Аслияб гьумералде

Мунго дуцаго чIваравлъун вукIунге

Мунго дуцаго чIваравлъун вукIунге

Мунго дуцаго чIваравлъун вукIунге

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ зоб-ракь бижана ва гIадамалги рижана ракьалда гIумру гьабизе. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гIадамазухъе аварагзаби ритIун баян гьабуна Гьев ﷻ разияб хIалалда гIумру кин тIамилебали. Аллагьасул ﷻ амруялъе мутIигIлъаразе дунял-ахираталъул талихIги щола.

 

Машина бачиналда хурхун вагIза-насихIатал ва малъа-хъваял гIемер гьарулел ругониги, бихьулеб буго къокъаб заманалда жаниб гьеб нилъеда кIочонеб букIин. Къойидаса-къойиде машинаби цIикIкIунел рукIиналъ ва шоферзабазда нухлул низам цIунизе лъангутIиялъ нухазда гIемерал балагьал кколел руго. Гьединлъидал чара гьечIого нухлул низам цIуниялъул къанунал лъазаризе ккола киназго.

БитIун хIалтIизабуни машина буго ТIадегIанав Аллагьас ﷻ кьураб нигIмат. Амма квеш ккараб жо буго гьеб нигIматалдаса битIун пайда босизе лъаларел гIемерлъулел рукIин.

Цебе авария ккеялъе гIемерисеб гIилла мехтел букIун батани, жакъа гьединаб гIиллалъун ккун буго хехдари. 

Хирияв Аварагас ﷺ абун буго: «ТIадегIанав Аллагь ГурхIулев, ХIалимав, Недегьав вуго ва Гьесие хIалимлъи, недегьлъи, гIодове виччай бокьула, гьелъухъ согIлъиялъухъ, хъачIлъиялъухъ кьолареб кьола», - ян.

Цогидаб хIадисалда буго: «ГурхIел-рахIмуялдаса чIового хутIарав вуго кинабниги лъикIлъиялдаса чIового хутIарав чи», - ян.

ХIежалъул заманалда Аварагас ﷺ нилъее мисал бихьизабуна. ГIарафа мегIералъул къваридал нухаздасан захIмалъиялда гъоркье рещтIунаго, асхIабзабиги нахъе гьарун, цеве-цеве вачIунаго Аварагас ﷺ гьоркьо-гьоркьоб чIезеги чIун ахIулаан «Ас-сакинат», ай гIодоре риччан абун.

Нухлул къануналги цIуничIого, бокьухъе машинаги бачун авариялда ккун инсан хвани, гьев живго жинцаго чIвараб хIукмуялда вукIунин абулеб буго гIалимзабаз. Гьелде тIаде, цадахъ ругел ва дандияв чIваравлъунги гьев ккола. Аллагьас ﷻ цIунаги.

ШаригIаталъ инсан хехлъизе бихьизабураб щуго бакI буго: жаназа букъи, борчIилелда как бухьин, тавбу гьаби, гIурай яс рукъалда кьей ва гьоболасда цебе квен лъей. Кинабниги лъикIлъи гьабизеги хехлъизе ккола ва амма дунялалъул ишал гIодове виччан, сабруялда гьарила.

Аллагьас ﷻ абун буго (магIна): «Аллагьасул ﷻ лагъзалин абизе рекъарал гIадамал руго жал ракьалда тIад рилълъунеб мехалъ бигьаго, Аллагьасе ﷻ хIелун рилълъунел», - илан. (Сурату «Ал-Фуркъан», аят 63)

Аварагасги ﷺ абун буго: «ГIодове виччай - Аллагьасдасан ﷻ буго, хехдари - шайтIаналдасан буго», - ян.

Гьаб хIадис рекъараб букIина щивас жиндирго машинаялъуб бихьулеб бакIалда чIвазецин.  Аллагьас ﷻ цIунаги балагьаздаса ва нухлул къанунал цIунизе тавпикъги кьеги.

 

 

Саритов МухIаммад, РахIатIа росдал имамасул заместитель

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...