Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе
  1. «Табаракалъул» жузалда жаниб чан сура бугеб?

– 11 сура.

  1. Аллагьасул ﷻ гъалбацIилан лъида абулеб букIараб?

– Аварагасул ﷺ имгIал ХIамзатида.

  1. Щиб сураялда жаниб Аллагьас ﷻ 10 васият гьабураб?

– Сура «АнгIамалда», аят 151-153.

  1. Имам ШафигI кида накълулъарав?

– 204 гьижрияб соналъ.

  1. Имам Маликил машгьурав мутагIалим щив вукIарав?

– Имам ШафигI.

  1. Сура «Юсуф» абун щай цIар тараб?

– Юсуф аварагасул камилаб къиса жинца жаниб бачиналъ.

  1. Къуръан хисизабизе щай кIолареб?

– Гьеб цIунизе Аллагьас ﷻ тIад босун букIиналъ.

  1. Марям абураб цIар чан нухалъ рехсараб Къуръаналда?

– 3 нухалъ.

  1. «Марям» сураялда жаниб чан авараг рехсарав?

– 11 авараг.

  1. Сура «ТIагьа» абун щай цIар кьураб?

– Авалалда ТIагьа рехсон вукIиналъ.

  1. «Къурайш» абун сураялъе цIар щай кьураб?

– Къурайшал авалалда рехсон рукIиналъ.

  1. Бихьиназул бищун цебе аварагасда ﷺ иман лъица лъураб?

– Абубакар-асхIабас.

  1. ТIоцебе чан как тIад гьабун букIараб?

– 50 как букIана. Хадуб тIаса рехун щуго как хутIана.

  1. Мадинаялда рузман базе тIоцере данделъаразул чан чи вукIарав?

– 40 чи.

  1. Исламалъул лъабабилев халиф щив?

– ГIусман-асхIаб.

 

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...