия кьеялъе нижеца лъимал ритIула мадрасалде, гьединго рокъобги тIадчIей гьабула.

Хадусеб номералъе суал «Кинал чагIи нужеца лъималазе мисаллъун рачунел»

  • Кидаго гьезда хадуй чIун йикIуна. ТIоцере какал райин абула, хадуб кинабго цо-цоккун малъула. Аллагьас ритIун ккезареги.
  • Рахъаралдаса къаси регизегIан кIал чIезе толаро. Как базе, дугIа гьабизе малъун ва гьеб гуреб цогидабги.
  • Ниж ккола Рихьуниб росулъа Мурадил лъимал - ГIабдулхIамид ва МухIаммад. Ниж радал рогьалил какде уна эменгун цадахъ. Рогьалил какдаса щведал школалде хIадурула, цинги гьенире уна. Школалдаса рокъоре щведал бакъани какдеги ун, гьенисан мадрасалде уна. Мадрасалдасан гугариялъул тренировкаялде уна, гьенисан - рокъореги. Дарсалги гьарун, боголил какги бан кьижула. Къват!ал сверизе заман нижер букIунаро.
  • СагIид афандияс хъвараб тIехьалдаса цIалун букIана ахираб заманалда лъималазе тарбия кьеялдаса хIайваназе кьезе бигьа букIинин. Гьелъухъего, Аллагьас тIоритIайги киналго бусурбабазул лъимал битIараб нухде. Дир лъимал гIурал руго, бугониги гьездаги хадуб хъаравуллъи гьабизе ккола.
  • ГIага-шагарго 2-3 сагIат балин ккола.
  • Школалде инегlанги, школалдаса рачlун хадубги тарбия кьола. Жеги кlодоэбелалъги гlакъилал харбал рицуна гьезие.
  • Лъималазе тарбия кьезе замана чIезабун бажариларо, амма кигIан заманалъ кьуниги зарал гьелдаса букIинаро, пайда гурони. Щибаб къоялъ гьезда чIалгIинаредухъ Аллагьасул нухда хьвадизе малъула, Аварагасул суннатал тIуразе гьесизарула. Малъула кIудиязул адаб цIунизе, гьезие хъулухъ гьабизе, эбел-инсул адаб гьабизе кколеблъи. Школалдаги учителас абураб, малъараб гьабизе кколеблъи. Телефоназ хвезарулел руго, тIуранго тIезарунги данде ккезехъин гьечIо, цогидазухъ бугеб мехалъ жиндие щай бегьуларебин абун ракIалде кколеб буго. Гьединлъидал дица тIадкъарал ишал тIуран хадуб гурони гьезухъе кьоларо. ЦIализе гъира бахъинабула исламалда хурхарал тIахьалги. Амма бицун лъугIулеб жо тарбия букIинаро.
  • Ресалда рекъон кIванагIан цIикIкIун заман тIамизе ккела лъималазе тарбия кьеялъе, гьел нилъер букIинесел ругелъул.

ХIурматиял цIалдолел. Газеталъул щибаб номералда, «ЦIех-рех» абураб рубрикаялда гъоркь, нужее кьезе буго цо-цо суал. Гьелъие жаваб битIизе бегьула СМС хIисабалда гьаб номералде (ватцап): 7-988-458-16-63. Нужеца ритIарал жавабал рахъизе руго хадусеб номералда.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...