Аслияб гьумералде

ХIалалаб бетIербахъи

ХIалалаб бетIербахъи

Щивав бусурбанчиясе хӀажатаб жо ккола хӀалалаб хайир ва хӀалалаб ризкъи тIалаб гьаби. ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абулеб буго (магIна): «Я, гьал гIадамал! Нужеца гьаб дунялалда ругел нигIматаздасан кванай, гьел нигIматал руго нужее хIалалаллъун, нужер чурхдузе ва гIакълуялъе зарал гьабуларелги. Нуж нахърилълъунге шайтIаналъул нухазда. ХIакълъунго, шайтIан буго нужер хIакъаб, баянаб тушман». (Сура «Ал-Бакъарат», аят 168)

 

ТӀадегӀанав Аллагьасул ﷻ гьел рагӀабаз баян гьабула бечелъиялъул къадаралъул гуреб, хайиралъул бацӀцӀалъи ва хӀалаллъи букIине кколеблъи. Ахир-къадги хӀалалаб хайир ккола баракат, парахалъи, Аллагь ﷻ разилъи.

Имам АхӀмадицаги ТIабараниясги бицун буго Аллагьасул ﷻ Аварагас ﷺ абунин: «Бищунго лъикӀаб буго ракӀбацӀцӀадго гьабулеб даран-базар ва инсанас жиндирго квераздалъун гьабулеб иш», - ян. Исламалъ кӀудияб къимат кьола ритӀухъаб хIалтIиялъеги даран-базаралъеги. Исламалда даран гьаби гӀицӀго гӀарац щвеялъул къагӀида гуро, гьеб буго Аллагьасда ва гIадамазда цебе кӀудияб жавабчилъи. Инсанас халгьабизе ккола жиндирго даран-базаралда гъорлъ гукки, ритӀухълъи гьечӀолъи, цогидазул ихтиярал хвезари бугищали.

Имам Байгьакъица МугIазидасан бицана Аллагьасул Расулас ﷺ абунин: «Бищунго бацӀцӀадаб хайир ккола хабар бицунеб мехалда гьереси бицунарел базаргабазул. Гьезда божун тедал, гьез хиянат гьабуларо. РагIи кьедал, хвезабуларо. Бичулеб-босулеб мехалда дагIбадуларо ва къайи какуларо. ГIорхъолъа ун къайиги беццуларо. Налъи бугони, гьебги кватIизабуларо. Жидее кьезе бугони, захIмалъиги гьабуларо», - ян. Гьединал рукӀине ккола бусурбаби - ритӀухъал, адаб-хӀурмат бугел, Аллагьасукьа хӀинкъулел. Гьединал чагӀазе хӀалалаб хайир щвей гуребги, Аллагь разилъиги щола.

Ибну Мажагьицаги ХӀакимицаги ибну ГӀумаридасан бицана Аллагьасул Аварагас ﷺ абунин: «РитIухъав, божарав бусурбанав базарган Къиямасеб къоялъ шагьидазда гьоркьов вукӀина», - ян. Цоги хӀадисалда буго: «ХӀилла гьабуларев ритIухъав базарган Къиямасеб къоялъ ГIаршалъул рагIдукь вукӀуна», - ян. Гьаниб аслияб рагӀи ккола «ритIухъав» абураб. Инсанас даран гьабулеб бугони хӀилла-макру гьечӀого, къайи-цӀаялда ругел гӀунгутӀаби рахчичIого, рекӀкӀ гьабичIого, кьураб рагӀи хвезабичIого, гьев мустахӀикъав вуго Аллагьасда цебе ﷻ кIудияб ажруялъе.

Квеш ккараб жо, жакъа даран-базаралда ругезда гьоркьоб гукки, хиянат цӀикӀкӀунеб букIин. ГӀемерисезда, хайир щвеялъул мурадалда, хIалал-хIарам кIочон тун батула.

СагӀид ибн Мансурица бицана Аварагас ﷺ абунин: «Ризкъиялъул 90 процент даран-базаралъулъ батула», - ян. Гьелъул магӀна ккола ризкъиялъул аслияб бутӀа даран-базаралдаса букӀин. Амма гьелъул пайда букӀуна ритӀухълъиялда ва битӀараб къасдалда гьабураб мехалда.

Ибн Мажагьицам ва ибну ХӀиббаница бицана Аллагьасул Расулас ﷺ абунин: «Я, базаргабазул жамагӀат! Къиямасеб къоялъ базаргаби мунагьазул цIураб агьлуялдасан рахъинарула, Аллагьасукьа хӀинкъарал, лъикӀлъи гьабурал, ритӀухъал базаргаби хутIун», - ян. Гьединлъидал, бусурбанчиясда тӀадаб буго дармилъ ритӀухълъи ва такъва цӀунизе.

