Аслияб гьумералде

ЦIадалъул хIикматал

ЦIадалъул хIикматал

ЦIадалъ инсан гIодове виччазавула. Цо-цо гIадамазе цIад балеб заманцин бокьула. Лъицаниги инкарги гьабуларо цIад бай (лъим) дунялалъул рокъоб гIумру гьабизе цIакъ къваригIараб жо букIиналда.

Лъим гьечIони дунялалда чIаголъи хутIуларелъулха. Къуръаналъги нилъ ахIула сверухъ бугелъул пикру гьабиялде. Нилъеда гьеб гIемер бихьиялъ ва гьедин букIине кколин ракIалде ккеялъ, гьелъул пикру гьабизего бачIунаро. Сверухъ бугелъул пикру гьабиялъ инсанасул рекIелъ иман щулалъула ва гьесда бичIчIула гьаб кинабго бижараб жоялъул цо хIакъикъияв БетIергьан, ай Аллагь ﷻ вукIин. Нилъеда лъачIониги цIадал процесс буго кутакалда гIажаибаб. Гьелъул хIакъалъулъ Къуръаналдаги рехсон буго, жакъасеб гIелмуялъ гьеб тасдикъги гьабуна. Къуръаналдаги гIелмияб бутIаялдаги гьоркьоб бичIчIунгутIи букIине ресги гьечIо.

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абуна (магIна): «Жинца зодоса цIад рещтIинабулевги вуго Аллагь, жиндир къадар хIажалъиялда рекъараб хIалалъ рещтIинабун. Гьеб цIадалдалъун Дица хвараб ракьги чIаго гьабула. Гьеб хвараб ракь чIаго гьабулеб гIадин, ахираталда нуж хабалъа тIадеги рахъинарула», - ян. «Жинца кинабго бижарав вуго Аллагь. Жинс, кьер, тIагIам батIиял нигIматал рижарав, нужее берцинлъиялъе гъветI-хер, тIугьдул рижарав. Нуж тIад рекIун хьвадизе хIайванал рижана, ралъдада тIад хьвадулел гумул рижана».

Балагьеха, Аллагьас ﷻ нилъее гьарулел ругел санагIалъаби. ЦIад букIинчIебани гIорал, ралъадал, гумул рукIинароан. Хадубги Аллагьас ﷻ абулеб буго гьелъухъ шукру гьабизе букIинелъун:

«Нуж гьел хIайваназда ва гумузда рекIине ва рекIун хIалхьараб мехалъ нужеца Аллагьги гIемер рехсезе ва гьесул нигIматазе шукру гьабизе. Нужецаги абизе: «Жив ТIадегIанав ва ВацIцIадав вуго Аллагь, жинца нижее гьаб рекIунеб жо квегъарав. Аллагьас квегъун букIинчIебани нужеда гьелда тIад рекIун хьвадизе кIвезе букIинчIо» (Сура «аз-Зухруф», аят 11-13).

Аллагьас ﷻ Къуръаналда рехсана цIад лъугьунеб къагIида. ГIемераб заманалда гIадамазе балъгояблъун букIана цIад лъугьунеб къагIида, технологиялъул гIасру бачIинегIан. Гьавадулал радарал раккун хадур гурони гIадамал гьелда хадур гъечIо, амма Къуръаналда гьеб рехсон букIана. Гьеб гьечIищ Аллагьасул ﷻ Къуватги ГIелмуги, гьебгиха нилъ хадур гъолареб. ЦIад лъугьуна лъабго бутIаялдалъун. ХIажатаб жо гьуриялъ багъаризабула ва лъугьуна гьаваялда жаниб хьухьал, хадуб цIадги бала. Гьеб къагIида Къуръаналда мухIканго баянги гьабун буго.

