Аслияб гьумералде

БетIер бугони тIагъурги

БетIер бугони тIагъурги

БетIер бугони тIагъурги

Гьаб заманалда гIолохъабазда гьоркьоб модалъун гIадин лъугьун буго бетIералда тIагъур лъечIого хьвади. ЦIакъаб жо гьабулеб гIадин чIухIунги рукIуна гьел. Мегежги тун, тIагъурги лъечIого хьвадулев чиги лъида релълъуневали нужго ургъе. Гьединал диналъул вацал кантIиялде хьулгун хъвараб буго гьаб назмуги.

Диналъул вацазе тIагъур бокьизе
Рокьул сабаб хъвани щибдай букIина?
Гъоркь далараб мегеж - тIад гIицIаб бетIер,
Лъида нилъ релълъарал, ле, гIолохъаби!
Къавмалда релълъарав гьездасан кколин
Хирияс абураб кIочонищ тараб?
ТIагъур лъезе ккани бетIер шартI букIин,
Щивасда жиб лъалеб балъголъи буго.
ГIарабаз ботIрода ххам жеманиги
Чалма лъугьунеблъи лъалищ нужеда?
Нилъер умумузги бурутI-хухги хъун
Хъурайсин-тIагъур лъуна ботIрода.
Цо гIалимас абун бугин рагIана,
ГIицIаб бетIергун къватIив вахъани
Зобалаз ботIролъа гIакълу унила,
Жаниса иманги цIцIан бахъулила.
Хасго хIажатханалда ботIрода гIицIго
Жаниве лъугьине цIакъ какун буго.
Нуж киналго лъикIал рукIиналъеги
Дир нугIлъиги буго, АлхIамдулиллагь.
ЛъикIалазе хасго ками бегьилищ,
Балъго ургъун рихье, дидаги бице.
ТIурачIел ругилан хIукмуги гьабун
ШаригIаталъ нугIлъун нуж росуларин.
Гьаб дир каламалъги асар гьабичIев,
Асир вугин тела напсгун шайтIадул.
Нагагь нуж кантIани, дунги вохарав,
Диеялдасаги нужейги лъикIаб. 

ХАЛИДАСХIАБ МАМАТХАНОВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...