Аслияб гьумералде

Лъелго хьвадиялъул пайда

Лъелго хьвадиялъул пайда

Спорталъ квербакъула сахлъи цIунизе, щула гьабула черх, ияхIалъул гуч. Амма, ригьалде рахин сабаблъун, сахлъи загIипаб букIиналдалъун яги заман гьечIолъиялъ киназего рес щоларо спорталда тIадчIей гьабизе. Гьедин бугониги гIадатияб хьвадиялъ, баскетбол хIаялъ, гугариялъ, тIадагьаб атлетикаялъ ва цогидалги спортивиял тайпабаз гIемераб пайда кьола.

Хьвадиялъ тIалаб гьабуларо спортивияб зал, хасаб ретIел-хьит, гIемераб заман. Цого-цо гьелъие къваригIунеб жо – санагIатал хьитал, ретIел ва живго лъикIго, сахго вукIине бокьи.

Сахаб ракI

Лъелго хьвадулелъул лъикIлъула бидул свери. РекIел кьаби цIикIкIиналъ гIодобе ккезабула бидул тIадецуй. ГIелмиял цIех-рехазда рекъон, щибаб къойил 30 минуталъ хьвадулев чиясда инсульт ккеялъе хIинкъи 20 проценталъ дагьлъула. Хьвадулаго хехлъи цIикIкIинабуни, гьеб хIинкъи жеги дагьлъула 40 проценталъ.

Рукьби ва рищалаби

Лъелго хьвадиялъ квербакъула остеопороз бугел чагIазул рукьби щула гьариялъе. Ригь арал руччаби щибаб къойил 30 минуталъ хьвадулел ругони, гьезул мачIчIазул ракьа бекиялъул хIинкъи дагьлъула 40 проценталъ.

ГIумру халалъи

ЦIех-рехаз бихьизабулеб буго 50-60 сонил ригьалда ругел ва зама-заманалда спортивияб рагъарачари гьабулел гIадамазул гIумру халалъулин 8 соналъ, гьединаб жигарчилъи гьабуларел чагIазде дандеккун.

Рохел

Тира-свериялъ рекIел хIал лъикIлъизабула. Хьвадиялъ квербакъула рохалилал гормонал гIемер гьариялъе. Гьелдаго цадахъ танкизабула унтиги.

Чергеслъи

Лъелго хьвадиялъ къвакIизарула бохдузул ва чехьалъул ччорбал. Хехаб хьвадиялъ 30 минуталда жаниб 200 килокалорий бухIула, гьебги черхалъул цIайи цIикIкIунгутIиялъе рес кьолеб жо буго. Хехаб ва гIодобе биччараб хьвади, цоялъ цояб хисун, иргадал гьабулеб бугони, хIалтIизарулел калориязул къадар жеги цIикIкIараб букIуна.

РахIатаб макьу

ГIалимзабаз чIезабуна, 50-75 сонил ригьалда ругел руччаби рада-радал бищун дагь цо сагIаталъ лъелго тира-сверулел ругони, макьущунгутIи, гьедин хьвадуларездаса лъалаго дагьаб букIунин.

РакIалда жо чIей

65 ва жеги цIикIкIун сонил ригьалде рахарал руччабазул гьарурал цIех-рехаз бихьизабуна, гIемер хьвадулел руччабазда хехго ракIалда жо чIолин абун.

10000 гали

Хьвадиялъул цо чIезабураб къадар гьечIо. СанагIатаб куцалда ва роценалда рекъон хьвадизе бегьула. Щивасул жинди-жиндир гIурхъи букIинеги бегьула. Спортсменазе, масала, 10000 гали рекъолеб батани, халат бахъарал, даимал унтаби ругезе рекъараб буго гьелдаса дагьаб къадар.

Хьвадийищ, рекерийищ?

Хьвади хIинкъи гьечIеб буго. Хьвадиялъул ва рекериялъул аслияб хаслъи ккола, хьвадулаго цояб хIетIе кидаго ракьалда тIад букIин. Рекерулелъул, цо лахIзаталда жаниб кIиябго хIетIе цадахъго борхун букIуна. Ва хIетIе ракьуда цулаго, тунки ккола. Гьединлъидал рекерулелъул, жагъаллъи ккезе рес цIикIкIуна. Хьвадиялъ метаболизм хехлъизабула, халат бахъарал унтабазул хIалуцин ва цIайи цIикIкIин дагьлъизабула. Стрессазда данде кумек гьабула.

