Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

1. Какичури гьечIого Къуръан цIализе бегьулищ?

– Бегьула, Къуръаналда хъвалев гьечIони.

2. Къиямасеб къоялъул магIна щиб?

– Дунялалъул чIаголъи, гьелъул тадбир лъугIун ккей.

3. ФиргIавнил тавбу Аллагьас щай къабул гьабичIеб?

– Холеб мехалъ, кIанцIизе бакI тIагIиндал гьабулеб букIиналъ. Кинниги ТIадегIанав Аллагьас гьевги гьесул халкъги кантIиялъе гIемерал сабабал кьун рукIана.

4. Алу ГIимран абун сураялда цIар щай кьураб?

– Гьениб ГIимранил агьлу рехсеялъ. Гьединго гьениб рехсолеб буго Ибрагьим аварагасул агьлуги.

5. Тавбу ва гьелда релълъарал рагIаби Къуръаналда чан нухалъ рехсараб?

– 83 нухалъ.

6. Туснахъалда вугеб мехалъ Юсуф аварагас щиб гьабулеб букIараб?

– Туснахъалъул ругел ТIадегIанав Аллагьасе гIибадат гьабизе ахIана.

7. Аварагас щив витIун вукIарав ансаразухъе гьезда ислам малъизе?

– МусгIаб бин ГIумайр.

8. Тушманасул рокъоб тарбия щварав авараг щив вукIарав?

– Муса авараг.

9. Щай ТIадегIанав Аллагьас Къуръаналда рехсарал аварагзабазул къисаби?

– Нилъее пайда ва дарслъун букIине.

10. ТIоцеве авараг Мадинаялде вачIунелъул лъида вихьарав?

– Ягьудиязул цоясда.

11. УхIудалъул заманалда аварагас r къадекак гIодовчIун щай бараб?

– Щвараб ругънаца вахъун чIун базе захIмалъиялъ.

12. ЧIужугIаданалъ как ахIизе бегьулищ?

– Бегьула, гьаракьги борхизабичIого, чияр бихьиналги гьечIеб бакIалда.

13. 13, 14, 15-абилел кIалазда хъахIал кIалал абун щай абулеб?

– Щайгурелъул гьел къояз моцI букIуна гвангъун. Цинги гьел къоял ккола хъахIлъарал гIадин.

ШАМИЛ МУХIАММАДОВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...