Аслияб гьумералде

Хварасдасан зикру бачин

Хварасдасан зикру бачин

Хварасдасан зикру бачин

Дагъистаналда буго лъикIаб ва пайдаяб гӀадат, ай хварасдасан 70 000 зикру бачин. Гьелда тӀасанги кIалъалел ва инкар гьабулел камуларо.

 

Аллагьасул изнуялдалъун, имамзабазул тӀахьазда мугъчӀвайги гьабун, баян гьабилинха зикру бачине бегьи.

Хварасул васият батани жиндаса лъабкъоялда анцӀазарго зикру бачеян абун, васият билълъанхъизабула.

Лъабкъоялда анцӀазарго (гьелдаса дагь яги цӀикIкӀун бугони) зикру бачани ва гьелъул кири хварасе кьуни, хварасе пайда гьабула.

Цо-цо тӀахьазда хъван буго: «ГӀумруялда жаниб лъабкъоялда анцӀазарго нухалъ зикру бачарав вуго черх жужахӀалдаса бичун босарав чи, батIалъи гьечIо цогидас гьесдасан бачаниги», - ян.

Зикру бачунес ужра босаниги, жиндасан зикру бачунесе пайда букIуна.

Дагъистаналда билълъараб гӀадат буго 70 азарго зикру бачине мажгиталда яги цогидаб маслихӀатаб бакӀалда данделъулеб. Мажгиталъубги, цогидазе зарал кколеб гьечIони, зикру бачизе гьукъараб гьечIо.

Имам ХӀафиз СуютӀияс абуна: «Мажгиталда жаниб гьаракь борхун зикру бачине бегьула ва гьелъулъ щибго карагьалъи гьечӀо», - ян.

Имамас гьеб бегьиялъе къоло щуго хIадисги бачана. Гьезул цояб нилъецаги рехсела. Хирияв Аварагас ﷺ абуна: «ТIадегIанав Аллагьас абуна: «Лагъасул Дидехун бугеб пикруялда рекъон вукӀуна Дун. Гьес Дун рехсани, гьесда цадахъ вукӀуна. Гьес Дун балъго рехсани, Дица гьевги балъго рехсола. Халкъалда цеве рехcани, Дица гьев жеги хирияб халкъалда гьоркьов рехсола», - ян. (Бухари, Муслим)

ХIафиз СуюутIияс бицана имам Нававияс абунин: «Рияалда хӀинкъараб мехалъ яги какал ралезе ялъуни кьижаразе зарал кколеб бугони, Къуръан балъго цӀали хирияб буго. ХутIараб мехалъ, тӀатун цIали хирияб буго. ТIатун цIалиялъулъ гӀамалги цӀикӀкlун буго, гlенеккаразеги пайдаги щолеб буго, цӀалулесул ракӀги кантIизабула, пикруги хlyзуралде бакlаризабула, гӀинги гьелдехун буссинабула, макьуги рикӀкlад гьабула, тирха-кӀичиги цIикӀкlинабула», - ян.

«Мугъний МухIтаж» абураб тIехьалда буго: «Гьаракь борхун зикру бачин, гьаракь борхун Къуръан цӀалиялда релълъун буго», - ян.

Ибну ХӀажар Гьайтамияс абуна: «Мажгиталда жаниб гьаракь борхун зикру бачине бегьула гьелдалъун риаялде ккеялдасан хӀинкъи батичӀони яги как балесе, Къуръан цӀалулесе, кьижарсе квалквал кколеб гьечӀони», - ян. («Фатавал Кубра»)

Гьединго хъвалеб буго: «Мажгиталда данделъун гьаракь борхун азкарал, вирдал гьариялъе кьучӀаб аслу буго суннаталдасан, амма гьелдалъун цогидазе зарал кколеб бугони, масала, кьижарав, как балев чиясе гьеб мехалъ жанисан гьаризе суннатаб буго», - ян. («Фатавал ХӀадисият»)

Имам Ал-Алусияс абуна: «Имам Нававияс абуна гьаракь борхун зикру бачине шаригӀаталъ тӀалаб гьабураб, суннатаб жо бугин, шаригӀаталъ гьукъараб жо гьелъулъ гьечӀони. Имам ШафигӀиясул мазгьабалда гьаракь борхун зикру бачине хирияб буго, жанисан бачиялдасаги, имам АхӀмадил мазгьабалъул загьираб рахъги гьелда буго, имам Маликил кӀиго риваяталъул цоялдаги гьедин буго», - ян. («РухӀул МагӀаний»)

«1000 суал ва жаваб гӀалаль мазагьибиль арбагӀи» тIехьалда буго: «ХӀанафияз абуна: «Мажгиталда жаниб гьаракь борхун зикру бачине карагьатаб бугин как балесе квалквал кколеб бугони яги кьижарав ворчӀизавулев вугони. Квалквал гьечIони, щибго карагьалъи гьечIо», - ян.

