Аслияб гьумералде

Ахираталъул шагьидзаби ккола

Ахираталъул шагьидзаби ккола

 

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъала шагьаралда ккараб кьвагьиялъул хIасилалда нилъедаса ратIалъана гIемерал диналъул вацал ва яцал. Аллагьас ﷻ гьезул киналго мунагьал чурун ратаги, гьезул гIагарлъиялъе сабруги кьеги. Амма гьеб къварилъи нилъее киназего гIахьалаб буго. Кин батаниги, тIаде рачIарал балагьазе сабру гьабулел реццун ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абун буго (магIна): «Гьал муъминзаби руго жидеда Аллагьасул ﷻ цIоб-рахIмат бугел ва Аллагьас ﷻ жал реццарал. Гьел руго хIакъаб нухда тIоритIаралги», - ян (суратул «Бакъарат», 157 аят).

 

Унго-унгояб сабру, балагь тIаде бачIиналъул авалалда букIунеб буго. Аварагас ﷺ абуна: «Сабру гьаби балагь рещтIиналъул авалалда букIуна», - ян. (Бухари, Муслим).

Аллагьас ﷻ цо къавмалде балагь рещтIун гьезул хIалбихьи гьаби ккола Аллагьасе ﷻ гьел рокьиялъул гIаламат. Гьелдаго цадахъ гьеб буго нилъее кантIизари, мунагьал тун Аллагьасде ﷻ нилъ руссиналъе сабаб. Гьеб буго нилъее дарс.

Хирияв Аварагас ﷺ абуна: «ТIаде бачIараб балагьалъул кIодолъиялда бан гьелъухъ жаза гьабиги букIуна, Аллагьасе ﷻ цо къавм бокьидал гьезул хIалбихьула. Сабруялда чIани, Аллагьасул ﷻ разилъи буго гьезие, ццин бахъун лъугьани, Аллагьасул ﷻ ццин бахъинги буго», - ян.

Халгьабе, ТIадегIанав Аллагьас ﷻ аварагзаби магIсумияллъун, ай мунагьаздаса цIунараллъун рижана. Амма гьелдаго цадахъ бищун лъикI жидер хIалбихьараздасанги гьел ккола. Аллагьасе ﷻ бищун вокьулев нилъер Аварагасулцин ﷺ хIалбихьараб мехалъ нилъ щал кколел хIалбихьичIого тезе ккани!? Нилъедаго лъачIого къойида жаниб мегIергIанасел мунагьал гьарун ратула нилъеца.

ХIакъикъаталдаги кьвагьи ккун хварал нилъер диналъул вацал ва яцал шагьидзаби руго. Шагьидзабиги кIиго батIияб тайпаялъул рукIуна: дунялалъул ва ахираталъул шагьидал. Гьеле гьел ахираталъул шагьидалги ккола Аллагьас ﷻ тIаде балагь биччан, хIалбихьун хварал.

Аллагь ﷻ гурхIаги киназдаго. Амин!

 

 

Мурад ИсмагIилов,

Каспийск шагьаралъул имамзабазул советалъул  председатель

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...