Къуръаналда буго (магIна): «ТIадегIанав Аллагь вуго нужер БетIергьан ва нужеца Жиндие лагълъи гьабизе кколев хан, Жинца гьурал ритIулев, гьел гьураздалъун накIкIалги хьвадизарулев. Гьел накIкIалги зобалазда жиндиего бокьараб хIалалъ ва бокьараб бакIалда тIиритIизарулев. Гьел тIутIурал къотIелаллъунги гьарулев. Цинги дуда бихьула гьел накIкIазда гьоркьоса чвахун балеб цIад. Аллагьас бокьарал гIадамазул цо къокъаялде цIад щвараб мехалъ, дуда гьелги рихьула цIакъ роххараллъун. Гьел гIадамал жидеде цIад балелде цIад баялдаса хьул къотIунги рукIана» (ЦIад бачIого гIемер заман ун букIана). (Сура «арРум», аят 48-49)

Балагье, гьаб лъабабго бутIа дунялалда лъугьунеб куц Къуръаналъ нилъее баян гьабуна. Аллагь ﷻ вуго кинабго бижарав ва Гьес нилъее баян гьабуна нилъеда бичIчIизелъун, щибго жо букIунареблъи гьеб бижизавулев чи гьечIого. «Жиндир къадар хIажалъиялда рекъараб цIад рещтIинабун» абураб калам гьадинго рехсараб гуро. Дунялалда балеб цIад кидаго цо къадаралда бала. ХIисаб гьабидал, дунялалдаса цо секундалда жаниб 16 тонна лъел тIагIунеб буго. Гьебго 16 тонна цIадги балеб буго секундалда жаниб. Гьелъ баян гьабула кидаго лъел процесс букIин.

ЦIадал къатIрадул роцен буго 6 миллиметр, гьелдаса кIудиял къатIраби дандчIваларо, зодоса цIад балаго цониги цIадал къатIра цоцадаги хъвалеб гьечIо, хIатта гьурал ругоницин. ТIабигIияб къануналда рекъон, зодоса бортулеб жо хехго уна, амма цIадалъ гьеб къанун хвезабула, цIад гIодобе бортула бигьагьабун, ай парашют гIадин.

ЦIад бигьагьабун борти нилъее цIакъ къваригIуна, гуребани гьелъ нилъер къаркъала борлъулаан, тIолабго дунял хвезабулаан. Гьаниб бачIуна цо гьадинаб суал: цоцада хъвачIого, бигьагьабун цIадал къатIраби рортизе лъица гьарулелин абураб. Гьайгьай, Аллагьас ﷻ . Амма нилъ шукру гьабулареллъун руго, Аллагьас ﷻ шукру гьабулеллъун гьареги киналго.

ШАМИЛ МУХIАММАДОВ

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Муфти дандчIвана Сулеймангун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица, ГӀиса аварагасул цIаралда бугеб централда къабул гьавуна Гъарабудахкент районалъул Параул росулъа гӀараб каллиграфиялъул устар Аширлаев Сулейман. Гьес сайгъат гьабуна хирияб Къуръаналъул жинцаго квералъ хъвараб, цогидаздаса батӀияб нусха. ГӀага-шагарго...


ХIикматал махлукъатал

КIвахIачал   КIвахIалал абун цIар лъурал хIайванал руго цIакъ хьвади хIинцал жал. Гьез кванала гъотIол тIамхал. Цаби рукIуна бащадал ва цо формаялъул. Цересел хIатIал нахъисездаса халатал руго. Рас буго чахьалдаса мугъзаде сверун бижараб. ЛъикI бихьула, махI бачине кIола, амма гIинда бакIаб...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Якьадги росги   Дир якьадалъе бокьун букIана жиндирго квартира къачIан лъугIизабизе ва гьелъ нижеда гьарана кумек. Дир росас, дидаги гьикъичIого, хIажатаб гIарац къарзалъ кьуна. ЛъагIел ана ва гьеб гIарац нахъбуссинабизе гIедегIунев чиги гьечIо. Дир рос нечола ракIалде щвезабизе ва дида...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

Сапар буго инсанасул гIумруялъул цо бутIа. Муъминзабазе гьеб ккола Аварагасдаса ﷺ мисал босун ТIадегIанав БетIергьанасде ﷻ гIагарлъизе рес щвейги. Нилъер Аварагас ﷺ нухда кинаб хьвада-чIвади букIине кколебали малъа-хъваял гьари гуребги, жиндирго мисалалдалъунги бихьизабуна сапаралда ругелъул...


Цоцазе мисал

Нилъер хъизам букIине ккола сахлъи бугеб щулияб жамгIияб гIуцIилъун. Рокъоб гIадлу гьечIони, хъизан-лъималаз гIумру гьабизе гьечIо исламалда рекъон, бажаризе гьечIо гьел лъикIал бусурбабилъун лъугьинарун.   Аслияб масъала буго Аварагасул ﷺ уммат гьоркьоса къотIичIого цIикIкIунеб хIал...