ШафигӀияб мазгьабалда как балесе, мударисасе, цӀалулесе, тӀахьазде ваккулесе, яги кьижарасе квалквал кколеб бугони, карагьатаб буго. Квалквал гьечӀони, щибго къварилъи букIунаро.

 ХӀанбалитаз абуна карагьатаб бугин как балесе квалквал кколеб бугони, гьечӀони - карагьатаб гьечӀила.

Имам ШaгӀранияс «Зикру Аз-Закир Лилмашкур» абураб тIехьалда хъван буго: «Гlалимзаби тӀадрекъана мажгитазда ва цогидал бакӀазда зикруялъе данделъи лъикӀаб букӀиналда, гьеб рагӀун бачиналдалъун кьижарасе, как балесе, Къуръан цӀалулесе квалквал гьабулеб батичӀони».

ХӀасан-афандияс «Талхисалда» абуна: «Дир сайид ГӀали Хавассил каламалдасан буго: «Рекъола муридасе тӀубараб къуваталдалъун зикру бачине тӀатун, хӀакълъунго, гьеб цӀикӀкӀун асар гьабулеб буго ракӀалъул рикь-рикьарал пикраби данде ракӀариялъе (хӀузуралъе). Гьединго гьесие рекъола жамагӀатгун цадахъ зикру бачине, хӀакълъунго, жамагlаталъул зикру цӀикӀкӀун асар гьабулеб буго Аллагьасдаги ﷻ лагъасдаги гьоркьор ругел пардавал тӀаса инариялъе. Аллагьас ﷻ ракӀал релълъинаруна ганчӀазда. Лъалеб жо буго гамачӀ-кьуру жамагӀаталъул къуваталъ гурони бекулареблъи. Гьединго буго ракӀалъул къасаватги. Гьеб тӀаса унаро жамагӀаталъул цо бакӀалде руссун бачунеб зикруялъ гурoго. Щайин абуни, жамагӀаталъул къуват цо чиясул къуваталдаса кутакаб букӀунелъул. Амма тӀатун зикру бачиналъул кириялъул рахъалъ абуни, кинавго данделъарасе буго жинцаго бачараб зикруялъулги цадахъ ругезда рагӀизабиялъулги кири», - ян.

 

Мухтар МухӀаммадов, ЦӀумада район, Къеди росу

2026-08-01 (Сафар 1448 с.) №15.


РекIелъ букIунеб

РекIелъ букIунеб Бусурбанчияс жиндирго хасият-гIамал берцин гьабизе ккола. Аллагьасдаса хIинкъи буго бищун лъикIаб зад инсанас цадахъ босулеб. ТIадегIанав Аллагьасги ﷻ абидал, Гьесдаса хIинкъи (такъва) бищун лъикIаб задлъун бугин.   Къуръаналда буго (магIна): «…Бищун лъикIаб...


Шагьидзаби кIочон гьечIо

1935 соналъ ЧIикIаса Ацал ГIабдурахIманил хъизаналда гьавуна вас СагIид. Гьеб букIана ШагIбан бащалъараб Барааталъул сордо. Гьеб сордоялъ лъабго нухалъ хирияб "Ясенги" цIалун, ГIабдурахIаманица Аллагьасда гьарана жиндир вас гIалимчи вахъагиян. ТIадегIанав Аллагьас инсул дугIаялъе жаваб гьабуна....


Дагъистаналъул ГIалимзабазул совет

ДРялъул муфтияталда тӀоби-тӀана ГӀалимзабазул советалъул президиумалъул данделъи. Гьелда гӀахьаллъана ДРялъул муфтияталъул председатель Мурад ИсмагӀилов ва республикаялъул округазда ругел муфтияталъул вакилзаби. Данделъи рагьана ГӀалим-забазул советалъул председателасул ишал тIуралев КъахIиса...


ТалихIкъосин, балагь-къварилъи, унта-щокълъи

Унти буго Аллагьасул ﷻ рахIматазул цояб, гьелъ загьир гьабула инсанасул загIиплъи ва хIалкIвей гьечIолъи. Унти рикIкIуна гIицIго черхалъул къварилъилъун гуребги, иман щула гьабизе бачIараб хIалбихьилъунги мунагьал чурулеб алатлъунги. ХIадисалда бицараб кинниги, унтараб мехалъ сабру гьабиялъ...


Шукру гьабулищ?

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абун буго (магIна): «Гьеб къоялъ нужеда гьикъизе буго дунялалда Аллагьас ﷻ кьурал нигIматал кин харж гьаруралин абун». (Сура «Ат-Такасур», аят 8)   Гьаб къокъабго аяталда жаниб щивав чиясе пикру гьабизе бакI буго. ГӀумруялда жаниб...