Аслияб гьумералде

Диналъегун халкъалъе пайдаял

Диналъегун халкъалъе пайдаял

Диналъегун халкъалъе пайдаял

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана ЦIияб ЧIикIаб росулъа волонтералгун. Терекли-Мектеб росдал ва Москва областалъул Мытищи шагьаралъул мадрасабазда, гьединго цогидалги ишазулъ гьез гьарулел хIалтIабазухъ муфтияс баркала загьир гьабуна гьезие.

Жакъа гьединал хIалтIаби гьарун бажари буго нилъер умумузул баракат. Гьелъухъ Аллагьасе ﷻ шукру гьабизеги ва гьезул рухIияб ирсалъе мустахIикъаллъунги рукIине хIаракат бахъизеги ккола нилъецаян абуна муфтияс.

Волонтеразул къукъабазул церехъабазе ва Гъизилюрт районалъул имамзабазул председатель Шамил ХIажиевасе, муфтиясул цIаралдасан, Баркалаялъул кагъталги кьуна. Гьединго Баркалаялъул кагъат ва сагIат кьуна ЦIияб ЧIикIаб росдал имам Шамил ГIисахIажиевасеги. ЦIияб ЧIикIаб росдал гIолохъабазул хIаракаталъул бицун нижеца гара-чIвари гьабуна Ш. ГIисахIажиевасулгун.

- Шамил, волонтеразул къукъа гIуцIиялъул ишалде кин байбихьараб ва жакъа гьезул кигIанасев чи вугев?

- ЖамагIаталда гъорлъ рукIуна хIалтIи гьабизе бажари бугел гIолилал. Гьединал гIолохъаби руго нижер росулъги. РакIалде ккана, гьезул мисалалда, цогидалги пайдаяб ишалда гъорлъ гIахьал гьаризе. Къокъабго заманалда жаниб 20 чи данде гьавуна.

Исламалъе гIоло гьабулеб хIалтIи цохIо имамас ялъуни гIолилазул нухмалъулес гьабун тIубаларо. ХIалтIи цебетIезе ккани, щивас бахъизе ккола жигар. Гьедин бичIчIизабуна гIолохъабазда. Аллагьасе ﷻ рецц, гIолохъабазда гьеб бичIчIана ва гьез бихьизабуна унго-унгояб хIаракатчилъи. Свак тун хIалтIана. Заманалдасан гьезул щивав жавабиявлъунги гьавун, тIад къана гъира бугел гIолилал данде ракIаризе. Щивасул къукъаялда рукIана къогогIанасев чи. Жакъайин абуни руго къукъаби 44 чи гъорлъе рачаралги. Киналго рикIкIани, 650 чиясде бахуна гьезул къадар. Гьел гIолохъабаз росулъги росу тун къватIибги гьабула гIемераб хIалтIи. Масала, Терекли-Мектебалъул мадрасалда гьабуна цIакъго кIудияб хIалтIи.

Гьелдаго цадахъ гьез къачIала нухал, мажгит-мадрасабазе гьабула хIажатаб хIалтIи. Риидалил заманалда, лъималазе рахIаталъе, мажгиталда тIокъо бана, мискин-пакъиразе «Инсан» фондалда цадахъ кумек гьабула, гIун бачIунеб гIелалда аварагасул ﷺ суннатлъун бугеб чIорбутI речIчIизе малъула. Волонтеразул цо къукъаялъ больницаялда регун ругезе как базе бакIал къачIана.

- Гьабураб хIалтIухъ мухь босулищ гьез?

- Дунял буго къокъаб жо. Ахираталъе гьабураб гурони нилъеда батуларо. Аллагьасе гIоло гьабулеб хIалтIухъ гIарацги босуларо. Гьелъул гIаксалда, хIажатазе гьабула гIарцудалъунги кумек. Аллагьас ﷻ гьезул боцIи-малалда баракат лъеги.

- Терекли-Мектебалда, Абу ХIанифал цIаралда бугеб мадрасалда, щиб хIалтIи гьабураб?

- Аллагьасе ﷻ рецц, гьеб хIалтIи гьабизе муфтияталъ нижер росу тIаса бищана. Цебе лъураб масъала букIана лъабго моцIида жаниб Терекли-Мектебалъул мадрасалда ремонт гьаби. Нижеца гьеб хIалтIи кIиго моцIида жаниб лъугIизабуна. ПалхIасил, тIох цIигьабуна, азбар къачIана, мадрасалъул цебесеб рахъалда бана къед, сверун чалиялъ жанибе бачана, мадрасалда нахъа бана саламатаб кладовка, мадрасалда жанирги гьаруна гIемерал хIалтIаби.

