Аслияб гьумералде

Байрахъалда гъоркь рукIина

Байрахъалда гъоркь рукIина

Байрахъалда гъоркь рукIина

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абун буго (магIна): «Нужехъе витIарав чапарас бачIараб жо босе нужеца. Гьес нахъчIваралдаса нахъчIванги чIа нуж», - илан (суратул «ХIашр», аят 7).

 

ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ гурхIел-рахIматалъул гIаламатаздасан ккола нилъехъе Авараг ﷺ чапарлъун витIун дунял-ахираталъул талихI нилъеда гьес ﷺ малъи. Гьелдасан нилъеда бичIчIула ТIадегIанав Аллагьасе ﷻ нилъ Алжаналъуре лъугьинаризе бокьун букIин. Гьелдаго цадахъ Аллагьас ﷻ кьун буго нилъее эркенлъи бокьараб къагIидаялъ гьаб ракьалда хьвадизе. Гьеб хIалалда хьихьун руго Аллагьас ﷻ. Ризкъи кьолевги Гьев ﷻ вуго, сахлъи кьолевги Гьев ﷻ вуго, цIодорлъи кьолевги Гьев ﷻ вуго. Ракьалда гIадлуялда рукIине рижунги руго ва гIадлу малъун нилъехъе Аварагги ﷺ витIун вуго. Гьелде тIаде динги рещтIун буго нилъехъе бокьараб бакIалда, бокьараб заманаялъ, бокьараб низамалда гьелъул тIалаб тIуразаризе нилъехъа бажарулеб хIалалъ. Хирияв Аварагас ﷺ бачIараб босизе ва гьелда гIамал гьабизе хIаракат бахъулел чагIилъун рукIине ккола нилъ. Гьеб нух нилъеца ккуни, ахираталдаги Аварагасул ﷺ байрахъалда гъоркь рукIина, ин шаа Ллагь. Гьеб нух нилъеца тани, ахираталда жужахIалъуре ина.

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абун буго (магIна): «Расуласул ﷺ амруялде хилиплъи гьабулел гIадамал хIинкъа жидеде дунялалдаго питна-балагь щвеялдаса яги ахираталда жужахIалъ гучаб гIазаб щвеялдаса», - ян (сурату «Ан-Нур, аят 63).

Гьаб ракьалда инсанасул тIагIамбахъиялъе гIилла сабаблъун батула гьабураб мунагь ва Аварагасдехун ﷺ гьабураб хилиплъи. Аварагасдаса ﷺ живгоги вокьун, бокьа-бокьараб гьабизе инсан лъугьин. Нужеца хIисаб гьабе, щиб сабаблъун гIадамал СПИДалъ унтулел ругел, кколел ругел аварияби, гIадамазда гьоркьоб питна-балагьал. Гьел киналго руго диналдехун хилиплъи гьабидал кколел балагьал. ХIатта, руччабазул каранда унти ккеялъе гIемерисеб мехалда сабаблъун кколеб буго лъимадуе гьей эбелалъ керен хахизе кьунгутIи. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьей эбелалъе кьун букIуна лъимадул инсул ДНКялда, гьесул рагъа-рачариялда рекъараб рахь. Цинги лъимералъ хахидал инсул тIабигIат-гIамал гьесде бахуна. Нилъер заманалдайин абуни цо-цояз лъимер махIрум гьабулеб буго инсул тIабигIат-гIамал босиялдаса гьитIинго. Гьеб балагьги буго Аварагасул ﷺ суннаталда тIадчIей гьабизе инсан кIвахIаллъун, чIухIун вукIин.

 

 

 

Цониги квешаб пиша гьабизе инсанасда ракIалде ккедал, аскIоб бахъун чIола шайтIан

 

 

 

Диналъ инсанасул рукIа-рахъиналъул кинабго рахъ жанибе бачуна. Цо-цоязда кколеб буго дин цохIо исламалъул щуябго рукну бугин ва гьеб цIунулел ругинги абун, хутIараб бидгIа бугинги дагIба бала. Амма хIакъикъаталдаги Авараг ﷺ кин кьижулев вукIарав, кин гIибадат гьабулеб букIараб, кин гIадамазулгун гьоркьоблъи тIубалеб букIараб, кинаб квен кваналеб букIараб ва гьелда релълъарал хутIарал пишабиги ккола нилъер диналдаса. Гьелда хилиплъи гьаби кколарищ бидгIа? Аварагасдаса ﷺ нилъ рикIкIалъаралгIан цоцаздасаги рикIкIалъулел рукIин бихьулеб буго жакъа нилъеда.

