Аслияб гьумералде

Макьу бихьидал кантIана

Макьу бихьидал кантIана

Малик ибн Динарил тавбу

ТIадегIанав Аллагьас халкъалъе насихIатлъун кьурал вализабазда гьоркьов гвангъараб цIвалъун вукIана Малик ибн Динар. ГIиракъалда гьавурав, гьенив гIурав вукIаниги, Индиялда ислам тIибитIизабиялъе тIоцебе квербакъараздасанги ккола гьев.

Гьев гьавуна мискинабго хъизамалда. Гьесул эмен вукIана цIакъ Аллагьасдаса хIинкъарав, гIелму бугев чи. Малик ибн Динар гьитIинав чи вукIаго, Расуласул ﷺ асхIабзаби чIаго рукIана. Гьезул баракат щваравлъунги ккола Малик.

Малик ибн Динар гIолохъанаб заманалда гьекъолдиялде ругьунлъун вукIана. Гьев тавбуялде вуссиналъул къиса рехсезе бокьун буго гьаниб. Гьадин бицун буго гьес жинцаго: «Цо заманалда дун ругьунлъун вукIана гьекъолеб жоялде. Дида цIакъ берцин йихьана цо гIадан. Гьей йикIана цо чагIазул гъараваш. Дица гIарацги кьун гьей эркен гьаюна ва диего лъадилъун ячана. Ниж данделъун лъагIел иналде гьелъ ясги гьаюна. Дие кутакалда хиралъана нижер яс. Гьейги йикIана цIакъ дида рекIарай, дун вокьулейлъун.

Гьанжего гьанже хъирщадизе ругьунлъараб заман букIана гьелъул. Дица гьекъолеб жо гьелда цебеги босун гьекъолаан. Хъурщун дида аскIоеги ячIун, кверги бан, дир ратIлиде стакан гьакълил тIуна ясалъ. Гьедин кколеб букIана щибаб нухалда. КIиго лъагIел байдал, хирияй дир яс гIумруялдаса ятIалъана.

Хирияб шагIбан моцIрол цо рузман сордоялъ, кидаго гIадин гьекъарав дун кьижун ккана. Боголил какги бан букIинчIо. Гьеб сордоялъ дида макьилъ бихьана Исрафил малаикас ссурги пун къиямасеб къо чIолеб. Ва киналго хабалъа къватIиреги рахъун, чIахIи-чIахIиял гIазабазулъ ГIарасат-майданалде къокъунел. Гьел гIадамазда гьоркьов, хIинкъун, виххун, цевехун унев дунги вукIана. Дида рагIана нахъасан цо хьир-хьири. Нахъехун балагьидал бихьана дида, гьакIкIан кIалгун тIаде бачIунеб кIудияб борохь. Дун гьелдаса лъутизе лъугьана. Гьеб дида хадуб бортулеб букIана. Гьедин лъутун унаго дун цо хIалакъав, рухI лъугIарав херасде тIаде ккана. Гьесда тIад берцинаб, хъахIаб парталги бугоан, гьуинаб махIги чIвалеб букIана. Саламги кьун, дица абуна: «Я, кIудияв, воре, дие кумек гьабе гьаб борхьидаса цIунизе», - ян. Гьес абуна жив херав чи вугин, черхалда татуги гьечIин. Жинда кIоларин мун цIунизе. Мун цевехун айин, Аллагьас витIилин дуе кумекалъе чиян.

Дун цевехун векерана. Борохь дида хадуб бачIана. Векерун унев дун цо борхалъиялдаса эхеде харана. Харун унаго тIубанго рухI босараб хIисаб лъугьана, гъоба гъварилъуда гьалдолеб жужахI бихьидал. ТIаде щолеб борхьидаса хIинкъарав дун, дагьалъ хутIана гьелдаса цIунизелъун гьалулеб жужахIалъуве кIанцIизе. ГьебсагIаталда цо гьаракь бахъана: «ТIадвусса! Мун жужахIалъул агьлуялдасан гьечIо, - ян ахIулеб. Дун цевехун векерана, хадуб борохьги лъугьана гIедегIун бачIине. Дун довго херасда аскIове щвана. Дица нахъеги кумек тIалаб гьабуна. ГIодунго гIодун гьес абуна: «Дуе кумек гьабизе къуват дир гьечIо. Мун а, доб дуда бихьулеб магIарде. Доба батизе ккола бусурбабаз цIунизе кьураб жо. Гьелда гьоркьоб мун бетIергьанаб жо дуда батани, мун хвасарлъизе вуго», - ян.

Дун магIарде векерана. ТIаде вахиндал, гьенир гвангъарал, хъахIаб гIарцул ххамги цебе бигъарал, якъуталъ гьарурал гордал рихьана. Гордал абуни багIараб меседалъул кIи-кIи рахай бугел ругоан. Гьел рахаял тIасанги жавгьар-якъут бекьарал рукIана. Дун аскIове щолаго малаикзабаз абулеб рагIана: «Гордал рагье! Гьав пакъирасги гьениб цIунизе тараб жо бугищали балагьизе. Батани, гьав тушманасдаса хвасарлъизе вуго», - абун. ГьебсагIат гордал рагьана. Гьениса къватIире рачIана, моцI гIадин гвангъарал гьурмазул, гьитIинал лъимал.

Борохьин абуни дида аскIобе щолеб букIана. Дун гьабизе жо лъаларого хутIана.

Дун вихьарал лъималазул ахIи бахъана. «Хехго къватIире рахъа! Тушман досде гIагарлъулев вуго. Киналго къватIире, - абун ахIулеб букIана гьез. Лъимал къватIире рачIана. Цо къокъаялда гьоркьой дида йихьана дирго хварай ясги. Дадайиланги ахIун, гIодулаго, гьей дида данде екерун ячIана. ГьебсагIат дида цебе лъугьараб гвангъараб канлъул горалде жаниве кIанцIана дун. Дир ясалъ абуни, квегIаб квералъ дир квер ккуна, кваранаб доб борхьил рахъалде битIана. Ва гьеб малгIун, гьебсагIатго цебеса тIагIана. Борхьидаса хвасарлъидал, дун ясалъ гIодов чIезавуна ва жийгоги дир накалде яхана. Гьелъ дир магжида кверги бахъун, я, дир эменилан абуна ва цIалана Къуръаналъул аят (сурату «ХIадид», 16 аят). МагIна: «Заман кин щолареб иман лъуразде, Аллагьасдасаги хIинкъизе, Гьесул цIар бахъидал ракIалги мутIигIлъун, гIодоре руссине», - ян. Дун ракI бекун гIодана ва дица гьелда цIехана дуда Къуръангийищ лъалебилан абун. Нужедасаги лъикI лъалин жаваб кьуна гьелъги.

Цинги гьелда гьикъана борхьил хIакъалъулъ. Гьелъ абуна гьеб бугин дур квешал гIамалал. КIудияб борхьидеги сверун, дуда хадуб лъугьараб, мун жужахIалде рехичIого теларин чIараб. Дица цIехана дандчIварав херасулги хIакъалъулъ. Гьелъ абуна гьев вугин дур лъикIал гIамалалилан. Гьеб лъикIаб гIамалги дур дагьаб букIиналъул гIаламат бугин херасул загIиплъи, борохь нахъчIван, дуе кумек гьабизе гьечIеб къуват».

Гьеб макьу бихьаралдаса нахъе, тавбуги гьабун, Малик ибн Динар Аллагь лъаялъул нухде вуссана ва жиндир заманалда цIар арав гIалимлъунги вахъана.

ПатIимат ХIасанова

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...