Аслияб гьумералде

Какда хадуб зикру ва дугIа

Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь ракIалде щвезавизе ва дугIа гьабун руссине хасго санагIатал заманаби. Гьезул цояб ккола паризаяб какдаса хадуб мех.

 

Абу Умаматидасан бицана Аллагьасул Расуласда ﷺ гьикъанин: «Кинаб дугIа бищунго рагIулеб?» - ян. Гьес жаваб гьабуна: «Сардил ахирисеб бутIаялда ва паризаял каказда хадуб», - ян. ХIадис имам Тирмизияс бицана. Имам ан-Нававиясги хъван буго как бан хадуб зикру-дугIа гьабизе лъикIаб букIиналъул хIакъалъулъ.

Гьаб заманалда къанагIатаб жо гуро салам кьун хадубго мажгиталдаса къватIире лъугьун яги телефоназде руссун, дунялалъул ишазда гъорлъе журан гIадамал рихьизе. Как бан лъугIун хадуб, гьеб дагьабго мех ккола Аллагьасул Расулас ﷺ нилъеда малъарал истигъфар, тасбихI, тахIмид, такбир ва цогидалги азкарал цIалун, гIибадат халат бахъинабизе бугеб рес.

Гьелдаго цадахъ цо-цо мехалда къец ккола какдаса хадуб гьаракь борхун азкарал цIализе бегьулищин яги бегьуларищали абураб суалалда тIасан. Цо-цояз рикIкIуна гьел сихIкъотIун цIализе кколин, гьаракь борхи бидгIалъун бугин. Амма кьучIаб хIадисалда ибн ГIабасица бицунеб буго паризаяб какда хадуб Аллагь ракIалде щвезавулеб мехалъ гьаракь борхизаби Аллагьасул Расуласул ﷺ заманалда гIадатияб иш букIанин. Гьединго гьес абуна жинда какил ахир лъалин рагIулеб зикруялдалъун. Гьеб хIадисалъул бицунеб буго имам Бухариясги Муслимицаги.

Гьеб суалалда тIасан имам ШафигIияс кIвар бугеб баян кьуна. Гьес рикIкIунаан имамасдаги жамагIаталдаги какда хадуб сихIкъотIун Аллагь ракIалде щвезавизе лъикIаб букIин. Амма имамас гьаракь борхизабизе бегьула, жамагIаталда азкарал малъизе нияталда гьабулеб батани. Масала, гьес абула «СубхIаналлагь», гьелдаса хадуб щивас живго жиндаго чIун тасбихI халат бахъинабула. Цинги имамас иргадулаб зикруялъул авал цIалула, гьеб цIалулеб тартиб жамагIаталда лъазе.

Гьедин кьучIлъун ккола жалго жидедаго чIун азкарал цIали, амма имамасул гьаракь борхи бидгIалъун рикIкIине бегьуларо. Гьелдаго цадахъ цогидаб гIорхъодеги ине бегьуларо. Гьаракь борхун гьабулеб зикруялъ как балев чиясул рахIат хвезабулеб батани, гьаракь гIодобе биччазе ккола. Мажгит буго гIибадат гьабулеб бакI, жиндир зикруялдалъун цогидасул гIибадат хвезабизе бегьуларо.

Цоги дагIба-рагIи бугеб суал ккола дугIа гьабулеб мехалда кверал рорхи. Суннаталда руго гьеб гIамалалде тIоритIел гьабулел хIадисал. Бицана Аллагьасул Аварагас ﷺ абунин: «ХIакъикъаталдаги дур БетIергьан вуго бищунго Нечарав ва бищунго Сахаватав. Гьев нечола Жиндирго лагъасул кверал Жиндихъе рорхулаго чIорого тезе», - ян. Гьединлъидал гIалимзабаз кверал рорхи хурхинабуна киназдаго лъалел дугIаялъул адабаздасан.

 

 

 

 

 

 

ДугIа гьабун хадуб кверал гьурмада рахъиялъул хIакъалъулъ хIадисазул тIахьаздаги руго гьелда хурхарал баянал. Амма цо-цо гIалимзабаз гьел хIадисал загIипаллъун рикIкIана. Гьединлъидал гьединал суалал бусурбабазда гьоркьоб гIайибал гIунтIизариялъул ва рикьалаби гьариялъул кьучIлъун лъугьине бегьуларо.

Гьединго гьоркьоб лъолеб суал буго жамгIияб дугIа. Имамас дугIа гьабун ва жамагIаталъ «Амин» бачун. ХIабиб ибн Масламатидасан бицун буго: «Цониги гIадамазул къокъа цоцалъ данделъуларо, гьезул цояс дугIа гьабун, цогидаз «Амин» абун, Аллагьас гьезул дугIаялъе жаваб кьун гурони», - ян. (ХIаким)

Гьединлъидал, бусурбабазда гьоркьоб лъалеб кинаб бугониги гIамал бидгIалъун лъазабилалде, хIадисалъул ва гIалимзабазул асаразул халгьабизе ккола. Цо пикруялъухъ гIенеккун, гьебсагIатго батIи-батIияб къагIидаялъ хьвадулевщинав чиясда гIайиб чIвазе бегьуларо. ГIалимзабазул хилаф ккарал суалазул адаб-хIурмат гьабизе ккола, гIедегIун гIайиб чIваялдаса рикIкIадги чIун.

Амма гьел киналго дагIба-рагIиязда гьоркьоб кIвар бугеб жо ккола аслияб жоялдаса махIрумлъичIого рукIин. Гьелдасаги гIемерго пашманаб жо ккола цояс рагIиледухъ, цогидас сихIкъотIун зикру цIали гуреб, цояс какдаса хадуб Аллагь рехсей тIубанго рехун теялъул. Зикруялъул формаялда тIасан лъугIи гьечIого дагIба базе бегьула ва ахир-къадги жибго зикруялдасаги махIрумлъизе рес буго.

Паризаяб какдаса хадуб азкарал гьари ккола суннатаб гIибадатлъун. Аслияб къагIида ккола щивав чияс гьел жалго жидедаго чIун тIуразари. Имамас гьаракь борхизабизе бегьула жамагIаталъе насихIат гьабизе, цогидал гIибадат гьабулезул рахIат хвезабичIого. Кверал рорхиялъул, гьумер бацIцIиялъул, жамагIаталда дугIа гьабиялъул суалазда тIасан гIалимзабазул батIи-батIиял пикраби руго. Гьединлъидал гьел суалазда хурхун цоцазда гIайиб чIваялъул пайда гьечIо.

Салам кьун хадуб дунялалъул ахIи-хIуралде нахъе гIедегIуге. Дур мацIалъ жеги дагьаб мехалъ Аллагь ракIалде щвезаве, ракIги гьесде буссинабизе биччай. Ахир-къадги зикру ккола ракI чIаго гьабулеб ва ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъул бищунго кIудиял сабабазул цояб.

 

КъахIиса МухIаммад, Муфтиясул заместитель, ШаргIиял гIелмабазул доктор

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...