Аслияб гьумералде

Къуръаналда рехсараб

Къуръаналда рехсараб

Варани ккола бищунго гIажаибаб ва Къуръан-хIадисалда рехсеялдалъун хира гьарурал хIайваназул цояб. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ сурату «аль-Гъашияталда» абулеб буго: «ГIадамал ралагьуларищ варанабазухъ, кинаб къагIидаялъ гьел рижун ругелали», - абун.

 

Инсанас вараниялъул гIуцIиялъул пикру гьабуни, гьеб гьесие гIела, БетIергьанасда иман лъезе ва квешаб тун, лъикIалде вуссине.

Свалат-салам лъеяв аварагас гьелъул хиралъи бицун хIадисалда абулеб буго: «Нуж вараниялде рагъуге ва хьандоге, хIакълъунго, гьелдалъун гIадамасул би тIей нахъчIвала», - ян. Гьелъул магIна буго къисас босун чIвазе бегьулев чи, нусго варани кьеялдалъун хвасарлъулин абураб. Гьединго, хирияв аварагасул ﷺ хIадисалда абулеб буго: «Варанабазулъ нужее тIадегIанлъи буго, чахъабазулъ нужее баракат буго, чуязулъ нужее лъикIлъиги хайирги буго къиямасеб къо чIезегIан», - абун.

«ХIаятул хIайванат» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Щибаб хIайваналда ццин букIуна вараниялда хутIун, гьелъие гIоло буго гьеб кутакалда сабру цIикIкIараблъун», - абун.

Гьоркьохъеб къагIидалда вараниялъ 40-50 соналъ гIумру гьабула. Вараниялда кIолеб буго къокъаб манзилалда 65 км/ч бекеризе, халатбахъараб нухда 40 км/ч билъинеги. Къечараб мехалъ гьеб хIалакълъулеб буго жиндир цIайиялдаса 20-25 проценталъ, лъим щведал хехаб къагIидалда тIадеги бачIунеб буго. Лъимги халеб буго.

 

МухIаммад Салманов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...