Аслияб гьумералде

ГурхIелалъулъ букIуна къуват

ГурхIелалъулъ букIуна къуват

ТIадегIанав Аллагьасе ﷻ рецц буго БетIергьан ﷻ рехсезе нилъее рес кьуралъухъ. Гьев ﷻ рехсолел мажлисазда Аварагас ﷺ абулаан Алжаналъул ахалин, щайин абуни, гьениб инсанасул ракI бацIцIалъулеб, гIелму щолеб, лъикIаб рахъалдехун хисулеб букIун.

 

Жакъа хасго кIвар бугеб иш ккола хъизамалъул гьоркьорлъабазул бицин. Щайгурелъул, хъизам ккола жамгIияталъул кьучI. Хъизамалда адаб-хIурмат, рокьи, цоцада ричIчIи бугони, жамгIиятги щулияб букIуна. Амма хъизамалда жаниб инжитлъи, хъачIлъи букIунеб бугони, гьелъ рукъ гуребги, тIубараб гIелги хвезабула.

ТIолабго дунял хисизабизе кIвечIониги, байбихьизе ккола нилъедасанго, нухмалъи гьабизе ккола мисалаздалъун. Нилъ рукIине бегьуларо гьав чи мажгиталде уна, как бала, амма лъадудехун хъачIлъи бихьизабула яги пуланай гIаданалъ дин гьабула, амма росасул адаб гьабулароян гIадамаз абуледухъ. ХIакъикъияб дин мажгиталда гуреб, рокъоб загьирлъула.

Аллагьасул Расулас ﷺ бихьизабуна лъадигун кин вукIине кколебали. Цо къоялъ Аварагасда ﷺ вихьула пуланав чи, лъади рекIараб варани хъачIго нухда бачунев. Аварагас ﷺ гьесда абула, ворейин, цIодорго вукIайин, дур бербалагьиялда гъоркь жавгьаралъул гъутухъ бугин абун. Гьес чIужугIадан жавгьаралде дандеккуна.

ХIадисалда буго: «Нужер бищун лъикIал руго хъизан-агьлуялъе лъикIал», - ян. ХIадисалда гьедин бугониги, цо-цоязда ракIалде ккола хIеренлъи бихьиназул нух гурин абун. Гьел нечола лъадуда лъикIаб рагIи абизе, рокьи загьир гьабизе. Амма хъачIлъи бихьизабизе, щаялиго, нечоларо. Гьеб бахIарчилъи гуро. Гьеб буго загIиплъи. Щайгурелъул, бокьарав чиясда кIола хъачIлъи бихьизабизе, амма рокьи цIунизе кIоларо къуватасда гурони.

Халип ХатIабил ГIумар жиндирго лъадуда аскIов цIакъ сабуралда вукIунаан. Гьаракь борхун лъади гьесда кIалъайдал ва гьелда гIадамал гIажаиблъидал, гьес абуна: «Гьелъ дие квенги гьабула, лъималги гьарула, гьел гIезарула, дир ургъелги гьабула. Гьелдехун сабруялда вукIине ккеларищ дун?» - илан.

Хъизамалъе гIоло чIужугIаданалъ хIехьола гIемерал захIмалъаби. Гьелъ лъимер гьабула, бихьиназда цебечIезабизецин кIолареб унтиги хIехьон. Гьей къаси-къасицин берцинго кьижуларо лъималазул ургъалида йикIиналъ.

Гьединго, кIвар бугеблъун ккола руччаби сундуе гIоло рижун ругелали бичIчIи. Аллагьас руччаби рижун руго бихьиназе, гьезда аскIоб рахIат батизелъун. Аварагасде ﷺ тIоцебе вахIю бачIиндал ва хIинкъун лъугьиндал, гьев ана жиндирго лъади Хадижатихъе. Щайгурелъул, гьесда лъалеб букIун гьелъ жиндир ракI парахалъизабизе букIин.

Лъади йикIине ккола росасе парахатаб бакIлъун. Рос вукIине ккола цIунилъун ва квербакъилъун. Гьеб ккола цоцаздехун бугеб адаб, цо гIуцIиялъул кIиго рахъ. Цо рахъ биххани, тIолабго бортун унелъулха.

Щивав бихьинчиясе бокьула лъадуда аскIов парахалъиялда вукIине. ЧIужугIаданалъеги бокьула росасда аскIоб рокьигун ва цIунигун йикIине. Гьедин бугеб мехалда хъизам щулалъула.

ХIакъикъияб бахIарчилъи ккола лъадуе лъикIлъи гьаби. ХIакъикъияб гIакълу ккола рокъоб адаб-хIурмат ва парахалъи цIуни. Къуват букIунаро гIаданлъи гьечIолъиялда ва хъачIлъиялда бараблъун. Къуват букIуна гурхIелалда жаниб.

 

МухIаммад Майранов, централияб округалда Муфтияталъул вакил

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...