Аслияб гьумералде

Берцинаб тарбиялде кIвар кьола

Берцинаб тарбиялде кIвар кьола

Шамил районалъул Микьигьориб росдал аслияб школалъул директор ГIумарасхIаб Ибрагьимов цIалана росдал школалда ва Хунзахъ районалъул ГIарани школа-интернаталда. ВатIаналда цебе тIадаб борчги тIубан вачIиндал, цIалана Хасавюрталъул педколледжалда. ХIалтIана Зивуриб, ТIогьохъ росабазул школазда физкультураялъул учительлъун. ЛъугIизабуна ДГПУялъул тарихалъул ва правоялъул факультет. 1991 соналда хIалтIизе лъугьана гIагараб росдал школалде ва 1994 соналдаса нахъе нухмалъи гьабулеб буго гьелъие.

 

ЦерегIанго къоязда ниж дандчIвана ГIумарасхIабгун ва нижеда гьоркьоб ккана гьадинаб гара-чIвари.

 

- ГIумарасхIаб, байбихьуда директорасда тIадал ишал тIуразаризе захIмат букIанищ?

- Гьел рукIана нилъер кIудияб улка бихун хадусел сонал. Школалъул материалиябгун техникияб база мукъсанаб букIиналъ, цIалул рахъ загIиплъун букIана. Учительзабазе кьолеб харжцин букIана мукъсанаб. Гьединлъидал байбихьуда гIезегIан захIмалъаби дандчIвана. Амма, учительзабазул, коллективалъул кумекалдалъун, цIалудегун тарбия кьеялде кьолеб кIвар чучлъизе течIо.

 

- Жакъа щиб хIалха бугеб? Кин бугеб лъималазул цIалул иш?

- Лъималазул цIалул иш квеш бугин абиларо. Щибаб соналъго гIадин районалъул олимпиадабазда, регионалиял конкурсазда, школалда тIоритIулел къецазда цIалдохъабаз рихьизарула лъикIал хIасилал. Лъималазул цIалул цебетIей учительзабаздаги бараб букIуна. Гьединлъидал учительзабазги кIвараб хIаракат бахъула лъималазде кIвар кьезе ва жидерго лъай жеги камил гьабизе.

 

- Школалда камуларо цIалул рахъалъ нахъе ккарал лъимал. Гьезде кIвар кьеялъул иш кин бугеб?

- ТIоцебесеб ирагаялда, нижеца хIаракат бахъула гьединал лъималазе берцинаб ва битIараб тарбия кьезе. ГьитIинаб къоялдаса нахъе гьелде кIвар кьечIони, кIудияб гIедал лъимадул я цIали, я берцинаб рукIа-рахъин букIунаро. ХIалтIуца лъадаричIев чиясулъ патриотизм букIунаро. Жакъа материалияб рахъ босани, цIалдохъанасе киналго ресал руго. Нижер буго лъимал раччизе автобус, цIалдохъабазе кьола хинаб квен. ПалхIасил, камураб жо гьечIин абизе бегьула. 

 

- Школалдего гIадин исламиял дарсаздеги лъимал хьвадулел ругони, гьеб квешищ яги лъикIищ бугеб? ГIемерисез абулеб рагIулелъулха мадрасазде лъимал ритIизе заманго гIолеб гьечIин абун.

- БитIараб бицани, жакъа лъималазде тIадецуй буго. Школалде гурелги, лъимал хьвадизе ккола батIи-батIиял секциябаздегун кружкабазде. Радал микьго тIубаралдаса сагIат цо тIубазегIан рукIуна дарсал, цинги хIухьбахъиялъе гьоркьоб заманги тун, сагIат кIигоялдехун байбихьула кружкаби ва секциял. Гьединлъидал цIалдохъаби сагIат 3-4 тIубазегIан школалда рукIуна.

Амма гьелдаго цадахъ мадрасаздеги хьвадизе бажарани, кутакалда лъикIаб иш букIина. Гьеб кинабго бараб буго эбел-инсуда. Лъималазул букIине ккола чIезабураб график. БукIине ккола цIалул ва эркенаб заман. ТIубараб къоялъ хIал гьабун цIалдезе тIамизеги бегьуларо. График гьечIони, чIалгIаде заман хвезабулел рукIуна лъимал. Бищун квешаб жо буго лъималазухъе телефонал кьей. ПалхIасил, цIалул заман гIемер гьабун, эркенаб заман дагь гьабун, рекъезабун бачине ккола.

 

- Лъималазе рухIиябгун динияб тарбия кьеялъе щиб бугониги хIалтIиго гьабулищ школалда?

- Лъималазе рухIияб лъай кьеялде цIикIкIун кIвар кьола. ВагIза-насихIат гьабизе гIалимзабиги ахIула школалде. Щибаб санайил гьабула мавлид. Лъималазеги гьеб кутакалда бокьула.

Гьоболлъухъ ахIула поэтал, хъвадарухъаби, тарихчагIи. ГIун бачIунеб гIел букIине ккола кинабго рахъалъ цебетIураблъун. Нилъер аварагасги абун бугелъул, хIилла-макруялъул, сихIруялъул гIелмаби хутIун, хутIарал гIелмаби лъазарейилан абун.

 

- «Ас-салам» казияталъулгун лъай-хъвай кида ккараб?

- Росулъ тIоцебе «Ас-саламги» «Нурул-исламги» хъварав чи вуго дун. Щибаб санайил гьабула подписка. ХIатта Россиялда тIибитIизабизелъунги садакъаде хъвала гIурус мацIалда бахъулеб «Ас-салам» ва цо экземпляр школалъеги хъвала. Хъвараб гIоларо, цIализеги ккола. Чангияс абулеб рагIула гьанже кинабго жо интернеталда бугин абун. Дун гьелда рази гьечIо. Интернеталда бугеб доба хутIула. ГьечIо кодобккун цIалараб газета гIадинаб жо. Гьединго СагIид-афандиясги абичIищ: «Дица хъвала «Ас-салам», нужецаги хъвай», - абун. Гьел рагIаби нилъее гIезе ккеларищ!?

 

Гара-чIвари гьабуна Жабир мажидовас

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...