Аслияб гьумералде

ГIечалдаса къураб гьечIо

ГIечалдаса къураб гьечIо

Гени буго витаминаздалъун бечедаб пихъ. Гьеб хIалтIизабизе бегьула дарудае, лъималазе каща гьабизелъун, компотал гьаризелъун, бежа-белъунеб кванилъе, салатазулъе. Абула гьелдаса пайда-хайир щвезе бокьун батани, хъал бахъичIого кванайиланги.

Индиялъул тохтурзабазгун гIалимзабаз кутакаб кIвар кьола гьеб нигIмат дарудае хIалтIизабиялде. Гьез абула кванда хадуб пихъал кваназе лъикIаб гьечIин. Кванан хадур 30 минут ине кколин пихъал кваназе ккани. Кьижилалде цебеги гени кваназе лъикIаб гьечIо. ЦIакъго хьул тIамулеб бугони, кванала дагьабго къадар.

Гьелъул хъалалъулъ буго инсанасул рекIеегун бидурихьазе пайдаяб кверцетин ва флавоноид абурал гIуцIаби. Гьез толел гьечIо бидурихьал жагъаллъизе, тамахлъизе, холестериналъул къадарги гIодобе ккезабулеб буго. Генуца кумек гьабула бидул кьаби рукIалида чIезабизе, инсульт ккунгутIизе. Гьелъулъ ругел антоцианаз ва тIулакьерал кислотабаз кумек гьабула гьуърузда, кванирукъалда, кIващул пунцIила гIадал бакIазда лъугьунел батIи-батIиял рак унтабаздаса цIуниялъе.

Генулъ буго бактериязда данде хIалтIулеб арбутин абураб вещество ва цIикIкIараб къадар калиялъул. Гьеб кIиябго цадахъ хIалтIула кIващул мухъазда лъугьунел инфекциязда дандеги.

Гени буго махI берцинаб гьуинаб пихъ. Гьуинлъи цIикIкIараб пихъ бугониги, диабет бугезе гIечалдаса гьеб гIемерго лъикIаб буго. Чакрил къадарги рукIалида чIезабизе кумек гьабула. Гьел унтаби ругезе лъикIаб буго багIараб кьералъул гени.

Цебе заманалда гени хIалтIизабулаан простатиталъе дарулъунги ва кьолаан макьил низам хварал чагIазе.

Витаминаздалъун бечедаб нигIмат букIиналъ гьелъул гьарурал кащал кьезе бегьула гIисинал лъималазеги.

Пайдаялдаго цадахъ заралги камуларелъул, гени гIемер кваназе лъикIаб гьечIо гастрит, язва гIадал унтаби ругез. Кваназе бегьуларо мачIикьангоги. Гьеб кванан хадуб лъим гьекъезе, гьан ва гьединалго рихIинаризе захIматал нигIматал кваначIого таниги лъикIаб буго.

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...