Агьлу сунна вал-жамагIат щал кколел?
Агьлу сунна вал-жамагIат щал кколел?

Гьаб суал бусурбабазда гьоркьоб гIемер борхулеблъун буго. Жал агьлу сунна вал-жамагIат ругин щибаб рикьалабаз ахIи бала. Амма лъица щиб бицаниги, далил гьечIого гьеб гьороца пураб хIургIадинаб жо ккола.
Жакъа дин цоцазухъе кьун нилъехъе щвараб мехалъ, гьел гIалимзабазул биографияги лъазе ккола, ай лъидаса щиб бачIарабали. Гьеб лъаларел лъалезухъ гIенеккизе ккола. Гьеб мехалъ чиясда бичIчIула щив ва щал ругелали. Гьанже цо-цоял диналъул бичIчIи гьечIел, мекъи ккарал гIадамазухъе кколел руго, жал агьлу сунна ругиланги абун.
ХIакъикъаталда гьел руго жидеда гьеб бичIчIараб куцалда, амма битIараб нухда гуребха. Гьединазухъе нилъго ккечIого рукIине баян гьабила агьлу сунна вал-жамагIат щал кколелали. Нилъеца хал гьабизе ккола гIемерисел гIалимзабаз щиб абулеб бугебали агьлу сунна вал-жамагIат щалали лъазе.
Мазгьабал щалали бичIчIани, гьениб щаклъиго хутIиларо чиясул. Ругелъул мазгьабал къваригIунарин абулел гIадамалги Къуръан, хIадис бугони гIолинги абун. Гьеб лъазабизе кколеб суал буго. ТIаса-маса тарав чиясда гьеб бичIчIула жиндиего бокьахъе. Гьелъиеги гIалимзабаз баян кьуна. Кинабниги мазгьабалъул гIалимзабазул рагIаби рехсела.
Агьлу сунна вал-жамагIат фикъгьиялда жанир щал кколел?
ХIафиз ибн Мулаккъиница «ТавзихI» абураб тIехьалда хъван буго: «Хвасарлъараб агьлу (къокъа) гьеб кIудияб къокъа ккола (гIемерисел), гьелги ккола ункъабго мазгьабалда нахърилълъарал чагIи: Абу ХIанифа, имам Малик, имам ШафигI ва имам АхIмад».
Имам Субукияс «ТIабакъатул шшафигIия ал-Кубра» абураб тIехьалда хъван буго: «Дие баянлъана Маликил мазгьабалъул гIалимзаби – ашгIариял ругеблъи гIакъидаялда жанир. Гьединго гIемерисел шафигIиял мазгьабалъулги ашгIариял руго, цо-цо къосарал, Аллагьасе I лага чIезабулел чагIи хутIун. ГIемерисел хIанафиязул гIалимзабиги руго ашгIариял, мугIтазилитазда хадур рилълъарал хутIун.
Имам АхIмадил мазгьабалъулги гIемерисел ашгIариял руго, цо-цо къосарал чагIи рикIкIинчIого». Гьединго Имам ТIахIавияс, ХIанафияб мазгьабалъул гIалимчияс, «ХIашияту гIала дурри ал-Мухтар» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Иман лъурал гIадамал, нуж нахърилълъа хвасарлъараб къокъаялда, жидедаги агьлу сунна вал-жамагIатилан абулеб.
Аллагьасул кумек буго гьезулъ рекъон рукIиналда ва Аллагьасул I ццим бахъинги буго гьезда дандечIеялъулъ. Гьеб хвасарлъараб къокъа данделъана ункъабго мазгьабалъулъ, гьелги ккола: хIанафиял, маликиял, шафигIиял ва ханбалиял. Гьеб ункъабго мазгьабалда жанив гьечIев чи ккола бидгIияб агьлуялъул ва жужахIалъул».
