Аслияб гьумералде

Къварилъаби рорхулеб

Къварилъаби рорхулеб

Аварагас ﷺ хIадисалда рехсараб кинниги, дугIа буго муъминчиясул бищун къуватаб ярагъ. Аллагьасул ﷻ хIукму бокьиялдаса тIадегIанаб, къуватаб цоги гьечIеблъи бичIчIун, хIелун, гьарун бусурбанчи БетIергьанасде ﷻ вуссиндал, гьес загьир гьабула жиндир унго-унгояб иман, черхалъул загIиплъи ва Гьесдехун ﷻ бугеб ракIчIей. Гьесде ﷻ вуссиналдалъун муъминчиясул анищ букIуна хIажаталъе жаваб щвей, балагьал нахъчIвай, кIиябго рукъалъул талихI насиблъи гIадал мурадал. Жеги дугIа ккола исламалъул рухI, жиндалъул батIи-батIиял гIажаиблъаби лъугьине рес бугеб.

Аллагьасул ﷻ кумекалдалъун бокьун буго Къуръаналда рехсарал дугIабазул, батIи-батIиял зикрабазул, гьезул хаслъабазул рехсей гьабизе.

ТIаде рачIарал ургъалаби, балагь-къварилъаби тIаса рорхиялъе бищун лъикIаб дугIа буго Юнус аварагас цIалараб, жибги Къуръаналда рехсараб.

«Аль-Анбияъ» сураялъул 87 аяталда буго:

«لَا إِلَهَ إِلَّا أَنْتَ سُبْحَانَكَ إِنِّي كُنْتُ

مِنَ الظَّالِمِينَ»

«…Ла илагьа илла анта субхIанака инни кунту мина ззалимина» (магIна): «Лагълъи гьабизе кколев щивниги гьечIо Мун ﷻ гурони. (Юнус авараг киталъул чохьониве ккун захIматаб хIалалда вугеб мехалда, гьес байбихьана жиндирго ккараб кIарчанлъиялдаса гIафву гьаби гьарун гьаб дугIа гIемер такрар гьабизе. ДугIаги гьес байбихьана Аллагь ﷻ цо гьавиялдалъун). Дуе ﷻ рекъоларелщинал сипатаздаса Мун ﷻ вацIцIадав вуго, дицаго дида зулму гьабураздаса вуго дун», - ан абураб.

Жиндир къавм Аллагь ﷻ цо гьавиялде ахIулелъул гьез Юнусие къварилъи гьабуна. ГIазаб щвезе бугин абун хIинкъи кьуниги, гьез Аллагь ﷻ цо гьавунгутIи бихьидал, Юнус къавмалда аскIоса нахъе ана. Гьеб нухалъ БетIергьанасул ﷻ амру букIана нахъе ине. Юнусица рехсараб гIазабалъул гIаламатал тIаде щведал, чарахвараб къавм Аллагь ﷻ цо гьавиялде рачIана.

Амма гьеб захIмалъараб иблисалъ, вехьасул сураталда бачIун, Юнусие гьересиял харбал рицана ва гьелдаса ракI къварилъарав Юнус Джалат гIурул рахъалде валагьун ана. Гьеб нухалъ Юнусие Аллагьасул ﷻ амру-изну букIинчIо. ГIурулъе лъугьарав гьев, гама гъанкъун, хъизамалдаса ватIалъана, васалгун хвасарлъун, гIурул рагIалде щун, цогидаб гамиде вахунелъул цояв васасдасаги ватIалъана, гIурул рагIалда вукIарав гьитIинав васин абуни, хъумуралъ вехъерхъун ана.

Гьаб жо БетIергьанас ﷻ гIадада гьабулеб гьечIин абурал пикрабазда вукIана, цинги тIаде бачIараб лъабабилеб гамиде вахун ралъдалъе лъугьана.

ГIемер цебе инчIого гама чIун хутIана, кин-щиб балагьаниги гIузруги лъачIо. Цинги гамихъабаз цIех-рех гьабуна мунагь гьабурав чи вугищали. ХатIаялда пашманлъун ракIбухIарав Юнус, жив вугин цеве къана. Мунагьго гьечIониги кIалъалев ватилинги абун, гьесдаги божичIого, гамихъабаз можоро рехизе хIукму гьабуна. Гьезул гIадат букIана щивасул цIар хъвараб тIамач гIурулъе рехулеб, цIар тIад хъвараб тIамач лъелъ букъарав гIурулъеги рехулев. Щивасул цIар хъван тIамач гIурулъе рехана, амма щибаб нухалъ Юнусилаб тIерхьана.

