Аслияб гьумералде

ХIажаталдалъун бечедаб

ХIажаталдалъун бечедаб

Хаслихъе кваназе бокьулеб нигIмат ккола хурма. Латин мацIалдаса буссинабидал, гьелъул магIна ккола «рекIел гIеч» абураб. ТIоцебе гьеб бижараб бакI ккола Китай ва гьелъул гъветIалъ гIумру гьабула 500 соналде щвезегIанги.

 

Гьелъул буго 300-гIанасеб сорт, амма бищун машгьураллъун ккола: «Королёк», «Мандаринная хурма», «Бычье сердце», «Шарон».

 

Хурмаялъул пайда

Гьелъулъ руго гIемерал витаминал, органикиял кислотаби, минералал, клетчаткаби ва железо, калий, фосфор, йод, марганец, магний, натрий, бета-каротин гIадал микроэлементал.

Гьеб лъикIаблъун бихьизабула бидурихьазул къадазда холестерин лъугьиндал, бидурихьал данде къайдал, тромб ккеялда хIинкъи ва бидул тIадецуй букIунезе. Бакьазул иш лъикI гьечIого ругеб заманалда.

Низамалда гьеб кванаялъ кумек гьабула кIващул мухъалъул гIуцIиялда лъугьарал унтабазе, простатиталъе. Кальций, белкаби жиндилъ ругеб нигIмат букIиналъ чиясул бихьинлъиялъеги лъикIаб хIал гьабула.

Гьединго хурмаялъ пайда гьабула кванирукъалъе. Хурмаялъулъ бугеб клетчатка абураб гIуцIиялъ чорхолъа къватIире рачIинарула заралиял веществаби. Бакьазул хIалтIи лъикI гьабула, кванирукъалде бачIунеб сок цIикIкIинабула. Амма кванирукъ загIипав чиясе гIемераб къадар кваназе беццараб гьечIо. Гьелъулъ букIунеб кIал лъвартIизабулеб хасияталъ квараб бихIине тунгутIизе ва чехь унтизабизе рес буго. Гьеб гIиллаялъе гIоло, 3 сон базегIан лъималазеги кьезе беццулеб гьечIо.

Бидуе пайда. Гемоглабин гIодобе ккараб заманалда бата-батараб кванаялъ ва гъира-шавкъ гьечIого рукIиналъ рес букIуна анемия ккезе. Гьелъул аслиял симптомалги – бетIер свери, макьу речIчIи, щибго жо гьабизе гъира гьечIолъи. Гьединаб заманалда тохтурзабаз гьабизе бихьизабуралда цадахъ кванайин абулеб буго хурмаги. Гьелъ кумек гьабулин би хех хIалтIизе, гьеб бацIцIад ва лъама гьабизе. Гьелъул хIасилалда, черх кислородалъ бечелъула, бидул кьаби рукIалиде бачIуна, чорхол хIал лъикIлъизабула.

Бидурихьазул цIан бачIин лъикIлъизе хIалтIизаризе кколел руго С, Р, РР гIадал витаминал, гьел киналго ругин чIезабун буго хурмаялъулъ. Гьединлъидал, варикоз яги купероз гIадал унтаби бидурихьазда ругезе беццулеб буго хурма.

Берзул канлъи. Хурмаялъулъ бугеб А витамин ва бета-каротин абулел гIуцIияз щула гьарулел руго беразул ччорбал. Жеги гьелъулъ буго беразда тIогьилаб тIанкI ва катаракта лъугьин гIодобе ккезабулеб гIуцIи. Канлъи цIунизеги хурмаялъ кумек гьабулин чIезабуна Америкаялъул институтазда гьарурал цIех-рехаз.

ХIажат гьечIеб чорхолъа хъами. Хурмаялъулъ бугеб магниялъ ва калиялъ хIалтIи гьабула чорхолъа гъиз ва кIуш къватIибе бачIиналъеги. Низамалда гьеб кванаялъ биччаларо ургьисалабазда гамачI лъугьине, кумек гьабула хIажат гьечIеб ва заралияб цIам ургьиса къватIибе кьабизе, квералгун хIатIаздаса гьорой инабизе.

