Дилималда - аварагасул ﷺ асарал
Дилималда - аварагасул ﷺ асарал

ХIурматиял дагъистаниял, магIарулал! Нилъ талихIал руго Дагъистаналда хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ асарал рукIиналдалъун. Аллагьасе рецц, лъагIалида жаниб чанго нухалъ гьел рихьизе нилъее рес кьуралъухъги. Гьадинаб талихIалъе мустахIикълъана гьаб хирияб рамазан моцIалда жаниб Казбек районалъул Дилим росу. Бицаралда гIей гьабичIого, гьезулгун рохел гIахьал гьабизе, нижер редакциялъги бухьана гьенибе сапар.

Росу рагIалде щолаго бакI-бакIазда хъварал игIланаз лъазабулеб букIана Дилималда кIудияб байрам букIин. Росулъе гIагарлъанагIан бихьулеб букIана цо батIияб рагъа-рачари, чIаголъи, унел-рачIунезул гьурмазда бугеб гьими ва гъваридаб рохел.

Гьел асарал лъурал мажиталде щолаго бугоан зияраталъ рачIарал гIадамазул гIемераб халкъ. Нижер хIукму ккана гьенир дандчIварал цо-цо диналъул вацалгун яцазул пикру ва гьел асарал рихьун хадур лъугьараб асаралъул хIакъалъулъ цIехезе. Нуж божиларо, бералъ магIу кквезе кIвечIого бицун бажаричIелги ккана. Гара-чIвари байбихьана муфтияталъул северияб округалда вугев вакиласулгун, Казбек районалъул имамзабазул советалъул нухмалъулесулгун ва Дилим росдал имамасулгун.

Дагъистаналъул муфтияталъул северияб округалда вугев вакил ГIизраил МухIаммадбасиров:
- Гьал асарал Казбек районалде рачIиналъе щиб сабаб ккараб?
- Дагъистаналъул муфтияталъ, жамагIаталъул гьариялда рекъон, рес кьуна асарал Казбек районалде рачIине. Гьединаб ихтияр ва талихI щвараблъи лъана цо моцIалъ цебе. МашаАллагь, гьазул жамагIаталъ кутакаб гъираялда къабул гьабуна гьедин щвараб рес. Къокъабго заманалда жаниб гьабуна кинабго хIадурлъи. Абизе бегьула Казбек районалда гьелда дандчIвай гьабизе къватIиве вахъинчIев чи вукIун ватиларин абун.

Казбек районалъул имамзабазул советалъул нухмалъулев ГIамиргIали Абубакаров:
- Асаразда дандчIваялъе хIадурлъиялъул хIалтIи кинаб тартибалда гIуцIараб?
- ТIоцебесеб иргаялда, нижеца гIуцIана оргкомитет. Гьелде гьоркьоре рачана щибаб росдал имам ва жамгIияв хIаракатчи. Дандбана кинабго хIалтIи ва щивас тIадкъараб иш ракIбацIцIадго тIубазабуна. РакI-ракIалъулаб баракала загьир гьабизе бокьун буго гьеб хIадурлъиялъул хIалтIуе квербакъанщиназе. Хасго райадминистрациялъул хIалтIухъабазе, районалъул бетIер ХIажимурад ХIажиевичасе. Гьединго баракала буго районалъул киналго гIолохъабазе, харабазе, хасго руччабазе.
- Бичасул аварагасул ﷺ асарал рачIине рес щванин рагIараб заманалда гьеб хабар кин къабул гьабураб районалъул жамагIаталъ?
- БитIараб бицани, гIемер рохиялъ кIанцIизе бакI тIагIун рукIанин абизе бегьула. Гьезул букIараб рохалие нугIлъи гьабула росулъе щвелалде бугеб посталдаса бахъараб, 16 километралъ, халкъалъ жидер рокъоса росун рачIун нухда тIансаби тIамуна гьоркьоб щибго бакI течIого. Хирияв МухIаммад ﷺ авараг районалде вачIунеб гIадаб асар бихьулеб букIана гIадамазул гьурмазулъ.

Дилим росдал имам Шамил-хIажи Къурбанов:
- Нужер росдал гIадамазул кинаб жигарчилъи букIараб асаразда дандчIвай гьабиялъулъ?
- Районалъул имамас бицухъе, кинабго хIалтIи бикьун букIана. Асарал рачIиналде гьелъул жавабиял рачIуна. Гьезул рукIуна хасал малъа-хъваял. Гьел тIуразаризе нижее захIмалъичIо. Щайгурелъул цIияб бараб мажгитги, гьелда сверухъ гIатIилъиги букIиналъ. ТIаде базе щибго ккечIо. Бугебго бакIалда цо дагьабго тадбир гьабун тIубана. ЖамагIаталда жеги тIубан лъалеб гьечIо гьал асаразул кинаб баракат букIунебали. ИншаАллагь, гьалъул баракат нахъе бугеб кинабго гIумруялъего ва наслабазего хутIила.