КигIанасеб манзил тезе кколеб?

Кинабго бараб буго ригьалда ва сахлъиялда. ЧIезабураб къадар гьечIо. Цо-цоязе 1000 гали тIамиги унго-унгояб бахIарчилъи ккола. Цогидазин абуни бигьаго тIамула 15000 яги 20000 гали, гьебгиха щибго свакги лъачIого.

ТIолгодунялалъул сахлъи цIуниялъул гIуцIиялъул баяналда рекъон, щибаб къоялъ анлъго километр нахъа тезе лъикIаб буго. Гьайгьай, унтаби ругезда гьебщинаб манзил тезе кIоларо ва гьез хIаракат бахъила жидерго чорхол сахлъиялъухъги гIенеккун хьвадизе. Тирияллъун, чIанкI бугеллъун рукIине ккани, цIакъго цIикIкIинабизе лъикIаб гьечIо хьвадиялъул хехлъи, хасго тренировкабазул байбихьуда. Гьедин гьабуни, галул манзил халалъула, черх хехго свакала. Гьелдаго цадахъ, цIакъго гIодоре риччан хьвадизеги лъикIаб гьечIо. Бищун рекъолеб, рухI-хIалги кьолеб, хьвадиялдаса разилъиги бачIинабулеб хехлъи буго сагIаталда жаниб ункъо-щуго километр нахъа толеб къагIида.

ГIУРУСАЛДАСА БУССИНАБУНА БАРИЯТ МУХIАММАДОВАЛЪ

2026-04-01 (Шаввал 1447 с.) №7.


ГIалимзабазул советалъул резолюция

(Байбихьи цебесеб номералда)   ГIалимзабазул советалъ эбел-инсуе лъикIаблъун бихьизабулеб буго:   Лъималазулгун гьоркьоблъи бугеб агьлуялде, гьезул информациялъулаб сверухълъиялде, щибаб къойил гьезда хадуб хъаравуллъи кквей ва кӀвар цӀикӀкӀинаби. Хъизамалда жаниб цоцаде...


Луганскиялде сапар

ДРялъул делегация дандчӀвана Луганск шагьаралъул администрациялъул вакилзабигун ва рехсараб шагьаралъул бетӀерасул ишал тӀуралей Яна Пащенкогун. Дагъистаналъул делегациялда гъорлъ рукӀана «Инсан» фондалъул генералияв директор МухIаммад Мусаев; Россиялъул бусурбабазул цӀиял ракьалда...


РекIел тIиналдаса...

Аллагь ﷻ рехсей, Гьесие ﷻ тасбихI-тагьлил гьаби буго кутакалда кIвар цIикIкIараб гIамал. Гьеб, гIицIго мацIалъ рехсей гуребги, буго тIадегIанаб гIибадатлъун, чи живго инсанлъун вукIиналъул магIналъун ва Къиямасеб къоялъ цIадирабаздаги бищун бакIаблъун букIине бугеб гIамал.   ТIадегIанав...


Суал-жаваб

Чанго жаназа бугони, жаназаялъул как кин балеб?   Чанго хварав чи вугони, щивасдаса батӀа-батӀаго жаназаялъул как базе лъикӀаб буго, амма киназдасаго цо как бан тIубазабуниги щибго гьукъараб жо гьечIо. Амма щибалъе батӀа-батӀаго жаназаялъул как базе лъугьиналдалъун гӀемераб заманги бан...


Муфти дандчIвана хIафизгун

ДРялъул муфти, шайих АхӀмад-афанди дандчӀвана, хирияб рамазан моцӀалъ таравихӀалъул каказда гӀахьаллъизе республикаялде вачӀун вукIарав машгьурав хӀафиз Сиратуллагь Рауповгун. Гьез бицана хирияб Къуръан малъиялъул, рекӀехъе лъазабиялъул къагIидабазул хIакъалъулъ.