Аслияб гьумералде

РахIматал рещтIунеб бакI

РахIматал рещтIунеб бакI

Аллагьасул ﷻ расулас абун буго БетIергьан ﷻ рехсон цониги къавм данделъичIин жидеда сверун малаикзаби лъугьун ва жалги рахIматалъулъ тIерхьун гурониян. Жеги абун буго Аллагь ﷻ рехсезелъун цониги чагIи данделъичIин, гьеб данделъиялдаса жидер мурадги гIицIаб Гьесул ﷻ разилъи щвей гуреб букIинчIел, жидеде «Нуж тIаде рахъа мунагьал чурараллъун, нужер квешал гIамалал лъикIазде сверизарунаян» зобалаздаса ахIулев чияс ахIун гурониян. (АхIмад, Муслим).

Бищун лъикIал ругин жал рихьиялдалъун Аллагь ﷻ ракIалде щолел гIадамалин буго аварагасул ﷺ машгьураб хIадисалда. Аллагь ﷻ рехсей буго шайтIан-иблисалда данде вагъулев муъминчиясул хвалчен. БетIергьан Аллагь ﷻ рехсолеб мажлис алжаналъул ахазул цояб бугин абула, Гьев ﷻ рехсолеб данделъи рахIматалъулъ тIерхьун, малаикзабаз сверун ккун букIуна, гьенир гIахьаллъаразе алжаналъул нигIматал насиблъула, квешлъиялде ккеялдаса цIунаравлъун вукIуна ва жужахIалдасаги цIунула.

Аллагь ﷻ рехсей буго ТIадегIанас ﷻ Къуръаналда нилъедаса тIалаб гьабулеб гIамалги. Суратул «Анфалалъул» 45-абилеб аяталда абулеб буго (магIна): «Нужеца Аллагь ﷻ рехсе гIемер рехсеялъ», - ан. Аллагь ﷻ рехсей нилъеца Гьев рехсеялда къокълъараб гIамалги гуро, гьеб буго БетIергьанасда ﷻ нилъ ракIалдещвей ва Гьесги ﷻ нилъ рехсей. Суратул «Бакъараталда» абулеб буго (магIна): «Нужеца дун рехсе, Дица нужги рехсела», - ян.

Гьедин БетIергьанас ﷻ абуниги гьеб буго нилъеда бичIчIизелъун нилъ Гьесде ﷻ хIажаталлъун рукIин. Аллагь ﷻ рехсеялъул хIакъалъулъ гIалимзабаз абулеб буго: муъминчиясул ракI Аллагь ﷻ рехсеялде хIажалъиялъул мисал буго ччугIил лъеде хIажалъиялда релълъараб. Лъим гьечIого ччугIа холеб кинниги Аллагь ﷻ рехсей теялдалъун ракIги чIунтула. БетIергьан ﷻ рехсолевлъун лагъ вугебгIан заманалъ гьесул рухI сабруялда букIуна, иманги цIикIкIуна, ургъел-къварилъи тIаса аравлъун лъугьуна, дунялалдагун ахираталда талихIалда квершел батаравлъунги лъугьуна.

Абу Гьурайратидасан бицараб, машгьураб хIадисалда буго, аварагас ﷺ абунин: «Аллагьасул ﷻ руго ракьалда хьвадулел хасал малаикзаби жидеца данделъарал гIадамазул цIех-рех гьабулел. Жидеда батараб мехалъ Аллагь ﷻ рехсезе данделъараб къавм, гьез ахIи бала: «Гьанире, нужерго анищ бугелде гIедегIе», - ян. Цинги гьел малаикзаби рачIуна ва жидер кваркьабаздалъун гьел сверун ккун зодоре щвезегIан гьезда тIад горал гьарун чIола.

Хадуб Аллагьас ﷻ цIехолеб буго: «Дир лагъзал щиб гьабулеллъун нужеца тарал?» - абун. Гьел малаикзабаз абула: «Нижеца гьел Дуе рецц, тIадегIанлъи ва тасбихI гьабулеллъун тана», - ян. Аллагьас ﷻ цIехола: «Гьезда Дун вихьанищ?» - абун. Малаикзабаз жаваб гьабула: «ВихьичIо», - ян. Нахъеги цIехола Аллагьас ﷻ: «Кинха букIине букIараб гьезда Дун вихьаравани?» - ян. Гьез абула: «Мун вихьаравани гьел рецц, тIадегIанлъи ва тасбихI гьабиялъулъ жеги цIакъ бахъулеллъун рукIинаан», - ин.

