Аслияб гьумералде

РикIкIад чIоге

РикIкIад чIоге

Хириял диналъул вацал ва яцал! Жакъа бицина муъминзабазда гьоркьоб букIунеб унго-унгояб вацлъиялъул хIакъалъулъ. «Вац», «яц» абурал рагIаби гьадингоял жал кколаро. ХIакъикъияб вацлъи ккола щибаб къоялъ сундулъго диналъул вац цеве гьави.

 

Хирияв Аварагас ﷺ абуна: «Жидерго цоцаздехун бугеб рокьиялда, гурхIел-рахIмуялда ва ракIгурхIиялда муъминзаби руго цо черхалда релълъарал: цо лагаялъе зарал ккараб мехалъ, тIолабго черхалъ жаваб кьола макьу гьечIолъиялъ ва цIа-каналъ», - ян.

ХIадисалдасан бичIчIулеб буго цо умматлъун ругел гIадамазул бухьен кигIан гъваридаб букIине кколебали. Амма гьанжесеб заманалде балагьани, гIемерисеб мехалда цо черхалдаса цIикIкIун нилъ батIи-батIиял бутIабазда релълъун руго.

Чан нухалъ нилъеца «вацилан» абулеб, амма гьесдехун унго-унгояб рокьи букIунаро. Гьудул бечедав яги асар бугев вугони, хIаракат бахъула гьесде гIагарлъизе. Рес гьечIев вугони, бербалагьи хисула. Гьединищ Аварагасул ﷺ асхIабзабаз гьабураб? Гьединабищ букIараб Абубакар-асхIабасул мискинал бусурбабаздехун бугеб бербалагьи?

Нилъер вацлъи хвезабулеб унтабазул цояб ккола жахIда. Гьеб ккола, кьагIуялъ гIадин, бищунго бацIцIадаб къасдгицин кваналеб, хIинкъи бугеб унти. Вацасул бергьенлъабаздаса ракI-ракIалъ рохизе кколеб бакIалда, нилъ лъугьуна хIасад гьабизе. ЗахIматаб заманалда гьесул рахъ кквезе кколеб бакIалда, нилъ рохула гьесул рес къотIиялдаса. Аварагас ﷺ чанго нухалъ лъазабуна гьеб рекIел хIалалъул хIинкъиялъул хIакъалъулъ, амма гIемерисел жидерго нафсалда хадур рилълъунел руго, «гьеб тIабигIияб жо бугин» абун жалго ритIухъги гьарулаго.

Унго-унгояб вацлъиялъул хIалбихьула рохалил ва байрамалъул лахIзатазда гуреб, гIумруялъул захIматал заманабазда. Диналъул вац унтидал, гьесухъе ине заман батулищ дуда? Гьесул гIарцул рахъалъ къварилъи бугеб мехалда, гьикъичIого кумек гьабизе кIолищ? Гьесул гъалатI ккараб мехалъ, хIеренго кантIизавулищ гьев ялъуни мугъзада нахъасан гьесул гIунгутIаби тIиритIизарулевищ вукIунев? Гьесие малъа-хъвай къваригIараб мехалъ, гIакълугун ва сабругунищ дуца гьеб кьолеб яги гьесул «бичIчIунгутIиялъ» ццимищ бахъинабулеб?

Хирияб хIадисалда буго: «Аллагьас лагъасе кумек гьабула, гьес вацасе кумек гьабулебгIан мехалъ», - абун. Амма кIвар бугеблъун ккола, нилъер кумек букIине кколеблъи ракIбацIцIадаблъун. Нилъее пайдаял рукIине бегьулел чагIазе гурони кумек гьабулеб гьечIони, гьеб ракIбацIцIалъи гуро, гIадатияб бизнесалъул къотIи-къай ккола. ХIакъикъияб кумек ккола гьаб дунялалда дуе киданиги баркала кьезе кIоларев чиясул рахъ кквей.

Хасго ракI унтула дунялалъул боцIи сабаблъун вацаз гьоркьоблъи хвезабулеб бихьидал. Гьединищ нилъеда Аллагьасул Расулас ﷺ малъараб? Гьес абичIищ: «Бусурбанчиясе бегьуларо лъабго къоялдаса цIикIкIун вацасдаса рикIкIад чIезе», - ян? КIудияб дагIба-рагIаби ккун хадубги тIаса лъугьине, рекъел гьабизе, вацлъиялъул гьоркьоблъи цIунизе кколеб куцалъул мисал бихьизабичIищ гьес ﷺ нилъеда?