ГIурулъе кIанцIизе хивалгун Юнус тIаде вахъана. Гьеб лахIзаталъ Аллагьас ﷻ амру гьабун цо ччугIа гамида аскIобе щвана, кIанцIун вачIунаго Юнус къулчIана. Гьелъие Аллагьасул ﷻ амру букIана Юнус ралъдалъ гьалаглъиялдаса цIуни. Юнус загIиплъун лъугьана, «Я дир Аллагь ﷻ» - абун ахIи балаго, гьелъул тIулида тIад суждаги гьабуна. ЧчугIил чохьонив вукIаго цо хIикматаб сас рагIун гIажаиблъана. Гьеб лъазе бокьидал, БетIергьанасул ﷻ рахъалдаса вахIю щун, ччугIбузул тасбихI букIин лъана. Гьелдаса кантIарав Юнусицаги ччугIил чохьониб БетIергьанасе тасбихI гьабизе байбихьана. Гьениб гьабураб ккола гьаб нилъеца рехсараб тасбихIги.

Жиндирго кIарчанлъиялда ракI бухIун гьарулелъул БетIергьанас ﷻ гьесул ахIиялъе жаваб гьабула, рекIел къварилъабигун тIаде рачIарал захIмалъаби рорхула. Доб аяталъул хадуселда абулеб буго (магIна): «Нижеца гьесул гьариялъе жаваб гьабуна ургъел-къварилъиялдаса хвасарги гьавуна. Гьелда релълъун хвасар гьарула Нижеца муъминзабиги», - ян («Аль-Анбияъ», 87 аят).

СагIд ибну Абу-Вакъасидаса бицараб хIадисалда буго: «Аварагас ﷺ абулеб рагIана: «Исмуллагьил агIзам» (Аллагьасул ﷻ кIудияб цIар) буго Юнус аварагасул дугIа: жиндалъун гьарараб жо кьолеб ва гьабураб дугIаялъе жаваб щолеб», - абун. Жеги аварагас ﷺ абун буго: «Щив чи вугониги унтун вугеб мехалъ гьеб дугIа 40 нухалъ цIалун, гьеб унтиялдаса живги хун, Аллагьас ﷻ гьесие шагьидасул ажру кьела, сахлъани мунагьал чураравлъун сахлъила», - ян (ХIаким).

БетIергьанас ﷻ тIаса росаги хIехьезе кIоларел балагьал, рекIел къварилъабигун ургъелал. Амин!

АхIмад Къурбанов

2026-09-01 (РабигIул аввал 1448 с) №17.


Пашманлъи тIаса инабулеб

ТIадегIанав Аллагьас инсанияталъе гIемерал нигIматал рижун руго. Хирияб Къуръаналда хъван буго (магIна): «Гьев инсан кин валагьуларев Аллагьас ﷻ жиндие ризкъилъун кьун бугеб батIи-батIияб тIагIамалде». (Сура «ГIабаса», 24 аят).   Гьел нигIматазул цояб ккола хъабахъ....


ХIикматал махлукъатал

Попугай ччугIа Пляжал гIуцIулеб. Гьеб ччугIил щибаб чIандероялда руго нус-нус гьитIинал, горал гIадал жал цоцалъ щулаго гъункун лъугьарал, гозоялъул кинниги сипат бугел цаби. Цабиги руго батIи-батIияб маххалдасаги къвакIарал. Цабзаздалъун гьез кораллал къунцIула. Габуралъул рахъалдаги руго жеги...


Хъизан цIуне

Хъизан гьаби ккола ТIадегIанав Аллагьасда цебе кIудияб жавабчилъи. Нилъеца хъизан гIуцIула Аллагьасул амруялдалъун ва Аварагасул ﷺ суннаталдалъун, гьединлъидал, нилъеца хIаракат бахъизе ккола диналъ малъараб куцалда хъизамалда гIумру гьабизе.   Квеш ккараб жо, жакъа гIемерал хъизамал...


Баркала кумекалъухъ

ХӀурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Хунзахъ районалъул ТӀадколоб росулъа ХӀажиев ГӀалискандил хъизамалъе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе нижее хӀажалъи ккедал кумекалъе ратарал гӀадамазе.   Исана 13 июналда цӀаги рекӀун нижер мина,...


Суал-жаваб

Насвай хIалтIизабун хадуб кIалги ххуличIого ялъуни гьебги чвантиниб лъун бараб как рикIкIунищ? Лъалеб жо буго хъалияналъги, насваялъги ва гьелда релълъарал цогидал жалазги чорхое зарал гьабулеблъи. Гьел жал хIалтIизариги шаригIаталда мунагьлъун рикIкIуна. Пуланав чи ватани гьединал жалаздаса...