- ГIарцудалъун яги алат-къайиялдалъун кумек лъица гьабураб?

- Терекли-Мектебалда мадраса къачIазелъун гIарац бакIарулеб букIана. Гьединго нижер росдацаги бакIарана гIарац. ТIахьал лъезе чIахIиял полкаби ва гьенир лъезе диванал росана росдаца бакIарараб гIарцухъ.

- Москва областалъул Мытищи шагьаралда бугеб мадрасаги нужер гIолохъабаз гурищ къачIараб?

- Дунгун цадахъ гьенире ун рукIана волонтеразул 8 чи. Квачараб хасалил заманги букIана гьеб ва амма квачалъ гIолохъабазе щибго квалквал гьабичIо хIалтIаби гьаризе. Тереклиялдаго гIадин гьенибги гIемераб хIалтIи гьабуна.

- Нилъер гьаб казият гьоркьоб ккун волонтеразе щиб гьарилеб?

- Аллагьасда ﷻ цебе батулеб гIамал гьаби буго инсанасе батулеб жо. Лагъасе лъикIлъи бокьидал ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьесие диналъулъ бичIчIи кьола. Чан чи вугев, бусурбанчийин цIарги букIун, шаргIалъ тIад къарал парзалцин тIурачIого, дунялалъул боцIуда хадув векерахъдун ахираталъе щибго гIамал гьабичIого цевеса арав. Жакъа нилъее исламалъе гIоло гьадинал хIалтIаби гьаризе рес букIинги кIудияб талихI буго. Гьал къукъаби данде гьариялдасаги дир мурад буго Аллагь ﷻ разилъи. ТIахьазда хъван буго: «Дур мурад Аллагь ﷻ разилъи батани, нужеда гьоркьобе щибго жо лъугьунаро», - ян. Ният бацIцIадаблъун гьабеги Аллагьас ﷻ нилъер. Гьел гIолохъабазеги дица гьарула щулияб сахлъи, халатаб гIумру ва Аллагьас ﷻ кьуралда шукру гьаби.

ХIадур гьабуна Жабир Мажидовас

2026-09-01 (РабигIул аввал 1448 с) №17.


Аварагасул ﷺ ирсилазул цояв

(Байбихьи цересел номералда)   Гьелдаса хадуб рагьун дин биччазегIан гьев мубарак жиндирго цIулал хIалтIиги гьабун гIадамазда гьоркьов гIадатияв чилъун вукIун вуго. Дагъистаналде зияраталъ вачIанщинахъе гьес рещтIен гьабулеб букIун буго ХасмухIаммад-хIажиясухъ. Гьесул гIумрудул цIех-рех...


Хъизан цIуне

Хъизан гьаби ккола ТIадегIанав Аллагьасда цебе кIудияб жавабчилъи. Нилъеца хъизан гIуцIула Аллагьасул амруялдалъун ва Аварагасул ﷺ суннаталдалъун, гьединлъидал, нилъеца хIаракат бахъизе ккола диналъ малъараб куцалда хъизамалда гIумру гьабизе.   Квеш ккараб жо, жакъа гIемерал хъизамал...


ХIузуралъул нух

БетIергьанас щивав бусурбанчиясда тIадаблъун гьабун буго сордо-къоялда жаниб щуго как бай. Гьебги ккола диналда жаниб чара гьечIого лъалеб жо. Лъимералъ анкьго сон байгун гьелда как базе малъейин, анцIго сон байдал, кIарчанлъи гьабуни тамихI гьабейинги абун буго Бичасул аварагас ﷺ.   Цоги...


БацIцIадаб гIоралда релъараб

Как буго диналъул кьучI ва аслу. Как тарав чиясул дин биххулин абун буго хIадисалдаги. Гьелъул магIна ккола диналъул щулалъи какалда бараб букIунин.   Бусурбанчияс кIвар кьезе ккола какалде. Гьелъул кIвар бицана хIадисалъги: «Дуда лъай, ишазул бищун лъикIаб как бугеблъи...»...


Мисал босула

Бищун талихIавлъун ккола Аллагьас ﷻ тIадкъарал хIукъукъалги тIуралев, хирияв Аварагасул ﷺ суннатги цIунулев ва исламалда рекъон хъизан-агьлуялъе тарбияги кьолев чи. Лъимералъ тIаса бищулеб нух бараб букIуна эбел-инсуда.   ГIемер абулеб рагIула, эбелалда яги инсуда релълъарав вугин абун....