Аслияб гьумералде

Тохтурасухъе ине ккеларо

Тохтурасухъе ине ккеларо

ГIеч буго черхалъе цIакъ пайдаяб пихъ. Аби буго: «Къойида жаниб гIеч кваналев чи тохтурасухъе ине ккеларин» абураб.

Гьеб пихъалъулъ руго A, С, В1, В2, РР ва Е витаминал, магний, фосфор, йод, железо, селен, калий, кальций ва цинк гIадал черхалъе къуват ва рукIа-рахъиналъе кумек гьабулел жал.

Кваназе бищун лъикIаб буго гьанжего гьанже гъотIодаса тIураб гIеч. ЦIияб гIеч кванаялдалъун чорхолъе лъугьуна пектин, ай бакьазул хIалтIи лъикI гьабулеб гIуцIи, заралиял жалаздаса бакьалги рацIцIад гьарула. Гьединго чорхое щола батIи-батIиял витаминал ва минералал, ай жидеца бидул гIуцIи лъикI гьабулел, шукIдул, рукьби къартIиялда чIезариялъе чара гьечIел.

БагIараб гIеч кваназе лъикIаб буго рекIелгун бидурихьазда, ургьисалабазда, тIулада унтаби ругезе. Кумек гьабула бидулъ холестериналъул къадар дагь гьабизе.

ГIечалъ цIи гьабула би, зама-заманалдаса гьеб кванаялъ гемоглобиналъул къадарги борхизабула. РекIелгун бидурихьазул гIуцIи щула гьабула, гIадалнахул хIалтIи лъикIлъизабула, херлъизеги толаро. Кумек гьабула черх свакараб заманалдаги. ЦIакъго пайдаяб буго гипертониказе, гьединазе лъикIаблъун бихьизабун буго радал кваналалде сагIаталъ цебе цо цIекI-гьуинаб гьеб кваназе яги гIурччинаб гIечалъул бахъараб сокалъул бащдаб стакан гьекъезе.

Отравление ккун бугони, гIеч кваназе лъикIаб буго. Халъараб жо буго, гьеб гIемер кваналезул гьуърузул хIалтIи гIемерго лъикI букIунеблъи. ЦогIаги гIеч къойида жаниб кваналеб бугони, гьелъ цIунула ццидал къвачIаялда ганчIал лъугьиналдаса.

Кваназеги беццула гагагун цадахъ. Щайин абуни, гьезул чангояб кванаялдалъун щола сордо-къоялъ чиясе хIажатаб йодалъул къадар.

Корнельскиялъул университеталъул гIалимзабаз гьабураб цIех-рехалдасан баянлъана гIечалъул бищун кIудияб бечелъи – рак унтиялдаса, рекIее ва бидурихьазе сакъатал ккеялдаса цIуни букIин. ЦIикIкIарасеб къадар пайдабазул гьелъул хъалалъулъ буго, гьединлъидал хъалги бахъун гIеч кваналесе дагьаб гурони манпагIат щоларо. Тукадаса босаралъулни хъал бахъизе лъик1аб буго.

ЦIакъ беццула мачIикьаго кваназе, гьелъ кумек гьабула запорал лъугьиназде данде ва къаркъала хадубккун чIурканго хIалтIиялъе.

ХIалакълъиялъул нияталда гьеб мачIикьаго кванаялъул хIакъалъулъ гьабураб цIех-рехалъул хIакъалъул гIалимзабаз абулеб буго, питательниял веществабаздалъун гьеб бечедаб бугониги, гIемерисел гIадамазул гIечалъ кутакалда кванде гъира базабулин. Гьединаб хIал жидер букIунарезе гурони хIалакълъиялъе кумек гьабиялъул нияталда гьеб кваназе бихьизабуларин. ХIалакълъиялъул нияталда гьеб кваназеги гIурччинаб кьералъулаб гурони беццуларо, багIараб кьералъулалъулъ колориязул къадар цIикIкIараб букIиналда бан. Бищун лъикIаб диеталъунги рикIкIуна чанго къоялъ бетарахьгун, печенабигун цадахъ гIеч кванай.

Амма гастрит, цIикIкIараб къадар цIекIлъи (кислотность), язва бугезе мачIикьаго кваназе беццуларо, гьединго гIемер кваназеги лъикIаб гьечIо.

Лъимаде ругел руччабазе лъикIаб буго гьеб гIемер кваназе (тIадехун рехсарал кванирукъалъул унтаби ратичIони), лъимер хахизабулеб заманалдаги бегьилин абулеб буго гIалимзабаз.

Кваназе беццула нилъго ругеб бакIалда бижараб. Заман баралдаса витаминазул къадар холеб букIиналъ, ихдалил заманалда лъималазе жибго гIеч кьечIого, банкабазда жаниб къан гьабураб пюре кьуни лъикIаб буго.

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Якьадги росги   Дир якьадалъе бокьун букIана жиндирго квартира къачIан лъугIизабизе ва гьелъ нижеда гьарана кумек. Дир росас, дидаги гьикъичIого, хIажатаб гIарац къарзалъ кьуна. ЛъагIел ана ва гьеб гIарац нахъбуссинабизе гIедегIунев чиги гьечIо. Дир рос нечола ракIалде щвезабизе ва дида...


Къинал руччабазе малъа-хъваял

Лъимер гьабизе йигеб заман буго цIакъ кIвар бугеб гIуж. Гьеб заманалда, хасго чIужугIаданалъ, жиндирго сахлъи ва рацIцIалъи, кванил ва цогидалъулги низам цIунизе ккола. Гьединго халкквезе ккола тIад ретIунеб ратIлида хадубги. Лъимер ва жийго квачалдаса цIунизе ккола, тIадкъараб ретIел, угъдул...


Учительзабиги кIочон течIо

Хъайтагъ районалда тӀобитӀана РабигIул аввал моцӀалъе сайгъат гьабураб гӀелмияб мажлис. Гьелда гӀахьаллъана районалъул бетӀер ХӀасанов Запир; районалъул имамзабазул советалъул председатель - Салимов ГӀабдулла; Югалъулаб территориалияб округалда Дагъистан Республикаялъул муфтияталъул вакил Рамазанов...


Сахаватав инсан

Нижер росулъа сахаватав инсан Чарандал вас ГIамиргIалица жиндирго инсул букIараб мина къачIазеги къачIан кьуна росдал мадрасалъе. Киналго росдал гIадамал кутакалда рохун ва разиго руго ГIамиргIалица гьабураб гьеб баракат цIикIкIараб ишалдаса. Гьанже рес рекъана мадрасаялда лъимал ва чIахIиял...


«Инсаналъ» къотIи гьабуна

«Инсан» фондалъул генералияв директор щвана РФялъул президентасда цебе бугеб Дагъистан Республикаялъул вакиллъиялде ва гьенив дандчӀвана республикаялъул вакиласул ишал тӀуралев Нагиев Руслангун ва гьесул гьалмагъзабигун. Данделъиялда бицана цадахъ рекъон хӀалтӀиялъул бугеб кIваралъул, цадахъ...