Аллагьас ﷻ нахъеги цIехола гьезда: «Сундаса гьез цIуни гьарулеб бугеб?» - ан. «Гьез абула: «ЦIаялдаса», - ян. Нахъеги Аллагьас ﷻ гьикъула: «Гьезда гьеб бихьанищ?» - абун. «БихьичIо», - ян малаикзабаз абидалги БетIергьанас ﷻ гьикъула: «Бихьарабани, кин гьел рукIине рукIарал?» - ан. Жаваб гьабун малаикзабаз абула: «Бихьарабани, гьелдаса лъутиялъулъ ва рикIкIалъиялъулъ жегиги цIакъ бахъулеллъун рукIинаан», - ин.

Хадубги БетIергьанас ﷻ гьикъула: «Щиб гьез тIалаб гьабулеб бугеб жо?» - ян. Малаикзабаз абула: «Алжан буго», - ян. «Гьезда алжан бихьанищ?» - ан БетIергьанас ﷻ гьикъидалги, малаикзабаз абула: «БихьичIо», - ян. «Гьеб бихьарабани, кинаб хIал гьезул букIине букIараб?» - ан гьикъула Аллагьас ﷻ . Жаваб гьабун малаикзабаз абула: «Алжан бихьарабани, гьел рукIинаан гьеб щвеялъе жеги цIикIкIун цIакъ бахъи гьабулел», - ан.

Гьеб мехалъ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ абула: «Дица нужее нугIлъи гьабулеб буго Дица гьезул мунагьал чуранин», - абун. Малаикзабаз абула: «Я нижер БетIергьан ﷻ ! Гьенив вуго цояв, гьел рехсарал ишал жиндир мурадлъун бугев гурев, жиндирго хIажаталъе гIоло вачIарав», - ан. Гьелъие жаваб гьабун Аллагьас ﷻ абула: «Гьеб къавм буго жидеда аскIов гIодов чIарав талихIкъаравлъун лъугьунарев», - ан.

Аллагьас ﷻ нилъ ратаги гIамал гьаби тIубанго Гьев ﷻ разилъуледухъ гьабулеллъун ратичIониги, Жиндирго ﷻ рахIму-цIобалдалъун тIаса лъугьун тарал лагъзадеридаса! Амин!

МУХIАММАД САЛМАНОВ

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Щай рахъунел?

Мавлид ахIулеб заманалда бусурбабазда гьоркьоб машгьураб гIадат буго, МухIаммад авараг ﷺ гьавураб лахIзаталъул ахIулелъул, киналго тIаде рахъунеб. Гьебги гьабула Аллагьасул Расул вокьиялъул, рохелалъул, гьесие гьабулеб адаб-хIурматалъул гIаламат хIисабалда.   Гьеб гIадат къабул гьабурал...


Къинал руччабазе малъа-хъваял

Лъимер гьабизе йигеб заман буго цIакъ кIвар бугеб гIуж. Гьеб заманалда, хасго чIужугIаданалъ, жиндирго сахлъи ва рацIцIалъи, кванил ва цогидалъулги низам цIунизе ккола. Гьединго халкквезе ккола тIад ретIунеб ратIлида хадубги. Лъимер ва жийго квачалдаса цIунизе ккола, тIадкъараб ретIел, угъдул...


Президентас ХасмухIаммадида баркана

Россиялъул президент Владимир Путиница баркана Дагъистаналъул хӀурматияв инсан, 95 сон тӀубарав ХасмухӀаммад Абубакаровасда гьавураб къо. Дагъистаналъул кӀудияв эменин абула гьесда гьев лъалел чагӀаз. Гьесул гӀумру буго къвакӀиялъул ва исламалъе хъулухъ гьабиялъул мисаллъун. Гьес гӀумру гьабуна...


Муфти дандчIвана Сулеймангун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица, ГӀиса аварагасул цIаралда бугеб централда къабул гьавуна Гъарабудахкент районалъул Параул росулъа гӀараб каллиграфиялъул устар Аширлаев Сулейман. Гьес сайгъат гьабуна хирияб Къуръаналъул жинцаго квералъ хъвараб, цогидаздаса батӀияб нусха. ГӀага-шагарго...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

Сапар буго инсанасул гIумруялъул цо бутIа. Муъминзабазе гьеб ккола Аварагасдаса ﷺ мисал босун ТIадегIанав БетIергьанасде ﷻ гIагарлъизе рес щвейги. Нилъер Аварагас ﷺ нухда кинаб хьвада-чIвади букIине кколебали малъа-хъваял гьари гуребги, жиндирго мисалалдалъунги бихьизабуна сапаралда ругелъул...