Имам АхӀмадица ва имам Бухарияс бицана Аварагас ﷺ абунин: «Жиндирго квераздалъун батараб жоялдаса лъикӀаб квен лъицаниги кваначӀо», - ян. Аварагзабаз хIалалалдалъун бетӀербахъи гьабулеб букӀана. Давуд авараг жиндирго квераз гьабураб жоялдалъун кваналаан. Муса авараг гӀемерал соназ вехьлъун хӀалтӀана.

Жакъа гӀемерисез кӀварго гьабуларо жидеца гьабулеб жо хӀалалабищ яги хIарамабищ бугебин абураб суалалъул. Аварагасин ﷺ абуни лъазабун букIана: «БачӀине буго заман, хIалал-хIарамалъухъ балагьичIого магIишат гьабулеб, жиндиего квен киса босулебали инсанас ургъел гьабулареб», - ян. Нилъецаги гӀумру гьабулеб бугин ккола гьеле гьеб заманалда.

Хасго хӀинкъи бугеб мунагь ккола риба кванай. Жакъа тӀиритӀун руго кредитал, ипотека, микрокредитал ва процентаздалъун кьолеб гIарац. Имам Бухариясги Муслимицаги Абу Гьурайратидасан бицана Аллагьасул Расулас ﷺ абунин: «Воре, гьалаг гьарулел анкьго мунагьаздаса нуж цIуне», - ян. Гьел мунагьазда гьоркьоб Аварагас ﷺ рехсана рибаги.

Имам АхӀмадица бицана Аварагас ﷺ абунин: «Лъалаго цо диргьам рибаялъул босараб Аллагьасда цебе квешаб буго 36 зинаялдаса», - ян.

Нилъеда гӀемерал хӀужаби рихьула риба хIалтIизабуразда унти ккеялъул, хъизамалда захӀмалъаби рукIиналъул, баракат гьечӀолъиялъул. Гьединлъидал, бусурбанчиясда тӀадаб букӀуна хӀарамаб ишалдаса, щаклъи бугеб хайиралдаса, гьерсидаса, рибаялдаса рикӀкӀалъизе.

 

 

АхIмад МухIаммадов,

Избербаш шагьаралъул имамзабазул советалъул председатель

2026-09-01 (РабигIул аввал 1448 с) №17.


Мавлидазул моцI

ТIадегIанав Аллагьас нилъер умматалъе кьураб кIудияб рахIматалдасан ккола нилъ МухIаммад аварагасул ﷺ умматалдаса гьари. Нилъ гьесул умматалдаса Аллагьас ﷻ гьариялдалъун гьевги кIодо гьавун, нилъее кьуна гIемерал бигьалъаби, цересел умматазе рукIинчIел.   Масала, Муса аварагасул шаргIалда...


ЦIар кинаб лъелеб?

Гьабун анкьабилеб къоялъ лъимералда цIар тезе суннатаб буго. Реххараб лъимералда рухI лъун букIун батани, гьелдаги цIар тезе суннатаб буго. Реххараб лъимер васищ яги ясищали батIа бахъизе лъачIони, кIиязего бегьулеб цIар лъела, масала, ТIалхIат, ХIамзат, Майсарат гIадал. Реххараб лъимералда...


Курми росдал къо

Курми росулъ тӀобитӀана росдал къоялда хурхун байрамалъулаб тадбир. Гьеб къоялъул аслияб лъугьа-бахъинлъун букӀана щивав чияс жидерго къуват, гьунар, бергьенлъи босизе бугеб гъира бихьизабизе рес кьураб спортивияб къец. Гьелдаса хадуб киналго гьалбал кваназаруна ва цо-цо церехъабазе кьуна...


Мисал босула

Бищун талихIавлъун ккола Аллагьас ﷻ тIадкъарал хIукъукъалги тIуралев, хирияв Аварагасул ﷺ суннатги цIунулев ва исламалда рекъон хъизан-агьлуялъе тарбияги кьолев чи. Лъимералъ тIаса бищулеб нух бараб букIуна эбел-инсуда.   ГIемер абулеб рагIула, эбелалда яги инсуда релълъарав вугин абун....


Суал-жаваб

Насвай хIалтIизабун хадуб кIалги ххуличIого ялъуни гьебги чвантиниб лъун бараб как рикIкIунищ? Лъалеб жо буго хъалияналъги, насваялъги ва гьелда релълъарал цогидал жалазги чорхое зарал гьабулеблъи. Гьел жал хIалтIизариги шаригIаталда мунагьлъун рикIкIуна. Пуланав чи ватани гьединал жалаздаса...