Аслияб гьумералде

«Гукканаха, дунял, дуца дун...»

«Гукканаха, дунял, дуца дун...»

«Гукканаха, дунял, дуца дун...»

Дунялалда гIумру гьабун ругебгIан мехалъ щивав инсанас пикру гьабизе ккола кинаб хIалалда гьеб тIамулеб бугебали. Гьаб ракьалда гIумру буго цIакъго хехго унеб жо. Аллагь ﷻ разияб хIалалъ гьеб тIамичIони, хадуб ракI бухIизе буго.

 

Хвалил унти чIван бусада вугев, гIадада гIумру тIамурав цо херав чияс абун буго, къватIиб бакI бихьизе гордухъе вачеян. Цинги сверухълъиялдеги валагьун, магIил бералги цIун, бетIерги гьанкIезабулаго гьес абун буго: «Гукканаха, дунял, дуца дун», - илан.

ХIакъикъаталдаги лъазего лъачIого гуккун ратула нилъ дунялалъ. Рамазан моцIалъул байбихьуда лъугьуна нилъ гIибадат цIикIкIинабизе, амма моцI бащалъидал кинабго рехун тола. Рамазан моцIалъул авалалда цIун рукIарал мажгитал, моцI бащалъидал чIобоголъула. Гьединаб буго инсанасул тIабигIат. ШайтIаналъ гуккун ратула.

Имам Шибилияс бицун буго, Аварагасул ﷺ азарго хIадисалда гIамал гьабизелъун жинца хассгьабун цо хIадис тIаса бищанин. Гьале гьеб хIадисги. «Дунялалъе гIамал гьабе гьанив хутIизе вугеб къадаралда», - ян.

Гьеб ккола дунялалъул гIумру тIаса унеблъун букIин ва гIицIго бечелъиялда хадур лъугьун рукIине бегьулареблъи ракIалде щвезабулеб хIадис. Амма гьелъул магIна кколаро дунялалда бугеб жавабчилъи кIвар кьечIого тезе кколин абураб. Гьелъул гIаксалда, бусурбанчияс хIаракат бахъизе ккола живгоги хъизан-агьлуги хьихьизе боцIи-мал тIалаб гьабизе, амма, гьелдаго цадахъ, ракIалда чIезабизе ккола дунялалъул гIумру заманаялъ гурони рахIат хвезабулеб бакI гуреблъи. Гьоркьохъеб къадар кидаго беццула.

«Ахираталъеги гьабе гIамал гьенив мун хутIизе вугебгIанасев къадаралъ», - ян абураб хIадисалъ ракIалде щвезабулеб буго хун хадуб букIунеб гIумруялде хIадурлъиялъул бугеб кIвар. Абадияб гIумру буго нилъер хIакъикъияб мурад, дунялалда нилъеца гьарулел гIамалал рукIине ккола Аллагь ﷻ разилъиялде рачIунел. ДугIа, садакъа, лъикIал ишал ва гIелму тIалаб гьаби – гьел киналго руго нилъер абадияб гIумруялъе лъурал бутIаби.

«Аллагьасе ﷻ гьабулеб гIибадат-гIамалги гьабе, мун Гьесде ﷻ кигIанасеб къадаралъ хIажатав вукIиналда балагьун», - абураб насихIаталъ баян гьабулеб буго инсан тIуванго Аллагьасде ﷻ хIажатав вукIиналъул. Нилъеда Гьесде ﷻ бугеб хIажалъи бичIчIанагIан, нилъеца хIаракат бахъизе ккола Гьев ﷻ рази гьавизе. Гьелда гъорлъе уна ракIбацIцIадго гIибадат, щукру гьаби ва Гьесул ﷻ амрабазда нахърилълъин.

«Мунагьалгун гIаси-лъабиги гьаре жужахIалъул цIаялде сабру гьабизе кIолеб къадаралъ», - ян абураб каламалъ ракIалде ккезабизе бегьула Аварагас ﷺ мунагьал гьариялде ахIулел ругин. Амма, пикру гьабуни, гъваридаб магIнаги лъазабиги буго гьел рагIабазулъ.

Гьелъул магIна ккола, нагагьлъун инсанас мунагьал гьаризехъин ругони, гьезул хIасилазде гьев хIадур вукIине кколин абураб. Аллагьасе ﷻ мутIигIлъичIони, цинги жужахIалда тамихI гьабизе хIадурлъе. Гьеб мунагь гьабизе ахIи гуро, гьелъул гIаксалда, бугеб хIинкъиялъул хIакъалъулъ лъазаби ккола.

