Аслияб гьумералде

Улбузда бараб буго

Улбузда бараб буго

Улбузда бараб буго

ЖамгIият лъикIаб лъугьин, аслияб куцалда, руччабазда, ай улбузда бараб буго. Бихьинал руччабаздаса къуватал ругин абун Къуръаналда хъван бугониги, жамгIият цебетIеялъе бищун кIудияб бутIа лъола эбелалъ. Масала, имам АхIмад гьитIинав чи вугеб мехалда, гьев хIинкъичIого вукIине, эбел уней йикIун йиго мажгиталде гьевги вачун. Цинги гьес как бан бахъинегIан чIолей йикIун йиго гьей.

 

Гьединго имам Маликги, гьитIинав чи вугеб мехалда, эбелалъ чалмаги къан, мажгиталде витIун вуго, гIалимчи вахъун гурони нахъе вачIунгеянги абун. Имам ШафигIиясеги тарбия эбелалъ кьуна. Гьединго Суфяну Савриясдаги эбелалъ абун буго: «Дуца гIелму тIалаб гьабе, дир вас. Дуе напакъа дица кунги кьурун гьабила», - абун. Гьединлъидал, лъимал лъикIаллъун лъугьиналъе эбелалда бараб жо гIемераб букIуна. Квенги, какие чуриялда гьабулеб бугони, радакь яхъун дугIаги гьабулеб бугони, лъималазда хадуб халги гьабулеб бугони, гьелдаса кIудияб бечелъи рукъалъе букIунаро.

Жакъа гьаб куцалда ригьнал рихиялъе гIилла ккола, жиндирго ишги тун, дунявияб хIалтIи гьабизе улбул тIами. Дунялалда Аллагьас ﷻ щибаб жоялъе бихьизабураб агьлулъи буго. Масала, гьитIинал машинабаз гIадамал раччула, кIудияз юк баччула. Гьединго руччабазеги бихьизабураб агьлулъи буго. Агьлулъиялда чи течIони, рес гьечIо питна цIикIкIинчIого букIине. Бихьиназ рокъоб хIалтIи гьабичIого, рукъалъул бербалагьиги гьабизе, лъималазухъ балагьизеги кколей эбел хIалтIизе яхъинаюраб мехалда, рукъ эхетилищ!? Бищун кIудияб гъалатI буго, рукъ цIунизе Аллагьас ﷻ йижарай эбел, нилъеца Китаялде щвезегIанги хIалтIизе йитIулей йикIин. Гьединлъидал жакъасел масъалаби тIуразе ккани, аслуялде раккизе ккола. ТIад ретIунеб гордеялдацин гъоркьияб маргъал мекъи бани, тIасияб маргъалги мекъса бачIуна. ГьитIинаб къоялъ эбелалъул битIараб тарбия щвечIони, кIудиял гIедалги иш лъикI букIунаро. Лъималазде кIвар кьезе ккола, хасго динияб рахъалъ. ЛъикIаб жо лъималаз гьабидал, барахщичIого гьезие данде жо гьабизе къарумлъизеги бегьуларо нилъ.

Жакъа дагъистаниязул бугеб масъала ккола гIадатазда нахърилълъин. Лъимал рехун тедал, гьез къватIул тарбия босула.

Мунагьал чураяв дир инсуца, гьитIинаб чи вугеб мехалда, дида абуна «Дурусу Шифагьият» абураб тIехь лъазабуни жинца дуе велосипед босилин. Рес бугев чи гьечIониги, гьеб тIехь лъазабидал, инсуца дие гьеб босана. Лъимадул динияб рахъалдасан ругел церетIеял эбел-инсуда рихьулел гьечIони, гьесул гIалимчи вахъунаро.

МухIаммад СагIид Рамазан БутIияс абун буго: «Анлъго сон бараб мехалда, мадугьалихъ йикIарай херай гIаданалъ малъун Къуръан цIализе лъазабидал, инсуца гьелъие чанго меседил гъурущ кьуна. Дида лъалаан нахъе лъураб тIокIаб гIарацги гьесул букIинчIеблъи», - ян.

Диналъ гурони жакъа инсан цIунуларо. ГIарцуца цIунулин абун ракIалде кколеб батани, балагье, чан бечедав чи туснахъалда вугевали. Нужеда ккун батани къуваталъ инсан цIунулин абун, чан къуватав инсан ракьулъ турулев вугев. Дир васият буго, дунялалъ гуккизе нуж рукIунге. Нилъеда лъачIого тIаде бачIун батула херлъи. Хвалил унтулъе лъугьиндал я гIарцуца, я хъулухъалъ кумек гьабуларо. Инсанасда батулеб жо буго цого-цо ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ гурхIел. Аллагьасул ﷻ гурхIалидеги инсанас кин хьул лъелеб, Аллагьас ﷻ амру гьабурал жал гьарун гьечIони?

БитIун бичIчIизе Аллагьас ﷻ киназего тавпикъ кьеги.

 

ГIали-хIажи СагIидхIусенов, гIалимчи

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...