Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

1. РакIалда хурхараб гIелму щиб кколеб?

– Тасаввуф яги нафс бацIцIад гьаби.

2. Суфьян бин ГIуяйнат щив кколев?

– Мужтагьид ва бергьарав мухIаддис.

3. Имам ДаракъутIни щив кколев?

– ХIадис-гIелмуялъул бергьарав мухIаддис.

4. Щиб тIехь хъвараб гьес хIадисалда хурхун?

– «Сунану ДаракъутIни» абураб тIехь.

5. Ансаразул сайидилан лъида абулеб?

– СагIд бин МугIазида.

6. Исламалда тIоцевесев къази (судияв) щив вукIарав?

– ГIумар бин ХатIаб.

7. ХIадисалъ гIадамал мекъи ккезарулищ?

– ГIалимзабаз абула гIалим гурев чи гьелъ къосинавулин абун. ГIилла - мекъи бичIчIи.

8. Авараг ﷺ гьавураб соналда цIар щиб букIараб?

– Пилалъул сон.

9. ЧIужугIаданалъе как базе рокъобищ хирияб бугеб яги мажгиталдайищ?

– Рокъоб базе хирияб буго. Рукъ гьезие мажгитлъун гьабуна исламалъ.

10. ГIумар-асхIабас чан хIадис бицараб?

– 537 хIадис.

11. Чан соналъ Аюб авараг балагьалде ккун вукIарав?

– 18 соналъ.

12. ГIакъидаялъул чан имам вугев?

– ХIакъикъаталда лъабго вуго. Имам Абул ХIасан АшгIари, имам Матуриди ва Асаритал – гьезул имам ккола имам АхIмад.

13. Исламалъул чан рукну бугеб?

– Лъабго: иман, ислам, ихIсан.

14. Анкьил бищун хирияб

къо щиб?

– Рузман къо.

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...