Аслияб гьумералде

Шамил имамасул 500 кагъат

Шамил имамасул 500 кагъат

ЦIалдолезухъе щвана «Шамил имамасул 500 кагъат» абураб тарихияб тIехь. Гьелда руго батIи-батIияб заманалда Шамил имамас хъварал кагътал. Гьез гIатIидаб баян кьолеб буго имамасул заманалда букIараб хIал бичIчIиялъе, гьенир дандчIвалел рукIарал тарихиял хIужаби щвеялъе.

Гьел данде ракIариялда, гIуцIиялда, таржама гьариялда тIад хIалтIана, МухIаммад ХIамзаевасул бетIерлъиялда гъоркь, гIелмиял хIалтIухъабазул къокъа. Гьеб тIехьалда руго имамас рахъ-рахъалъул вакилзабазде, къадизабазде, наибзабазде хъварал кагътал. Гьезда жаниб буго тIубараб гIелму ва тарих. Абизе бегьула гьел кагътал Дагъистаналъул гIемерисел росабазул вакилзабахъе хъварал ругин абун.

ЦерегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана гьеб тIехь къватIибе бачIиналда бан цебелъей. Мажлисалда гIахьаллъи гьабуна батIи-батIиял гIелмабазул ва махщелазул вакилзабаз. Гьеб гIуцIараз гьенире ракIараразе бицана тIехь данде гьабулаго дандчIварал лъугьа-бахъиназул ва гьелъие кумек гьабуразул хIакъалъулъ.

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...