Аслияб гьумералде

ШугIайб-афанди ал-Багини

ШугIайб-афанди ал-Багини

ШугIайб-афанди ал-Багини

Аллагь разилъаяв ШугIайб афанди гьавуна гIага-шагарго гьижрияб 1270, миладияб 1857 соналъ, ЧIарада районалъул Багиниб росулъ. Гьесул эмен Идрис вукIана кутакалда варагI бугев, жиндир заманалда машгьурав гIалимчи. Гьесул умумул кколаан Хунзахъ районалъул БуцIра росулъа. Гьениса гьел гочана ЧIарада районалде ва Багиниб росулъ гIумру гьабун чIана.

ШугIайб-афандияс гIелму цIализе байбихьун гIемер заман иналдего, гьесул эмен Аллагьасул къадар щун ахираталде ана. Гьеб баян гьабун гьес хъвалеб буго: «Эмен хун хадуб, дир пашманлъи бихьун, дида гурхIун, ХIурухъ росулъа гIалимчи Давудица рокъовеги ахIун, дида абуна: «Дур инсуца дида малъараб гIадин, дица дудаги гIелму малъизе буго», - ян.

ШугIайб-афанди хьвадана, доб заманалъ машгьурал гIалимзаби - Гьунухъа ИбнухIажарил вас ХIажихъе, ГIириб росулъ имамлъун вукIарав Рилъаса АхIмад-хIажихъе. Бицен буго гьесул мугIалимзабилъун рукIанин Багиниса ГIабдуллагь, ХIурухъа ГIабдуллагь апанди, Рочиса Мамадибир апандиги. Инсуца ШугIайб-афандиясда васият гьабун букIана: «Дуца гIелму тани, метерисеб къоялъ мун дихъе чIегIераб гьумергун вачIине вуго. Дун дудаса разияв вукIине гьечIо», - ян.

Инсул васият камилго тIубазе кутакаб хIаракат бахъана ШугIайб-афандияс. Гьесда бацIцIадго лъалаан чанго батIияб мацI: гIараб, магIарул, азербайжан, гIурус, лъарагI ва фарси. ЦIалиги лъугIун, лъикIаб гIелму щварав гьев хIалтIана ЦIахуралъул къадилъун ва мадрасалъул мугIалимлъун. Хадуб гьев ана ЦIоралъул Жунайгъи абураб росдае имамлъи гьабизе. ЦIахуралда вугеб заманалда гьесда данделъана лъабго тIарикъаталъул устар: ЖабрагIил-афанди, ХIамзатхIажи-афанди ва КъусайхIажи-афанди.

ШугIайб афандияс хъвалеб буго: «Устарзабигун данделъаралдаса дие дунял рагIадлъун лъугьана. Гьездехун бугеб рокьиялъ, дун гьезда вухьарав гIадин, гьел тезе кIоларого лъугьана», - ян.

ТIоцебе ШугIайб-афандиясе тIарикъаталъул тарбия кьуна Къусай-афандияс. Гьес ШугIайб афанди гIемер халваталда тун, муршидлъиялъул макъамалде вахине гьавуна. 1893 соналъ Къусай-афандияс гьесие гIадамазда тIарикъат малъизе изну кьуна. Гьелдаса хадуб лъабго соналдаса гьесул устар Къусай-афанди хвана. Киниги ШугIайб-афандияс жиндирго устарлъи бахчана ва АхIмад Талалиясухъе муридлъун ана.

АхIмад Талали вукIана гIемерал устарзаби куцарав, машгьурав къутIбу. Гьес ШугIайб афанди анкьго моцIалъ халваталда тана ва гьесул камиллъи бихьидал тIарикъат малъизе изну кьуна. Гьелдаса хадубги ШугIайб афандияс анкьго соналъ жиндирго устарлъи бахчана. Цинги АхIмад Талалияс жиндихъего ахIун, гьесда амру гьабуна, гIадамазда тIарикъат малъеян.

1897 соналъ АхIмад Талали ахираталъул рокъове ана. Гьев хун гIемер заман иналде, кигIан камилав кIиго устарас ижаза кьурав вугониги, ШугIайб-афанди ГIасаса ГIабдурахIман-хIажиясул тарбияталде гъоркъе лъугьана. ГIелму-гIамал рекъарав, хIеренлъи-хIалимлъи камилав вукIиналъ гьесда батIи-батIиял цIарал абулаан: «Диналъул нур», «ГIарифуназул эмен», «Балъголъабазул ралъад», «Аварагасул ирс цIунарав хъаравул», - абун.

