Аслияб гьумералде

Холестерин гIодобе ккезабе

Холестерин гIодобе ккезабе

Холестерин гIодобе ккезабе

Пихъазул пайдаги заралги лъазе ккола щивав чиясда. Цебе батараб кваназеги бегьуларо. Амма цIакъго бокьани, дагьабго кванан тейилан малъулеб буго гIалимзабаз.

ЦIибил

ЦIолболъ руго гIемерал пайдаял жал. Антиоксидантаз бечедаб букIиналъ, гьелъул гагаги (пурчIун) кваназе лъикIаблъун бихьизабун буго.

Гьелъулъ руго K, A, C, Mg, Ca, B6 гIадал витаминал. Гьеб кванаялъ бидулъ цIикIкIуна оксид ва азот, ай тромб ккезе жидеца гьукъулеб. РекIел унтаби рачIинчIого рукIиналъеги кумек гьабула гьелъ. Гьелъулъ ругел антиоксидантаз бидурихьал дандекъазе толаро. «Варфарин» яги «Кумидин» гIадал дараби хIалтIизарулел чагIаз гIемер кваназе беццарабги гьечIо гьеб.

2013 соналда гьабураб гIелмияб цIех-рехалъ чIезабун буго анкьида жаниб лъабго порция (цо проция - 32 горо) цIолбол кваналел чагIазул чакрил диабет ккей гIезегIанго дагьлъулин абун. Гьединго гьелъ гIадалнахул хIал лъикI гьабулин, Альцгеймер, Хорея Гентингтон, Паркинсонилаб унти, склероз гIадал унтабиги нахъчIвалин абун. Холестериналъул къадарги гIодобе ккезабулеб буго. Иммунитеталъе лъикIабги буго гьеб. Гьелъ рукьбиги къвакIизарулел руго.

БагIараб цIибил лъикIаб буго берзул канлъи цIуниялъе.

ЦIибил цIунизе бегьула холодильникалъубги. Кваналалде цебе чуризеги ккола.

Кокон

Гьелъ пайда гьабула клеткаби хвезе тунгутIиялъе, рак унти ккеялдаса ургьимес цIуниялъе. Жиндилъ ругел железо, кальций, цинк, натрий, калий, йод гIадал минералиял комплексазгун С, А, Е, В1, В2, В6, PP витаминаз бечедаб букIиналъ, гьеб лъикIаб буго хасго диабеталъул унти бугезе.

ГIалимзабаз чIезабун буго чIегIераб кокон (чернослив) кванаялъ би хьвади лъикIлъизабулин ва рекIел бидурихьазда, атеросклероз, инсульт гIадал унтаби ккей гьукъулин абун. Кумек гьабула хIалакълъизе, тIулалгун бакьазул хIалтIи лъикIлъизабизе. бидулъ чакрилгун холестериналъул къадар рукIалида чIезабизе.

Гьеб каваназе лъикIаб буго ригьалде рахарал чагIазе, ай ракьа къвакIизабулеб, рекIелгун ботIрол хIал лъикIлъизабулеб букIиналъ.

Амма щибаб жоялъе гIурхъи букIине кколелъул, ургьисалаби яги ццидакъвачIа унтаразе гIемер кваназе лъикIаб гьечIо. Бидулъ чакар цIикIкIун бугезги къойида жаниб 200 грамм кванала.

Курак

Бакъварабгун гIатIгояб курак рикIкIуна черх къвакIизабулеб, атеросклероз гIадал унтабазде данде къеркьолеб, цIияб би лъугьинабулеб витаминазул магIданлъун.

Гьелъ лъикIлъизабула рекIел хIалтIи, кумек гьабула бидул кьаби рукIалида чIезабизе, инсульт ккеялдаса цIунизе, чорхолъа холестерин инабизе.

Ахбазаналъ гьукъула биццатаб бакьалда рак унти ккезе. Дагь гьарула, бавасур унти (геморрой), варикозалъулал унтаби. Кумек гьабула кванараб квен бихIинабиялъе. Гьелъул сок лъикIаб буго кванирукъалда цIекIлъи лъугьиндал, чехь рукIалиде бачIинабизе, къеч хьваялъе, цIа-кан гIодобе ккезабизе.

Бакъвазабидал, гьелъул гIуцIиялъе, цоял витаминал дагьлъун, цогидал цIикIкIун, калориял тIаде рачIун дагьа-макъаб хиса-баси ккола. Спорталде машгъуллъарав чиясеги гьеб лъикIаб буго.

Гьединго гьелъ канлъи щула гьабула, лъикIаб асар кьола берзул сетчаткаялъе ва хрусталикалъе. Санаде рахарал гIадамазул ракьа щула гьабула. Бакъул бухIиялдаса ва ультрафиолетовиял гIадал чIоразул асаралдаса цIунула.

Бакъвараб курак кваназе лъикIаб буго радал, амма лъикIго чуризеги чурун.

Кванирукъалдагун бакьазда унти бугезе гIемер кваназеги лъикIаб гьечIо.

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Якьадги росги   Дир якьадалъе бокьун букIана жиндирго квартира къачIан лъугIизабизе ва гьелъ нижеда гьарана кумек. Дир росас, дидаги гьикъичIого, хIажатаб гIарац къарзалъ кьуна. ЛъагIел ана ва гьеб гIарац нахъбуссинабизе гIедегIунев чиги гьечIо. Дир рос нечола ракIалде щвезабизе ва дида...


Авараг ﷺ лъай – гьев вокьи

Аллагьасул Аварагасде ﷺ бугеб рокьиялъ гьесул асхIабзабазул ракIазулъ хасаб бакI кколаан. Гьеб рокьи гьез загьир гьабулаан рагIудалъун ва пишабаздалъун гуребги Аварагасул ﷺ къадру цIунулел, гьесул лъикIлъаби рицунел, гьесул тIокIаб гIамал-хасият беццулел шигIрабаздалъунги.   АсхIабзабазда...


Президентас ХасмухIаммадида баркана

Россиялъул президент Владимир Путиница баркана Дагъистаналъул хӀурматияв инсан, 95 сон тӀубарав ХасмухӀаммад Абубакаровасда гьавураб къо. Дагъистаналъул кӀудияв эменин абула гьесда гьев лъалел чагӀаз. Гьесул гӀумру буго къвакӀиялъул ва исламалъе хъулухъ гьабиялъул мисаллъун. Гьес гӀумру гьабуна...


Аллагьас ﷻ цIунула

Балагь, рекIее хIалхьи толарел ахIвал-хIалал ва захIмалъаби тIаде рачIуна нилъер щивасде. Гьаб дунялалъул рукъ гьедин гIуцIарабги буго. Амма нилъер гIумруялъул аслулъун бугеб мурад ва гьаб дунял жидее щиб бакI бугебали бичIчIи бугез дандчIварал къисматалъул киналго захIмалъаби къвакIун хIехьола....


Фарукъ абураб цIар щвей

Жинда Аллагь разилъаяв ГIумар-асхIаб исламалде вачIун хадуб, бусурбабазда бугеб хIал бихьун гьесул ракI хIалхьун букIинчIо. Бусурбабаз ислам боси балъго гьабулеб букIараб заманалда ГIумар-асхIаб Аварагасухъе ﷺ вачIана ва абуна: «Я, Бичасул Авараг ﷺ, нилъ битIараб нухда гьечIищ, хваниги чIаго...