РачIа пикру гьабизе, живго Аварагас ﷺ нилъеда вацалин абулеб букIаго: «Дир вацал ккола дида хадур рачIун, дун вихьичIого дида иман лъурал чагIи», - ян, кинаб бербалагьи букIине кколеб цоцаздехун? Жиндир хIакъалъулъ харбал тIиритIизарулев, жахIда гьабулев чиясул вац вугин дунилан кин абизе кIолеб? Вацлъи данде кколищ чIухIиялда, кIигьумерчилъиялда ва жиндирго бетIербахъиялда?

Исламалда вацлъи – гьеб берцинаб рагIи гуро, рухIалъул щибаб къойил гьабулеб хIалтIи ккола. Гьеб ккола цогидав муъминчиясе гIоло жиндирго заман, сурсат къурбан гьабизе разилъи. Гьеб ккола дурго бергьенлъабаздаса мун вохарав гIадин, ракI-ракIалъ вацасул бергьенлъабаздасаги вохизе бажари.

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ нилъер ракIал рацIцIад гьареги, унго-унгоял вацаллъун рукIине квалквал гьабулебщинаб жоялдаса - жахIдаялдаса, чIухIиялдаса, кIигьумерчилъиялдаса ва жидеего пайда босиялдаса. Амин.

 

ХIабиб БатIалов, Лак районалъул имам

2026-07-01 (МухIаррам 1448 с.) №13.


Рецц-бакъ гьабизе бокьи

Бахчараб ширкин абулеб гIамал ккола лъикIал гIадамазда бихьизелъун, гIамалал рихьизелъун, халкъалъ рецц гьабизелъун гьабулеб ишалда. Гьеб рекIел унтиялъ инсан вачине бегьула ахираталда кири щвеялдаса махIрум гьавиялде, гьабураб гIибадат чIобогояб, пайда жиндаса щвечIеблъун гьабиялде.   Гьеб...


Аварагасул ﷺ ирсилазул цояв

Аварагасул ﷺ ирслъун жиб кколеб гIелму тIалаб гьабидал, Къуръан рекIехъе лъазабидал, нус-нус тIехь цIалидал, вукIунищха гьев чи Аварагасул ﷺ ирс босаравлъун? Аварагасул ﷺ ирс босаравлъун вукIине ккани, гьеб киналдаго цадахъ хирияв Аварагасул ﷺ тIабигIатал лъазарун ва жинцагоги гьездаса мисал босун...


Ана цоги лъагIел …

ХIурматиял бусурбаби, гьале ана цоги лъагIел. Гьижрияб тарихалъул 1447 соналъулгун къо-мехги лъикI гьабун, дандчIвай гьабуна 1448 соналда. ЛъагIел ккола гIумруялъул саламатаб бутIа. Гьелда жаниб ккезе рес буго гIемерал лъугьа-бахъинал. Цо лъагIида жаниб цIияб дунялалде рачIуна гIемерал гIадамал,...


Къимат тIадегIанав

Щаклъи гьечIо, МухIаммад аварагасул ﷺ гIумру кигIан лъазабуниги нилъее дагьаб букIиналда. ХIакъикъаталда, Аварагасулъﷺ руго рикIкIен гьечIел лъикIлъаби. Гьединлъидал нилъеца, гьоркьоса къотIичIого, гьесда хурхарабщинаб жо лъазабизе ккола, хасго «аш-Шамаил МухIаммадия» абурал тIахьал...


Аварагасги ﷺ тIадчIей гьабулеб букIараб

Къунуталъ (магьдина) какилъ хасаб бакI ккола ва гьеб ккола ШафигIияб мазгьабалда бищунго кIвар бугел суннатазул цояб. Гьеб буго рогьалил какил кIиабилеб ракагIаталда, рукугIалдаса хадуб цIалулеб хасаб дугIа. Гьединго къунут цIалула витрулъул какда, рамазан моцIалъул ахирисеб бутIаялда ва балагь...