ХIасан-афандияс «Сиражу-ссагIадат» абулеб жиндирго тIахьида хъвалеб буго: «XIX гIасруялъул ахиралда, ХХ гIасруял авалалда, Дагъистаналда бищун машгьурал шайихзаби рукIана: ШугIайб-афанди ва ГIабдру-рахIман-хIажи. ГIадамал битIараб нухде тIоритIиялъулъ, бищун цIикIкIараб пайда халкъалъе жидедасан щварал», - абун.

ШугIайб афандиясул «Къалаидул жавагьир» абураб тIехьалдаса

ГIин тIаме тIалибзаби нужей хабар бицизе
Гъафлаталъул ракIазе рорчIи жудей бегьизе
Нилъер Аварагасул къиссабиги рицизе
Мавлидалъул ахбарал къаламалде росизе
Жеги гьесул аввалиййатал жуде баян гьаризе
КьучIчI лъун хадуб къе базе мухIканаблъун букIизе.

ГIабдуллагьица Аминат ячин

Авараг ﷺ эбелалъ ургьив ваччи

Цинги ГIабдул-МутIтIалиб къутIиве жив вахъана
ГIабдуллагьги вачуму Маккаялда хьвадана
Цо кагьинат ятана балай гIемер гьабуна
ГIабдуллагьил гьурмада нуру-Ннаби бихьана
Муравадатги гьабун йохъун чIуму кIаллъана
ТIад ккезе вачIайилан гуккизе къас гьабуна
Нусго варани кьела мун цIакъ кIодов гьавила
Гьаб дир мурад тIубани дуй тIокIлъиги бахила
ГIабдуллагьид абана: хIарамаб жо бугилан
Гьелда аскIо хIвел дие гIемераб бокьулилан
Гьунса кIиявго ана Вагьибихъеги щвана
Аминатил имсул вац Вагьаб хун нахъ вукIана
Цинги хутIбат гьабуна Аминатги гьарана
ГьебсагIат жаваб кьуна гIакъду-нникахI бухьана
ГIабдуллагьгин Аминат данделъараб гIужалда
Къурайшазул жаниса кIинусго чIужу хвана
ГIабдуллагь кодоса ун пащманлъаби бергьиналъ
Цогидалги унтуму тIолго бусаде ккана
МахIамидул-хамсатал халкъалъул Халикъасе
Щукруялъул киннабго кинназул разикъасе
Цинги салатгин салам гьесул гъапу чиясе
Агьлугин асхIабзаби жеги нахъ валъарасе.
ГIабдуллагьил гьурмалда гьайбатаб нур бещтIана
Таманаб заманалъулъ жиндихъго гьеб хутIана
Цинги жив Халикъасул ирадатал регьидар
Халкъалъулго хираяв загьирлъизе мех щведар
Куфруялъул бецIлъаби цIаял гъуму рухIизе
Къурайшазул чIухIиги хулчада гъокь мерхьизе
Нуралъ ракьал цIезерун берцин гьелги гьаризе
Маккаялъул хъанчалги гIодоле ран гъуризе
Аллагьас амру буна Жибриласда цIалана
Зобал ракьазда роххел дуца гьезда бицела
Сидраталдеги вахун Жабраилас ахIана
Аллагьас хIукму гьабун хIукму жиндил билъана
«Ала» дав «хайрул-анам» загьирлъизе мех щвана
Эбелалъул ургьиве къарарлъизе гIуж гъуна
Хъанчал гIодол гьарулев гьубал малакь рехулев
Муъминасда гурхIулев капурзаби гъурулев
ГъалбацIлъуму Аллагьас халкъалъухъе витIулев
Дунял – ахираталъул кверщел жиндил букIулев
Цинги Малаикзабаз кIудал гьаркьал гьаруна
Курубиййуназудги тасбихI тагьлил гьабуна
Микьабго алжаналъул нуцIаби рагьун ана
ХIурул-гIайнзаби роххун берцинго жал кьурдана
Нилъе россаб рикьулев Къасим гьавунил абун
ТIолго халкъалъул чирахъ загьирлъанил абана
Кинналго зобал-ракьаз цоцазда роххел бана
ХIабибуллагь гьавизе гьанже гIужалги щвана
Макка бахун къутIиве ГIабдуллагьги вахъана
Эмемгин цадахъ вулъун ГIарафаталде щвана
ГIабдуллагь нахъе чIана эмем цевеху ана
Гьеб сагIаталъ гIодоса кIудияб лъим баккана
Рахьдадасан жиб хъахIаб гьоцIодасан гьуинаб
ГIазудасан цIорораб кавсаригIан камилаб
Гьатифалъ гьаракь буна ГIабдуллагьин сас бана
Дуца гьеб лъимги къейин цинги гъуслу гьабейин
Гьунсаги хехлъи гьабун Аминатихъе айин
МузажагIатги гьабун гьелъул хIакъ тIобитIейин
Гьелъ дуй гьавузе вугин халкъалъулго хираяв
ГIаршалде фаршалде щун жиндил цIар тIибитIарав
Гьунса нахъе вилъана агьлуялъухъе щвана
Йа Аминат-ги абун амру жинца гьабуна
