Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

1. «Къаф» абун сураялда цIар щай тараб?

– «Къаф» абун байбихьулеб букIиналъ.

2. Сура «ВакъигIат» абун цIар щай кьураб?

– «ВакъигIат» абун авалалда рехсеялъ ва Къиямасеб къоялъул бицунеб букIиналъ.

3. Чан нухалъ бакъ рехсон бугеб Къуръаналда?

– 32 нухалъ.

4. Кинаб аят кколеб ТIадегIанав Аллагьас ﷻ тIолабго сахлъи жиндилъ данде гьабураб?

– Сура «АгIрафалъул», 31-абилеб аят. «Нуж кванай ва гьекъей, амма исрапчилъи гьабуге», - ян абураб.

5. ЦIваби чан нухалъ рехсарал Къуръаналда?

– КIиго нухалъ.

6. Къиямасеб къо чан нухалъ рехсараб?

– 48 нухалъ.

7. Къуръан абун чан нухалъ бачIараб?

– 68 нухалъ.

8. Щиб сура кколеб гIалимзабаз жиндирго хIакъалъулъ абураб азарго къисабазде, азарго амруялде ва азарго нагьюялде щвей гьабулеб?

– Сура «ал-Бакъарат».

9. Къиямасеб къоялъул цIар тIоцебе Къуръаналда киб рехсараб?

– «Явму ддин» абураб сура «ФатихIаялда» рехсана.

10. Кинав аварагасул амруялдалъун гьури пулеб букIараб?

– Сулайман аварагасул.

11. «Бакъарат» сура рокъоб цIалани щиб букIунеб?

– ШайтIан лъутула.

12. Щиб сураялъ ризкъи тIаде цIалеб?

– «ВакъигIат» сураялъ.

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...