Рупият ГIумарова, ЦIобокь-Миякьо росу:
- Дун асарал рихьизе чанго нухалъ щвана Чачаналъе, МахIачхъалаялде, Дербенталде. Аварагасулгун ﷺ асхIабзабазул асарал рихьидал батIияб хIал лъугьуна, ракIги къварилъизе бачIуна. РагIабаздалъун загьир гьабизе кIолареб асар щун букIана тIоцере рачIун рихьараб мехалда. Гьелдаса хадуб хIежалде щведал, гьениб Маккагун Мадинаги, аварагасул ﷺ Равзаги бихьидал, черхалъе лъугьараб хIалалдаса хадуб гьанже бигьаго букIунеб буго асаразухъ балагьизе.
Дагъистаналъего баракат камугеги, аварагасул ﷺ шапагIат щваги, гьанир данде гьарурал кинниги рокьулелгун ГIарасаталда рихьизе хъванги батаги киналго.

Хатимат, КIижани росу, Болъихъ район:
- АлхIамдулиллагь, дир гIумруялда жаниб лъабго нухалда асарал рихьизе хъван букIун буго дие БетIергьанас ﷻ. Гьезда аскIое щведал букIараб асар, лъаларо кин загьир гьабилебали, рихьизе ккола, гурони бичIчIуларо. Вай аман, бегьулеб букIарабани щибалда квер хъвалаан, кодобе босун убач гьабилаан. Цебесаго унеб гьечIо аварагасул ﷺ рас, хвалчен, яс ПатIиматил букIараб кверзул гьобо, ГIаишатил гулгун.
Аллагьас ﷻ киналъулго баракат камун тогеги нилъ.

Хадижат Сайпудинова, Гуни росу, Казбек район:
- Рецц Аллагьасе ﷻ нижер районалде асарал рачIаралъухъ. РачIине ругин бицунеб рагIаралдаса нахъего анищ букIана гьел рихьизе ва рихьидал цо гIажаибаб асарги гьабуна черхалъе. Кутакалда йохарай йиго гьезда берчIвазе рес щвеялдаса. Хехго цересен ине кколел рукIиналъ ракI гIорцIизегIан гьезухъ балагьизе щвечIо. ИншаАллагь, жеги щвезе батила.
Аварагасул ﷺ асарал рихьи гьечIищха, нилъер умумузеги щвечIеб, чанго соназ цере Дагъистаналде щвезе ругин абун ракIалдецин кколел рукIинчIел нигIматал. Гьабун бажаруларебгIанасеб щукру буго БетIергьанасе ﷻ ва гьаб нилъее щвеялъе сабаблъун ккаразе. БетIергьанас ﷻ рахIмат цIадлъун чваххизабеги тIолабго МухIаммадияб умматалде, щибго щаклъи гьечIо гьезда цадахъ нижер районалде аварагасулгун ﷺ гьел асаразул бетIергьабазул баракатги бачIун батиялда.
Аллагьас ﷻ киназего сахлъи кьеги, гьабулеб гIамал-гIибадаталъулъ тавпикъ гьабеги, аварагзабазде ва гьезул ирсилазде рокьи бижаги, цоцазда гьоркьоб махIабат цIикIкIаги.

Кудаев ГIабдулмуслим, Урма росу:
- Дие кутакалда рекIее гIуна Дилималда гьеб кинабго гIуцIараб къагIида. Гьезие баркалаги буго. Киназего гьарула сахлъи, хасго муфти АхIмад-афандиясе.

АхIмад МухIамаднуров, Инхо росу:
- Дун гьаниве асарал щвезаризе щун вукIана. МашаАллагь кутакаб хIадурлъи гьабун бугоан. Аллагьас ﷻ Дагъистаналъего баракат щвезабеги.

МахIмуд-афанди, Дилим росу:
- Аварагасул ﷺ асарал нижер гьанире рачIиналъухъ, тIоцебесеб иргаялда, гIурхъи гьечIеб щукру буго ТIадегIанав Аллагьасе ﷻ. ГIемерав чи ватила асарал рихьизе анищин абун. Гьел рихьизе щвей буго нилъее талихI. АлхIамдулиллагь, рес щвана чанго нухалъ гьезда бер чIвазе. Гьел рихьидал букIараб хIал бицун бажаруларо. Баракат насиб гьабеги киназего, дунял-ахираталъул балагьаздаса цIунаги, рагъ-кьал рикIкIалъаги.