Дуца черх бацIцIа гьабе гьуин махIалги гьаре
Дица духъе аманат кьезе бугил абана
Гьеб бакIалда тIад ккана къурагIелги тIубана
Гьеб сагIаталъ къинайлъун Аминатги лъугьана
ГIабдуллагьил гьурмада букIараб берцинаб нур
Аминатил гьумала бещтIун гьайбат гьаюна
Нужей бокьун батани ШафигIасул шафагIат
Гьесси салават битIун гьабе киддаго тIагIат
Аминатид абана Саййидат жий кIаллъана
Расулуллагь ургьив ккей жунда лъачIил бицана
БакIлъиги я унтиги цоябниги бегьичIо
Руччабазе букIулеб щибго зарарги хъвачIо
Дун гIодой чIарай мехалъ бухIи цIакълъараб гIужалъ
НакIкI тIаде бачIун дида рагIад булеб букIана
Кагьризалде дун ани хIекълъи дир цIикIкIун ккани
Эхеде гьалдон бачIун хIавуз цIолеб букIана
Микьилъ цо чи вачIана малги дида тункана
КIудияб рохел бицун дун йохизе гьаюна
Рохел дуе Аминат Расуласул хIамилат
Мун югилан абуму гьес дий рохел бицана
ЦIарги МухIаммад тейин Вагьбил яс дуда бичIчIен
ВагIза къабул гьабуйин абун живги кIаллъана
ГIаламатал тIатана гIажаибал рихьана
Расуласул хабарал халкъалдегоги щвана
Надалда къуръан хъварав цохIо хатIтIалъ лъугIараб
Цебе сужда гьабурав Исрафилги вохана
Халкъалъул ризкъиялъул кIулал жиндихъе ругев
Микаил малаикги кIутIун тIаде вахъана
Аллагьасул жив чапар вахIъюялъеги къави
Жабраилул Аминги аминлъиялде щвана
РухIал жинца рахъулев халкъ жиндасан хIинкъулев
Малакул-мавт малаик рохелалъулъ лъугьана
Зобалазул амлакал ссаф-ссаф гьабуму чIана
Цоцазда хабар бицун башаратал гьаруна
Алжан цIакъго къачIана жужахI хехго къакъана
ХIамалатул ГIаршазе ГIарш баччи пигьалъана
Дал курубиййуназуд тIаваф цIакъго гьабуна
ГIаршги цIакъ чIучIадана бохараблъун лъугьана
Аминат къинай лъугьун гьар моцIалда рихьана
Гьаватифазул сасал халваталда рагIана
Гьал зобалгин ракьазда ахIдолев чи вачIана
Авараг гьавизе гIуж гьаб бугилан бицана
ТIоцебесеб моцIалда Кисрал айван бикьана
Микьилъ рохел бегьана «бушра»-йилан сас бана
КIиабилаб моцIалда микьилъ Идрис вачIана
ТасбихIалъул бетIергьан ургьив вугин бицана
Лъаб абилаб моцIалда Саваталъул бухIайрат
Ракьулъе щинкIун ана бацIцIад лъимги лъугIана
Микьилъ НухI аварагас рохел жунда бицана
ФутухIазул бетIергьан дуца гьави абана
Ункъабилаб моцIалда самаваталъул лъимал
Чвархун эхеде бахун кIкIалал цIун жиб балъана
ШугIайб авараг вачIун рохел жундуй бицана
МафатихIул гъайбалъул ссахIиб гьави бицана
Щуабилаб моцIалда нурал гIемерлъун ккана
Гьуд авараг вачIуму рохелалги рицана
Анлъабилаб моцIалда ГIабдуллагь эмем хвана
Ятим лъуму авараг эбелгину хутIана
Малаикзаби гIодана зобалазда сас ккана
ХIабиб ятимлъанилан гьараял цIакъ цIикIкIана
Аллагьас амру буна руцIцIун чIайин абана
Дун эбел имсудаса гьесси лъияв бицана
Гьелъухъ Давуд вачIана рохелалги рицана
Макъамалъул бетIергьан гьавулилан абана
Анкьабилаб моцIалда Фурсазул цIаял свана
Гьези басралъи щвана пащманлъи цIакъ цIикIкIана
Микьилъ Сулайман вачIун башаратал рицана
Къуръаналъул бетIергьан ургьив вугин бицана
Микьабулеб моцIалда Муса -л-Калим вачIана
ЦIакъго рохелги гьабун дунги йохзе гьаюна
Ахлакъун гIазиматал жинди ругев Авараг
Дуца гьевги гьавизе вугин абун кIаллъана
УчIабулеб моцIалда гIодобехун бортана
Кисрада тIад лъолеб таж ботIродасаги ккана
Гьелъул амруялтIалъун хIинкъи жинди бегьана
Кашишзаби ракIарун гьезда суал гьабуна
Гьезуд жаваб гьабун мех щванилан абана
ГIарабиййав Набисул гIаламатил абана
Нужей бокьун батани ШафигIасул шафагIат
Гьесси салават битIун гьабе киддаго тIагIат.

