Аслияб гьумералде

Хирияб махлукъат

Хирияб махлукъат

Хирияб махлукъат

ТIадегIанав Аллагьасда ﷻ аскIоб гьаб ракьалда тIад бищун хирияб махлукъат инсан ккола. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абун буго (магIна): «Дица Адамил лъимал хира гьаруна», - ян. (Суратул «Исраъ», аят 70)

 

Малаикзабазде хитIаб гьабун ТIадегIанав Аллагьас ﷻ абуна ракьалде Жиндир чапар витIизе вугин ва гьевги малаикзабаздасаги хира гьавизе вугинги. Гьевги ккола инсан. Гьелдаго цадахъ, инсан хун хадубгицин гьесул жаназа кIодо гьабиялде ахIула нилъ шаргIалъ. Масала, жаназа чурулаго ва хабалазде босулаго берцинаб хIалалъ босизе ккола.

Аллагьас ﷻ инсан вижана Жиндие ﷻ гIибадат гьабизе. Къуръаналда буго (магIна): «Дица киналго женал ва гIадамал рижичIо жидеца Дие ﷻ лагълъи гьабизе гурони», - ян. (Сура «Аз-Зарият», аят 56)

Инсанасул гьаб ракьалде вачIиналдалъун макъсудго буго Аллагьасул ﷻ разилъи тIалаб гьабун Гьесие лагълъи гьабизе, цинги гьелъухъ кири щун ТIадегIанав Аллагьасул гурхIел-рахIматалдалъун Алжанги насиблъизе. Кинниги, кигIан ракIбацIцIадго гIибадат нилъеца гьабуниги, гьебгун цадахъ сверухъ ругел гIадамазе дагьабниги зарал гьабуни, нилъер гьабурабщинаб гIибадат гьел гIадамал тIаса лъугьинчIони, хIурде буссуна.

Цо къоялъ Аварагас ﷺ асхIабзабиги ракIарун, гьикъана: «Нужеда лъалищ хъаркIасав чи щив кколевали?» - ян. АсхIабзабаз абуна: «Гьев чи кккола жиндир я диргьам я динар гьечIев», - ян. Аварагас ﷺ абуна: «Гуро, хъаркIасав чи ккола Къиямасеб къоялъ мегIергIанасел лъикIал гIамалалгун жив вачIарав, хIатта малаикзабицин жиндасан хIайранлъарав», - илан. АсхIабзаби гIажаиблъана. «Цинги гьесда цере алжаналъул каваби рагьула ва жаниве лъугьаян малаикзабаз абула. Алжаналдехун цо гали лъурабго гьев чIезавула. ГIадамазда цебе налъи бугилан абула. Гьев сверун гIадамал ракIарула жидее гьес сундалъун бугониги зарал гьабурал. Гьезулъ гIемерисел гIагарлъиги батула. Гьабураб заралалда бан щивас гьев чиясул лъикIал гIамалал жидеего росула. ХIасилалда, мегIергIанасел лъикIал гIамалал лъугIула. Цинги гьел гIадамазда рикьа-рихаян абула гьев чиясул нужее кьезе лъикIал гIамалал хутIичIин абун. ГIадамаз абула лъикIал гIамалал гьесул лъугIун ратани нижее гьабураб зулму халгьабун, гьелда рекъон жидер квешал гIамалалгIаги гьесие кьеян. Аллагьас ﷻ абула гьеб хIакъаб жо бугин. Цинги гьев гъаримасул мегIергIан гIемер рукIарал лъикIал гIамалазул бакIалда квешал гIамалазул мегIер гIола. Гьеб мехалъ гьев жужахIалъуве рехула».

Гьеб хIадисалъул баян гьабун имам Гъазалияс абуна: «Нилъ кантIизе ккараб  ва бищун хIинкъараб жо буго, гьабураб зулмуялъухъ кигIанасел лъикIал гIамалал тIаса ине ругелали лъангутIи. Рес буго гьабураб дагьаб зулмуялъухъ анцIго ялъуни нусго къабулаб какил кири инеги», - ян.

Имам КъуртIубияс «Тазкират» абураб тIехьалда хъван буго: «Данакъалъул бащадалдалъун (Данакъ ккола 4 грамм бугеб динаралъул ункъго бутIа гьабун цо бутIа) диналъул вацасе зулму гьабурав чи, 70 аварагасул лъикIал гIамалал гьесул ругониги, гьев чи тIаса лъугьун гурони Алжаналъуве лъугьунаро», - ян.

КигIан гIемер лъикIал гIамалал гьаруниги щиб, гьеб киналъго пайда гьабизе гьечIо гIадамаздехун квеш нилъ рукIаго. Аллагьасда ﷻ аскIоб кигIан кIудияб мунагь нилъеца гьабуниги ракI-ракIалъ тавбу гьабиялдалъун Аллагь ﷻ тIаса лъугьиналде хьул букIуна ва амма гIадамалгун хурхараб мунагь гьел тIаса лъугьун гурони Аллагьги ﷻ тIаса лъугьунаро. ГIемерисеб нилъеца зарал гьабулел чагIиги цадахъ рукIунел, чIужу, лъимал, эбел-эмен, вац-яцал ва цогидалги гIага-божарал руго.

ГIагарлъи щула гьабурасулгун ТIадегIанав Аллагьасги ﷻ хурхен щула гьабула ва гьединго гIагарлъигун гьоркьоблъи хвезабулесулгун ТIадегIанав Аллагьасги ﷻ гьоркьоблъи къотIизабула.

 

МухIамад МухIамадов, Буйнакск районалъул имам

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...