ЖабрагIилова ГIаишат, Болъихъ район.
- Гьадинал зияратал къойил ругониги ине разиял руго ниж. Цееги щун йикIана МахIачхъалаялда ва Хасавюрталда рукIарал аварагасул ﷺ асаразул зияратазде. Унго, асаразда цеесан унаго аварагасда ﷺ цеесан унеб хIал букIуна. Киназего кьеги щулияб иман ва сахлъи. Гьадинал зияратал цIикIкIаги. Питна-балагьаздаса киналго цIунаги. «Ас-салам» казият хъвалезеги гьеб тIибитIизабулезеги кIудияб баркалаги буго.

ГIазизова Вазифат:
50 соналъ гIурус ва магIарул мацIазул мугIалимлъун хIалтIана Хубар росдал школалда.
- Аварагасул ﷺ асарал рихьизе ва зиярат гьабизе дун лъабабилеб нухалда щолей йиго. ТIоцебе МахIачхъалаялде ана, хадуб – Хасавюрталде ва гьале жакъа, ясгун цадахъ, Дилималдеги щвана. БитIараб бицани, бажариларин ккун букIана, амма ясалъ течIо, жинца кумек гьабилинги абун, къватIире рахъана. Аллагьасе ﷻ рецц, зиярат гьабизе щвана.
- Зиярат гьабиялъ кинаб асар гьабураб?
- ЦIакъ кIудияб асар гьабуна. Бадиса магIу чвахичIеб заман букIинчIо. ТIубараб гIумру ана берда цебеса бекерун. РакIалде щвана доб коммунистазул заман. Чанго батIияб гIумру бихьана дида. Дир эменги вукIана партиялъул хIалтIухъан. РакIалде щвана, рокъоб, нахъасан нуцIаги рахан, гьес как балеб букIараб куц. Эбел-инсуда бихьараб гIакъуба ракIалде щун къварилъахъдизе бачIана. Жакъа гIадинаб эркенаб, дин гьабизе рес бугеб заман цебе букIинчIелъулха. Аллагьасе ﷻ буго кинабго рецц.
- Дагъистаниязе щиб гьарилеб?
- Гьарила рохел, сахлъи, аваданлъи. Рагъ-кьалалдаса Аллагьас ﷻ хьихьаги. Украиналда бугеб балагь нилъер гьанибехун щогеги. Нилъер васал-ясал ругелъуса сах-саламатго нахъруссаги. Эбел-инсуде тIаде жаназа бачIунгеги.

Юсупов МусахIажи, 67 сон, Дилим росу.
- Аварагасул ﷺ асарал рихьизе ва зиярат гьабизе щвей кIудияб рохел буго нилъее. ЧанцIул зиярат гьабуниги цIидасанги ракI бала хириясде ﷺ зиярат гьабизе бокьун.

МухIаммадов МухIаммад, Аргъвани росу:
- 64 сонил ригьалде вахун вугониги, гьаниве вачIана воххуцаги холаго. Цере-цереги рихьун рукIана дида гьел. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ киназулго зиярат къабул гьабеги.

ГъазимухIамадова Хадижат, ЦIобокь-Миякьо росу:
- Гьадинал зияратал гьариялдалъун гIемерал пайдаби руго. РекIелъ иман щулалъула, хирияв авараг ﷺ ракIалде щола. Авараг ﷺ вихьараб хIал букIуна. Рес букIун гьадинал зияратал гьоркьор риччаларо дица. Аллагьас ﷻ киназего гьесул ﷺ шапагIат щваги. Къиямасеб къоялъ рокьаралгун рахъинареги. Гьарула киназего сахлъи, рекъел. Къуват кьеги Аллагьас ﷻ гIибадат гьабизе.

СагIид, 14 сон, Дилим росу:
- Кинабго жо берцинаб къагIидаялъ къачIан буго. Аварагасул ﷺ асарал тIоцебесеб нухалъ рихьана. БукIана гIажаибаб лъикIаб хIал. Аллагьас ﷻ къабул гьабеги.

ХIайбулаев МахIмуд-афанди, ГIаркьуб росу:
- Дилималде вачIана асарал рихьизе ва гьезул баракат щвеялде хьулгун. БетIергьанас нилъ рагъ-кьалалдаса цIунаги, аралги тIадруссун рачIаги.
Дун асарал рихьизе вачIана кIиявго васги вачун. Кинабго бихьизе гъира букIана. Аллагьас ﷻ суннат чIаго гьабизе тавпикъ кьеги нилъее. Амин.