Инсанасул мунагьал цIикIкIанагIан гьев хIадур-лъизе ккола жужахIалъул гIазаб хIехьезе. Гьелдасан бичIчIула щибаб мунагьалъул жиндирго хIасил букIин, инсанасда бичIчIизе ккола жинца гьабураб ишалъ тавбу гьабичIони тамихIалде рачине рукIин.

«ГIасилъизе бокьани, Гьесда ﷻ вихьулареб бакI балагье», - ян абиялда жаниб, Аварагас ﷺ ракIалде щвезабулеб буго Аллагьасда ﷻ нилъ кидаго рихьулеблъи. Кинабго бихьулев ва кинабго лъалев Халикъасдаса вахчизе бакI гьечIо. Къуръаналда буго (магIна): «Аллагьасда ﷻ лъала ракьалда лъугьунебщинаб жо. Ракьулъа къватIибе бачIунеб жоги лъала. Зодоса рещтIунебги лъала Аллагьасда ﷻ. Зодобе бахун унебги лъала. Аллагь ﷻ Жиндир гIелму-лъаялдалъун нужгун цадахъ вуго, нуж кир ругониги». (Суратул «ХIадид», 4 аят).

Кидаго жинда хадув Аллагь ﷻ валагьулев вукIин бичIчIидал, инсанас байбихьула гьабулеб ишалдехун дагьабги жавабчилъиялъулаб бербалагьи гьабизе. Гьелъ мунагьаздаса цIунула ва такъваялде ахIула.

Гьаб хIадис гIицIго насихIатазул дандеруссин гуребги, гIумруялъе тIубараб нух бихьизабилъун ккола. Гьал магIна гъваридал рагIабазда нахърилълъани, нилъеда батизе бегьула гьаб гIумруялда жаниб рекъел ва абадияб гIумруялда жаниб икъбал. Аллагьас ﷻ кумек гьабеги.

 

Юсуф МухIаммадов, Болъихъ районалъул имам

2026-07-01 (МухIаррам 1448 с.) №13.


ХIикматал махлукъатал

Руз   Руз ккола дунялалда ругел бищунго гIажаибал ва хIикматал хIанчIазул тайпабазул цояб. Абула гьезул бугин 200-250 гIанасеб тайпа. Гьел дандчIвазе бегьула киса-кирего. Руго чIахIиялги, гIисиналги.   Гьанжесеб заманалъул бищун кIудияб рузлъун рикIкIуна Россиялда, Китаялда ва...


ЛъикIалъе аслу

Аварагас ﷺ абунин имам Муслимидасан бицун буго: «БетIергьан Аллагь ﷻ вацIцIадав вуго, бацIцIадаб гурони Жинца къабулги гьабуларо. Аллагьас ﷻ муъминзабазде, расулзабазда амру гьабуралдалъун амруги гьабуна “Ва, гьал расулзаби, нужеца бацIцIадаб кванай ва лъикIал гIамалалги гьаре”,...


Рецц-бакъ гьабизе бокьи

Бахчараб ширкин абулеб гIамал ккола лъикIал гIадамазда бихьизелъун, гIамалал рихьизелъун, халкъалъ рецц гьабизелъун гьабулеб ишалда. Гьеб рекIел унтиялъ инсан вачине бегьула ахираталда кири щвеялдаса махIрум гьавиялде, гьабураб гIибадат чIобогояб, пайда жиндаса щвечIеблъун гьабиялде.   Гьеб...


Ана цоги лъагIел …

ХIурматиял бусурбаби, гьале ана цоги лъагIел. Гьижрияб тарихалъул 1447 соналъулгун къо-мехги лъикI гьабун, дандчIвай гьабуна 1448 соналда. ЛъагIел ккола гIумруялъул саламатаб бутIа. Гьелда жаниб ккезе рес буго гIемерал лъугьа-бахъинал. Цо лъагIида жаниб цIияб дунялалде рачIуна гIемерал гIадамал,...


ГIибадаталъулъ кIвахIаллъи

Имам Гъазалияс «ИхIяу гIулуму ддин» абураб тIехьалда хъван буго: «Гьелъие кумек гьабулеб алатлъун ккола гIибадаталъе хIаракат бахъулел гIадамазул лъикIлъабазул хIакъалъулъ бицунел харбазухъ гIенекки. Гьелдасаги лъикIаб – гьединал гIадамазулгун гьудуллъи гьаби (кинаб гIамал,...