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абун буго (магIна): «Аллагь рехсеялдаса, Гьесул Къуръан цIалиялдаса жив беццлъарав, гъапуллъарав чиясе Дица гьесда цадахъ даимго букIунеб шайтIан гьабула, жинца гьев кидаго вас-васазда, гъаплатазда чIезавулеб. Гьеб шайтIан гьесул гьудуллъун букIине буго, жиб кидаго гьесдаса батIалъулареб» (суратул «Зухраф», аят 36).

Инсанасул рекIелъа Аллагь ﷻ рехсей нахъе индал, гьесул рекIелъе шайтIан бачIуна. Цониги квешаб пиша гьабизе инсанасда ракIалде ккедал, аскIоб бахъун чIола шайтIан, гьесул рекIелъе вас-васал рехизаризе. Цинги гьелъ гьев гьесизавула гьеб квешлъи гьабиялде.

Аллагьас ﷻ нилъее киназего Алжаналъуре унеб гIамал гьабизе тавпикъги кьеги, Аллагьасдаги ﷻ Аварагасдаги ﷺ нахърилълъунел агьлулъунги гьареги, унтарал сахлъаги, хваразул мунагьалги чураги.

 

 

МухIаммад Такъигудинов, Къудукь росдал имам

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


ОРВИялде данде

Щибаб санайил дунял квачазе байбихьидал, цIикIкIуна вирусалъулаб инфекциялъ (ОРВИ) унтаразул къадар. Хасго гIадамал унтула хаслихълъиялдаса бахъараб ихдалил байбихьуде щвезегIан. Гьединлъидал гьеб заманалда жаниб кIвар бугеб жо ккола унтул аслиял гIаламатал лъай.   ОРВИ ккола батIи-батIиял...


Египеталде сапар

Египеталде сапаралъ араб Дагъистаналдаса делегация дандчӀвана Вакъфазул рахъалъ министр Усама ал-Азгьаригун. Дагъистаналъул делегациялда гъорлъ рукӀана: ДРялъул диниял суалазул ва миллияб политикаялъул министрасул заместитель ТӀагьир Сутаев, министрасул кумекчи ГӀабдулбасир Абакаров, ДРялъул...


Суал-жаваб

Хабалъ ракIгъеялъул как кин балеб? ШафигIияб мазгьабалъул кIудияв гIалим Сайид МухIаммад Журданияс «ФатхIул ГIаллам» абураб тIехьалда хъван буго: «Гьел суннатал каказдасан ккола хабалъ ракIгъезабиялъул какги. Аварагас ﷺ абун буго: «Хварасе тIоцебесеб сордоялдаса захIматаб...


Цоцазе мисал

Нилъер хъизам букIине ккола сахлъи бугеб щулияб жамгIияб гIуцIилъун. Рокъоб гIадлу гьечIони, хъизан-лъималаз гIумру гьабизе гьечIо исламалда рекъон, бажаризе гьечIо гьел лъикIал бусурбабилъун лъугьинарун.   Аслияб масъала буго Аварагасул ﷺ уммат гьоркьоса къотIичIого цIикIкIунеб хIал...


Ракьулъ бижулеб гIурдахIан

Камъат (гIараб мацIалда факъгI абунги лъала, гIурус мацIалда трюфель) ккола ракьулъ бижулеб кваназе бегьулеб гIурдахIан. Хасго гьеб гIемер батула ГIагараб Машрикъалъул ва Шималияб Африкаялъул авлахъазул гIатIилъабазда, гьениб гьеб загьирлъула цIад бан хадуб. Гьеб гIажаибаб ракьалъул нигIматалъе...