Аслияб гьумералде

КъватIиве гъуниги рокьула

КъватIиве гъуниги рокьула

Щибаб къойил ахIи-хIуралда рукIаго нилъеда кIочон тола гIумру нилъее кьурал, жидерго парахалъиги, сахлъиги, заманги къурбан гьабун нилъ гIезарурал эбел-эмен. Гьел ккола ТIадегIанав Аллагьасул сайгъатги, цого заманалда хIалбихьиги, гурхIелги. Амма кидаго бичIчIулищха нилъеда гьезул къимат? Цо-цо мехалъ нилъеца кIвар кьола гьудулзабазде, хIалтIуде, амма бищунго гIагарал чагIазе заманги сабруги гIоларо.

 

Нилъеда киназдаго лъала лъикIлъи канлъи ва талихI букIин, квешлъиялъ гIицIго бецIлъи ва талихIкъосин бачIунеблъи. Щивав чияс жиндиего лъикIлъи тIаса бищула ва бокьула цогидаз адаб-хIурмат гьабизеги.

МухIамад аварагас ﷺ абуна: «ХIакъикъияб иман букIунаро жиндиего бокьараб жо жиндирго вацасеги гьаризегIан», - ян (Бухари, Муслим). Гьанже бачIунеб буго суал: щай нилъер цо-цояз бищунго гIагарал чагIаздехун квешаб бербалагьи гьабулебин абураб.

Нилъеца эбел-эмен тIаса рищуларо, гьез лъимал рищуларебго гIадин. Гьеб буго Аллагьасул ﷻ рахъалдасан хIалбихьи. РакIалде щвезабе, лъимер гьабизелъун дугIа гьабулеб букIараблъи, цинги гьеб гьабидал мун вохарав куц. Гьанже гьеб лъимер дуе хIалбихьи буго, мун эбел-инсуе хIалбихьилъун вугебго гIадин.

Цо къоялъ Асма бинт Абубакарица Аварагасда ﷺ гьикъана: «Дир мажусияй эбел ячIана дихъе, гьелъулгун гьоркьоблъи цIунизе кколищ», - ян. Аллагьасул Расулас ﷺ жаваб кьуна: «Эбелалъулгун гIагарлъиялъул бухьен цIуне», - ян. (Бухари,Муслим)

 

 

 

 

 

 

Къуръаналда буго (магIна): «Дур БетIергьан Аллагьас ﷻ Жиндир лагъзадериде амру гьабуна цохIо Жиндие гурони лагъи гьабугеян абун. Гьединго амру гьабуна эбел-инсуе лъикIлъи гьабеянги. Гьел эбел-инсул кIиялго яги цоял херлъун дуда аскIор хутIани ва дур напакъа-сахIалде ккун ругони, дуца гьезда щибго рихунеб рагIи абуге, гьезда бокьулареб жоги рагIизабуге. Кидаго гьезда бицунеб рагIи тамахаб, хIеренаб бице», - ян. (Сура «Ан-Нисаъ», аят 23)

ХIисаб гьабе, Аллагьасе ﷻ гIибадат гьабеян амруялда хадубго эбел-инсудехун адаб-хIурмат гьабеян амру гьабуна!

Аварагас ﷺ абуна: «Аллагь разилъи эбел-эмен разилъиялъулъ буго, Аллагьасул ццим бахъин гьезул ццим бахъиналъулъ буго», - ян. (Тирмизи)

ГIемерисеб мехалда нилъ хIадурал рукIуна гьудулзабазе бокьараб гьабизе: кафеялде ахIула, кумек гьабула, заманги къуватги хвезабула. Эбел-инсуца гьитIинаб жо гьарараб мехалъ, нилъеца гьел нахъчIвала. Амма цо къоялъ дур гьудулзаби тIагIине руго, эбел-эменин абуни рукIине руго дуе квербакъи гьабулеллъун.

Харабазул рокъов вугев цо херас абуна: «Дирго лъималаз дун къватIиве вачахъана, амма дие гьел жеги рокьула ва гьезухъ балагьун чIола», - ян.

Хириял диналъул вацал, эбел-инсул къимат гьабе гьел нужеда аскIор рукIаго. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ нилъ гьелгун Алжаналда цолъизареги.

 

МухIаммад Гъаирбеков, п. Ленинканталда авалмажгиталъул имам

2026-05-15 (ЗулкъагIида 1447 с.) №10.


Тасаввуф - цересел гIалимзабазул цIадирабазда

Исламалъул машгьурал имамзабазул яги гIалимзабазул цонигияс суфизмалда кигIан дагьабниги гIайиб чIвачIо. Ункъабго мазгьабалъул имамзабазги гьезда нахърилълъарал гIалимзабазги, тафсиралъул, хIадисалъул гIалимзабазги тасаввуф рикIкIана исламалъул рухIлъун ва ракIлъун.   – СагIид ХIаваца...


«Инсан» фондалъул лъазаби

«Инсан» фондалъ байбихьун буго Маккаялда къварилъиялда ругел гӀадамазе садакъаде бикьизе къурбан хъвезе бокьаразул гӀарзаби къабул гьаризе. Фондалъ тӀубазабизе бугин тӀолабго иш: къурбаналъе хъвезе хӀайван боси, шаргӀалъул къануназда рекъон гӀид тӀубай ва Маккаялда къварилъиялда ругезе...


Аллагьасе ﷻ бокьулеб би

Къурбанкъоялъ Адамил лъималаз гьарурал лъикIал гIамалазул бищун Аллагьасе бокьулеб гIамал би гIодобе тIей буго (къурбан хъвей).   Къурбаналъе хъураб жо Къиямасеб къоялъ бачIине буго жиндирго лълъурдулгун, расалгун, щанкIлалгун, гьелъул би ракьалде тIинкIилалде Аллагьасда ﷻ аскIоб кIудияб...


Къурбаналъул гIид

ХIурматиял магIарулал, гьале тIаде щолеб буго исламалда жаниб кIудияб гIидлъун рикIкIунеб Къурбаналъул байрам.   Гьелъул аслу буго Ибрагьим аварагасдаса бачIараб. Гьебго тарих буго исламалъул щуабилеб рукнулъун бугеб хIежалъулги. Нилъер диналъул вацалгун яцал гьел къояз рукIуна хIежалъул...


ЦIияв ректор

Саида Сиражудинова тӀамун йиго Дагъистаналъул гуманитарияб институталъул ректорлъун. Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиясул рахъалдасан баркала загьир гьабуна цеве ректорлъун вукӀарав НухӀкъади БахIмудкъадиевасе, гьес гьабураб хӀалтӀухъ. Баркалаялъул гӀаламат хӀисабалда гьесие сайгъат...