Аслияб гьумералде

Бищун лъикIаб гIамал

Бищун лъикIаб гIамал

Абу-Дардаъ-асхIабасдасан бицун буго: «Дида рагIана Бичасул аварагас ﷺ абулеб: «Къиямасеб къоялъ тIоцебе цIадирабазда лъолеб гIамалалдаса ккола лъикIаб тIабигIат ва сахаватлъи.

Иман бижараб мехалъ гьелъ БетIергьанасда ﷻ абун буго: «Я Аллагь ﷻ, жиб щула гьабе», - ян. Цинги ТIадегIанас ﷻ гьеб щула гьабун буго лъикIаб тIабигIаталдалъун ва сахаватлъиялдалъун. Куфру бижараб мехалъ, гьелъги абун буго: «Я Аллагь ﷻ, жиб щула гьабе», - ян. Аллагьас ﷻ гьеб щула гьабун буго хъантIиялдалъун ва нахъегIанаб гIамалалдалъун».

Тирмизияс бицараб хIадисалда аварагас ﷺ абун буго: «Къиямасеб къоялъ диде бищун гIагарал ва бищун рокьулел чагIи рукIине руго лъикIаб, берцинаб, сахаватаб тIабигIат-гIамалалъул бетIергьаби», - ян.

Абу-Дардаица жеги бицун буго аварагасдасан ﷺ: «Къиямасеб къоялъ цIадирабазда лъолеб гIамалазул берцинаб тIабигIаталдаса бакIаб жо щибго гьечIо. Гьеб гIамалалдалъун чи щола какал ралев, кIалал кколев чиясул даражалде», - ян.

Аварагас ﷺ хIадисазулъ баян гьабураб кинниги берцинаб тIабигIатазул бетIергьан вуго гIадамазул бищун лъикIав. «КигIан гIемераб бугониги гьабураб гIамалалъ пайда гьабуларо гьелда цадахъ берцинаб гIамал-хасият батичIони», - ян буго хIадисалда.

Имам Гъазалиясги «ИхIъялда» хъван буго, аварагасда ﷺ цIехедал гIамалазул бищун лъикIаб щиб кколебин абун, гьес ﷺ жаваб гьабунин лъикIаб тIабигIат кколин абун.

Чиясул хIал кIоларо щивав аскIове вачIарав чиясе кумек гьабун ва гьарараб кьун. Амма гьесул хIал кIола аскIове вачIанщинасдехун гьимун, берцинаб, гьесул рекIелъе лъугьунеб гIамал-хасият бихьизабизе. Цинги гьединав чи гIадамазул рекIелъеги вортула, гьезул цоцазде рокьиги бижула.

Гьеб гIамалалъ чиясе рагьула баракатаб, гьарзаяб нигIматалде нуцIа. ЯхIя ибну МагIазица абун буго: «ЛъикIал тIабигIатал чорхолъ рессарав чиясе ризкъиялде нуцIа рагьула. Гьеб буго диналъул кьучI», - ян.

Берцинаб тIабигIат буго чиясул гIумруго талихIаблъун гьабулеб гIамал. Гьеб гIамал хасиятлъун ккурав чиясул дандиязулгун мекъи ккейги букIунаро, рагъ-мачалдеги кколаро. «Чиясул талихIалъул гIаламатазул цояб буго гьесул берцинаб хасият», - абун буго хIадисалда.

Анас-асхIабасги бицун буго аварагасдасан ﷺ: «ЛъикIаб тIабигIаталдалъун инсан абадияб рукъалъул тIадегIанал даражабазде вахуна, гIибадат гьабиялъулъ загIипавлъун вукIун ватаниги», - ян.

Квешаб гIамалалъул бетIергьан абуни вуго киназдаго рихарав чи. Жабир-асхIабасдасан бицараб хIадисалда буго: «… дир ﷺ цIикIкIун ццин бахъунелги, Къиямасеб къоялъ дидаса ﷺ цIикIкIун рикIкIада рукIине ругелги ккола жалго жидецаго реццун гIемер кIалъалел ва бицунеб хабаралъулъ чIухIарал гIадамал», - абун. Аллагьас ﷻ цIунаги нилъ гьединаллъун рахъиналдаса, Гьес ﷻ нилъ гьареги берцинаб тIабигIат чорхолъ босарал Жиндир ﷻ рацIцIадал лагъзаллъун.

АхIмад Къурбанов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...