Аслияб гьумералде

Сайгъат гуреб, хIалбихьиги...

Сайгъат гуреб, хIалбихьиги...

Хирияв Аварагасул ﷺ хIадисалда буго: «Цогидаб щуго жо тIаде бачIиналде щуго баракаталдаса пайда босе: хвелалде - гIумруялдаса, унтилалде - сахлъиялдаса, хIалтIи щвелалде - эркенаб заманалдаса, херлъилалде - гIолохъанлъиялдаса, мискинлъилалде - бечелъиялдаса», - ян.

 

ЛъикIлъи ва Аллагьасе гIибадат гьабизе рес букIаго, пайда босизе ккола. Нилъеда лъаларо кигIан заман хутIун бугебали. ГIумру кколелъулха лъикIал ишал гьаризе нилъее кьураб рес, хвелин абуни ккола щибго нахъе бахъизе кIолареб сапаралъул ахир.

Гьединго Аварагас ﷺ абуна: «ГIемерал гIадамал махсароде кколеб кIиго нигIмат буго: сахлъи ва эркенаб заман», - ян. ГIемерисеб мехалда инсанас сахлъиялъул къимат гьабизе байбихьуларо гьелдаса махIрумлъидал гурони. Хьвадизе, хIалтIизе ва гIибадат гьабизе рес бугебгIан мехалъ, гьеб лъикIлъиялъе хIалтIизабе. Черх буго Аллагьас аманат гьабураб, гьединлъидал, дуда гьикъизе буго кин гьеб хIалтIизабурабин абун.

Чан чияс абулеб «дир заман гьечIин» ва гьелдаго цадахъ сагIтал рала телефоназде тIадеги къулун. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ нилъее заман кьуна пайдаялъе хIалтIизабизе. Щибаб лахIзат ккола Аллагьасде ﷻ гIагарлъизе бугеб рес.

ГIолохъанлъи ккола хасаб баракат жинда бугеб ригь. Гьеб заманалда жаниб ракI эркенаб, гIакълу бегIераб, черх къуватаб букIуна. Амма гIолохъанлъиялъул заманалда диналъул ургъел гьечIеллъунги рукIуна. Гьеб заман гIадада хвезабуге: цIалде, гьабе гIибадат, цогидазе кумек. Цо къоялъ тIаде херлъиги бачIун, кватIун кколелъулха.

Бечелъи ккола сайгъат гуреб, хIалбихьиги. Аллагьас нилъее бечелъи кьола къварилъиялда ругезе кумек гьабизе, гIагарлъиялда кверчIвазе, жамгIият цебетIезабизе, лъикIал ишал гьаризе. Гьеб бугебгIан мехалъ, лъикIлъиялъе хIалтIизабе, цо къоялъ гьеб тIагIине бегьулелъул.

 

 

 

 

 

 

Жинда Аллагь ﷻ гурхIаяв Суфяну Саврияс абуна: «Киналго гIадамал кьижараллъун руго, хвараб мехалъ гурони гьел рорчIуларо», - ян. Нилъ чIаго рукIаго, кьижарал чагIазда гьоркьор рукIине бегьуларо. Аллагьас ﷻ нилъ щай рижаралали кIочене бегьиларо ва жакъа гьабизе рес ругел лъикIал гIамалал нахърахъун тезеги рекъараб гьечIо.

ХIадисалда буго гIадамаз Аллагьасул цIар рехсарал мажлисаздаса хадуб малаикзаби Аллагьасухъе рахунеб куцалъул хIакъалъулъ. Аллагьас ﷻ гьезда гьикъула: «Дир лагъзадерица щиб гьабулеб бугеб?» - ян. Малаикзабаз абула: «Дуе рецц гьабула, Мун ракIалде щвезавула, Дуда алжанги гьарула», - ян. ТIадегIанав Аллагьас абула: «Гьезда Алжан бихьанищ?» - ян. БихьичIин жаваб кьола малаикзабаз. «Бихьарабани, гьел жеги цIикIкIун хIасратлъизе рукIана гьелде», - ян абула. БетIергьанас нахъеги цIехола гьезда жужахI бихьарабищин абун. БихьичIин малаикзабаз абидал, Аллагьас абула, бихьарабани, гьел гьелдаса дагьабги цIикIкIун хIинкъизе рукIанин. Цинги Аллагьас ﷻ малаикзабазда абула: «НугIлъи гьабе, Дун гьезул киназдасаго тIаса лъугьана», - ян. Данделъаразда гьоркьов Аллагь ﷻ рехсезе ният гьечIого вачIарав чи вукIин малаикзабазда халлъидал, ТIадегIанав Аллагьас ﷻ абула: «Гьел руго жидеда аскIор гIодорчIарал къварилъиялда хутIуларел гIадамал», - ян.

Аллагьас ﷻ нилъ гьареги гIумруялъул, сахлъиялъул, гIолохъанлъиялъул, заманалъул, бечелъиялъул къимат гьабулелъун. Амин.

МухIаммад Ибрагьимов,

МахIачхъалаялъул СагIид-афандиясул цIаралда

бугеб мажгиталъул имам

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...