Имам АхIмадил мазгьабалъул имам АхIмад Сафаранияс жиндирго «ЛавамигIул анварил багьият» абураб тIехьалда хъвана: «Агьлу сунна вал-жамагIат ккола лъабго къокъа: асариял ва гьезул имам ккола имам АхIмад бин ХIанбал, ашгIариял ва гьезул имам ккола Абул ХIасан ал-АшгIари, матуридиял ва гьезул имам ккола Абу Мансур Матуриди. Къосарал къокъаби абуни цIакъ гIемер руго».
Гьединго ХIасан ШатIияс баян кьуна: «Цо-цо гIалимзабаз абуна хвасарлъулеб къокъа кколин аварагас ﷺ хIадисалда рехсараб агьлу, гьелги хIадисалъул чагIи ккола - асариял, ашгIариял ва матуридиял». Аварагас ﷺ хIадисалда абуна: «Дир уммат дагьаб хадуб 70 ва цIикIкIун къокъаялде бикьизе буго, цо хутIизегIан киналго жужахIалъурги рукIине руго. БитIараб ккола дунги дир асхIабзабиги ругеб нух». (Имам Тирмизи).
Гьелъие жаваб гьабула гьадин: гьеб лъабго къокъа (ашгIариял, матуридиял ва асаритал) цо къокъагIадин буго. Щайгурелъул гьел киналго хIадисалъул агьлу буго. АшгIариязги матуридиязги хIадисал нахъчIвачIо ва тIаса-маса течIо. ГIаксалда, гьез хIадисазде кIудияб кIвар кьолеб букIана, гьез Аллагьасде тIамун толаан, яги кколеб шаргIалда рекъон баян кьолаан. Щибаб гьезул агьлу хIадисалъул чагIи ккола. Гьеб мехалъ ккола цо къокъа – хIадисалъул агьлу, цогидал къокъабазда дандеккун. Гьез гIакълуялдалъун жидеего пайдаялъе хIукму къотIана ва бицун бачIаралдаги инкар гьабуна. Гьел ккола агьлу бидгIаги, къосарал чагIиги, хилиплъи гьабулелги ва жагьилзабиги. («Табсирул КъанигI»)
Рикьалабазул бицунеб хIадисалда ГIабдуллагь Къудумияс жиндирго «Мингьажул АхIмад» абураб тIехьалда рехсана: «Хвасарлъулеб агьлу ккола хIадисалъул агьлу, жидедаги асаралъул агьлуйилан абулеб, гьезул имамги ккола имам АхIмад, хадуб ашгIариял ва мутуридиял». РитIухълъи балагьулев чиясда ва тарихалде ваккарасда бихьула гьедин гьеб бугеблъи. Жеги абизе бегьула хIадисалда жаниб цо къокъа гурони рехсечIилан, кинниги гьел лъабго ругин.
Жаваб гьабила: гьениб щибниги дандеккунгутIи гьечIо, щайгурелъул, агьлу хIадис, ай имам АхIмад, ашгIариял ва матуридиял цо къокъа буго, щайгурелъул гьел киналго тIад рекъон руго гIакъидаялъул суалазда, лъикIабгун квешаб къадар букIиналдаги, авараглъиялъул шурутIаздаги ва асхIабзабиги хириял чагIи рукIиналда. Гьел, гьединго, тIад рекъон руго Аллагьасда ﷻ тIадаб гьечIолъиялда халкъалъе кидаго лъикIлъи гьабизе. Къосараб къокъа - мугIтазилитаз абула Аллагьасда ﷻ тIадаб бугилан. ШафагIат букIиналда.
Мунагьал ругел бусурбаби жужахIалдаса къватIире рахъинариялдаги. Амма хилаф гьезда гьоркьоб дагьаб жоялъулъ гурони гьечIо, гьебги Аллагьасул ﷻ сифатал ва хIадисал баян гьабизе бегьулищ яги бегьуларищ абун. Бегьулин абурал ккола нахъа рачIарал гIалимзаби, гьезги гьелъие баян кьола шаргIалда данде кколеб къагIидаялъ. Гьеб жоялъ куфруялда рачунаро. Нилъеца рехсараб жо буго битIараб, баянаб нух. («Мингьажул АхIмад»).
ШАМИЛ МУХIАММАДОВ