РакI ва нерваби щула гьарула. Иерусалималда гьабураб цIех-рехалъ чIезабуна къойида  жаниб цогIаги хурма кванаялъ лъикIаланго къадаралъ гIодоб ккезабилин рекIел приступ лъугьине тунгутIи. Нервабазул гIуцIиялъеги пайдаял витаминал рукIиналъ хурмаялъ чиясул гъира-шавкъ, тирха-кIочи лъугьинабула, лъикIал пикраби рачIинарула, ццим бахъин, хехдари гIодобе буссинабула.

Гьуърузул мащабазда унти лъугьиндал, пневмания лъугьине гьукъун кумек гьабула ахту бахъизе. Квачалъулаб унти ккедал, гьелъул компот хIалтIизабизе бегьула щекъер хулизе.

Рукьбузе хIажалъула кальций. Кванилъан гьеб щолеб гьечIони, черхалъ гьеб бахъула рукьбуздаса. 100 грамм бугеб хурмаялъул халгьабидал, кальциялъул къадар 127 мг батун буго, гьебги ккола чиясе сордо-къоялъе хIажалъулелъул 11 %.

 

Руччабазе пайда

МоцIида жаниб хасал къоял рукIуна руччабазе железо къваригIунеб. Гьединлъидал, гьеб щвезе ккани кваназе ккола хурма.

Гьелъ кумек гьабула херлъи гьукъизе. Данде чIола тIаде рачIунел рахунел, заралиял инфекциял веществабазде. А, С гIадал витаминаз кутакаб асар гьабула тIомое, расуе, малъазе.  

Хурма гIемер хIалтIизабула косметикалдаги. Ретинол (кьаралъи биинабулеб витамин, антиоксидант) ва С, Р витаминал гIемер рукIиналъ, хурмаялъ кумек гьабула санаде рахунаго тIомол кьер хисизе тунгутIиялъе. Гьелъие гIоло, хурмаялдаса бахъараб каша (пюре) хIалтIизабула гьурмада ва расазда бахине. 

 

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

 

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Авараг ﷺ лъай – гьев вокьи

Аллагьасул Аварагасде ﷺ бугеб рокьиялъ гьесул асхIабзабазул ракIазулъ хасаб бакI кколаан. Гьеб рокьи гьез загьир гьабулаан рагIудалъун ва пишабаздалъун гуребги Аварагасул ﷺ къадру цIунулел, гьесул лъикIлъаби рицунел, гьесул тIокIаб гIамал-хасият беццулел шигIрабаздалъунги.   АсхIабзабазда...


Бусурбабазул тарихчи ва географ

ГIизудин ибну Шаддад ХӀалаби гьавуна Сириялъул ХIалеппоялда бугеб ХӀалаб шагьаралда, 1217 соналъул лъабабилеб зулхӀижа моцIалъ, гьижрияб 613 соналда. Тарихалъул ва географиялъул рахъалъ жиндирго хIалтIабазул кумекалдалъун ибну Шаддад вахъана жиндир гIасруялъул машгьурал тарихчагӀазул...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Якьадги росги   Дир якьадалъе бокьун букIана жиндирго квартира къачIан лъугIизабизе ва гьелъ нижеда гьарана кумек. Дир росас, дидаги гьикъичIого, хIажатаб гIарац къарзалъ кьуна. ЛъагIел ана ва гьеб гIарац нахъбуссинабизе гIедегIунев чиги гьечIо. Дир рос нечола ракIалде щвезабизе ва дида...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

Сапар буго инсанасул гIумруялъул цо бутIа. Муъминзабазе гьеб ккола Аварагасдаса ﷺ мисал босун ТIадегIанав БетIергьанасде ﷻ гIагарлъизе рес щвейги. Нилъер Аварагас ﷺ нухда кинаб хьвада-чIвади букIине кколебали малъа-хъваял гьари гуребги, жиндирго мисалалдалъунги бихьизабуна сапаралда ругелъул...


Кванил адабал

Кваназе байбихьилалде цин кверал чурила, гьелъ кванида баракат лъола, цинги «Бисмила» бахъила ва абила: «Аллагьумма барик лана фима разакътана ва къина гIазаба ннари», - абун. Кваналев чиясул ниятги букIина диналъе къуват бачIинеян абураб. Гьединаб ниятгун кванани, квенги...