(Хадусеб букIине буго)

2026-03-15 (Шаввал 1447 с.) №6.


БачIине бугеб къо

Бусурбабаз иман лъезе кколелдасан буго Къиямасеб къоялъ щибаб махлукъат Аллагьас ﷻ гIарасаталде бахъинабизе бугеблъиялда. Дунялалда нилъ руго заманалъ гIумру гьабизе риччараллъун.   Нилъер иманалъул аслияб магIнаялъул цояб ккола: «Инсан хвезе вуго дунялалда жинца гIумру гьабураб хIалалда ва...


Иргадулаб кумек

Хасавюрт районалъул ва шагьаралъул имамзабазул советалъул председатель Аргъваниса МухIаммадил хIаракаталдалъун, иргадулаб кумек битIана СВОялда ругел нилъер рагъухъабазе. Районалъул имамзабазул советалъул председателас, гьеб лъикIаб ишалда гIахьаллъи гьабунщиназе, ракI-ракIалъулаб баркалаги кьун,...


Аварагас ﷺ гьижра гьаби

Гьижраялъул бицунелъул нилъеда лъазе ккола гьеб цIакъ захIматаб иш букIараблъи. Маккаялдаса Мадинаялде гIага-шагарго буго 450 километр. ХIежалде щведал нилъ Мадинаялдаса Маккаялде уна машинабаздаги рекIун ва нухда бала 7-8 сагIат, кутакалда сваказеги свакала. Гьанже хIисаб гьабе, багIарараб...


ГIалимзабазул советалъул резолюция

2026 соналъул 11 февралалда тӀобитӀараб ДРялъул ГӀалимзабазул советалъул данделъиялъул хIасил гьабун, жакъа къоялъ чара гьечIел диниял, тарбия кьеялъул, хъизамалъул, жамгӀияталъул ва социялиял суалазул халги гьабун, ГӀалимзабазул советалъ, ТӀадегӀанав Аллагьасда ва жамгӀияталда цебе жидерго бугеб...


Инсанасул талихI

ГIужда как бай буго инсанасул бищун кIудияб талихI. Нилъ Аллагьас ﷻ рижун руго гIибадаталъе, гIибадаталъул аслияблъунги буго как. Как байги буго МухIаммадил умматалда цIакъго-цIакъ хасс гьабураб гIамал.   ТIоцебе тIадкъай гьабулелъул как бай букIана къойида жаниб кIикъоялда анцIго базе....