Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе
  • Зобалазда тIоцебе как лъица ахIараб?
  • – ЖабрагIил малаикас.

    1. Щив хведал ГIарщ багъарараб?

    – СагIад ибну МугIаз хведал.

    1. «СубхIана раббиял агIла» абун тIоцебе лъица абураб?

    – Исрафил малаикас.

    1. ТIоцебе «СубхIаналлагь» абун лъица абураб?

    – ЖабрагIил малаикас.

    1. «ВалхIамдулиллагь» абун тIоцебе лъица абураб?

    – Адам аварагас.

    1. ЧIужугIаданалъул цIаралда тIоцебе рещтIараб сура щиб кколеб?

    – Марьям.

    1. ТIоцебе гIараб мацIалъ кIалъарав чи щив вукIарав?

    – ИсмагIил авараг.

    1. Лъелъ букIунеб щиб рухIчIаголъи рехсон бугеб Къуръаналда?

    – Кит.

    1. Бану исраилазул ракIал ТIадегIанав Аллагьас ﷻ сунда релълъинарурал?

    – ГанчIазда.

    1. Къуръаналъул таж щиб кколеб?

    – Бисмиллагь.

    1. Васвас рекIелъе рехулеб шайтIаналда цIар щиб?

    – Ханнас.

    1. Нуралъул бетIерилан абураб тIокIцIар лъие щвараб?

    – ТIуфайл бин ГIамр Ддавсие.

    1. Имам ШафигI щиб соналъ гьавурав?

    – 150-абилеб гьижрияб соналъ.

    1. Чан хIадис бицараб ибну МасгIудица?

    – 848 хIадис.

    1. ГIумар-асхIабас чан хIадис бицараб?

    – 537 хIадис.

    1. Масжидул хIарамалда бараб как чамида бащалъулеб?

    – 100000 азарго кириялда.

    1. Щив асхIаб вукIарав цIикIкIун аварагасда ﷺ релълъарав?

    – ХIасан бин ГIали.

    1. Маккаялда чан сура рещтIараб?

    – 85 сура.

    1. Мадинаялда чан сура рещтIараб?

    – 29 сура.

     

    Шамил МухIаммадов

    2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


    «Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

    Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


    Нужее баяналъе

    Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


    ГIагарасдасаги гIагарав

    Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


    Суал-жаваб

    Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


    Аллагьасе ﷻ рокьуларел

    Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...