Аслияб гьумералде

Бакъ: гьудулищ, тушманищ?

Бакъ: гьудулищ, тушманищ?

Хъизамалъул, рукъалъул ургъалабазул цӀураб заманалда руччабазда кӀочон тола жидерго тIалаб-агъаз гьабизе. Нилъер берцинлъиги сахлъиги ккола ТӀадегӀанав Аллагьасул сайгъат ва гьел цӀунизеги ккола.

 

Нилъер гӀумруялда жаниб кӀудияб бакӀ ккола бакъул нуралъ. Гьелъ кумек гьабула черхалъе, лугбал щула гьарула ва иммунитеталъе хӀажатаб Д витамин кьола. Амма гьелдаго цадахъ бакъудаса бачӀуна тӀомое зарал гьабизе бегьулеб ультрафиолет (УФ). УФалъ, нилъер тӀом щулалъиялъе ва гӀолохъанаб сипаталъе жавабчилъи кьолел белкабазе, коллагеналъе зарал гьабула. Гьелъ рачуна заман щвелалдего херлъиялде, гьурмада тӀанкӀал лъугьиналде (веснушкаби, пигментация), гьумералъул кьер иналде. Гьебго УФ ккола тӀомол рак унти ккеялъе аслияб гӀиллалъунги.

 

Бакъул заралалдаса кин цӀунизе кколел?

Исламалъ нилъ ахӀула Аллагьасул аманатлъун кколеб черхалъул тӀалаб-агъаз гьабизе. Гьединлъидал, дурго тӀом бакъудаса цӀуни ккола гӀицӀго берцинлъиялъе гIоло гуреб, Аллагьасе шукруялъул ва дурго жавабчилъи букIиналъул загьирлъилъун. Гьале цо-цо гӀадатал, амма хӀасил кьолел малъа-хъваял:

  1. ХӀалуцараб, багIарараб заманалда битӀахъе бакъудаса рикӀкӀалъе. Бищунго хӀалуцараб УФ букIуна радал сагӀат 10-ялдаса бакъанида сагӀат ункъоялде щвезегӀан.
  2. ХӀалтӀизабе бакъудаса цӀунулеб крем. Гьеб ккола бакъул заралалде данде къеркьеялъе аслияб кумекчи. ТӀаса бище бакъудаса цӀуниялъул SPF (Бакъул цӀуниялъул коэффициент) цӀикӀкӀараб крем: щибаб къойил хӀалтӀизабизе ккани, лъикӀаб букӀуна SPF 30, бакъукь халат бахъун рукIине ругеб мехалъ SPF 50 ва гьелдаса цӀикӀкӀараб. SPFалда тIад хъван букIине ккола «гӀатӀидаб спектралъул цӀуниялъе», - ян. Бакъудаса цӀунулеб крем бахине ккола къватIире рахъиналде 15-20 минуталъ цебе, тӀом бакканщинаб бакIалда, сахаватаб къадаралда. Щибаб кӀиго сагӀат индал, лъим хъвани яги цӀакъго гIетI бани, цӀидасан бахина.
  3. Бакъудаса цӀуниялъе ретӀел ретӀе. Аллагьас ﷻ тIадкъараб хIалалъ ретIараб ратIлица чIужугIаданалъул черх камилго бакъудаса цӀунула.

Нилъеца нилъерго чорхол тӀалаб-агъаз гьабулеб мехалъ, нилъеца гьабула Аллагьасул сайгъатазул адаб. Нилъер тӀом цӀунизе гьабулеб хӀаракат букӀине биччанте ракӀбацӀцӀадаб гӀибадатлъун ва ТӀадегӀанав Аллагьасе шукру гьабилъун.

 

Хадижат Хизриева

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...