Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе
  1. Жиндир къасдал Къуръаналъул аяталгун цадахъ ккарав асхIаб щив?

-  ГIумар-асхIаб.

  1. Жиндаса малаикзаби нечолев асхIаб щив?

-  ГIусман-асхIаб

  1. Аварагасул кIиго яс ячарав чи щив вукIарав?

-  ГIусман-асхIаб.

  1. Къуръаналда бищун кIудияб аят щиб?

-  Дайнун (налъиялъул) хIакъалъулъ бугеб аят, сура «Бакъараялда» жаниб.

  1. Суннаталда жаниб гIемер рехсей гьабурав чи?

-  ГIали-асхIаб.

  1. Бищун божи бугев абун цIар щварав асхIаб щив?

-  Абу ГIубайда ибн ЖаррахI.

  1. Жиндир хвел сабаблъун ГIарш багъарарав асхIаб щив?

-  СагIд ибн МугIаз.

  1. АсхIабзабазда гьоркьов бищун нич бугев щив?

-  Абу Зарр.

  1. Бищун цIикIкIун хIадисал рицарав асхIаб щив?

-  Абу Гьурайрат.

  1. Малаикзаби гIенеккизе рачIунедухъ берцинго цIализе лъалев щив вукIарав?

-  Усайд ибн Гьудайр.

  1. Къуръаналъул бищун кIудияб сура щиб?

-  Сура «Бакъара».

  1. Къуръаналъул тафсирчийилан лъида абураб?

-  Ибн ГIабасида.

  1. Мунапикъзаби ратIарахъизе лъалев асхIаб щив вукIарав?

-  ХIузайфату Ямани.

  1. ХIалал-хIарамалъул цIикIкIун жо лъалев щив вукIарав?

-  МугIаз ибн Жабал.

  1. Сура «Кавсар» гIадинаб гьитIинаб лъабго аят бугеб сура щиб?

- Сура «ГIаср».

 

Шамил МухIаммадов

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...