Аслияб гьумералде

Мажгитал къачIай

Мажгитал къачIай

Мажгит ккола Аллагьасе ﷻ гIибадат гьабизелъун инсанас жиндиего Гьесул ﷻ рахъалъан ажру-кири щвезелъун бараб рукъ. Амма ахираб заманалда халлъулеб буго рес бугел цо-цо гIадамаз, къец гьабун, чIухIдаризелъун мажгитал ралел рукIин.

Гьебги хасго загьирлъулеб буго гIарабазул улкабазда. ГIорхъолъа ин киданиги беццичIо исламалъ. Гьелде тIаде, мажгиталда жанир рахъарал накъищаз гIибадат гьабулезул ракIал гьелде балагьиялдалъун гъапул гьабулелги руго. Гьедин мажгитал къачIай карагьатаб пишаги буго. Имам АхIмадица Анасидасан бицана Аварагас ﷺ абунин:

«Мажгитаздалъун гIадамал чIухIдаризе байбихьун гурони Къиямасеб къо щвеларо», - ян. Анасица бицана: «Гьел чIухIизе руго, амма мажгитал гьез чIаго гьаризе гьечIо», - ян.

ЧIухIизе абураб жоги, мажгитал гIорхъолъа ун къачIай буго. Жинда Аллагь разилъаяв ГIумар-асхIабасги мажгитал къачIазе гьукъулаан. Гьес абулаан какал ралел тохлъизарулин гьеб пишаялъ. ХIакъикъаталдаги мажгит къачIай ккола гьениб гьабулеб гIибадат. Мажгитал чIунтизе тун рукIинин абуни халлъула хасго рогьалил какде индал. Цо ялъуни бищун гIемер кIиго мухъ гурони цIезего цIоларо. Ибну ГIаббасица абуна: «Ягьудияз ва насранияз къачIалебго гIадин къачIала гьезги мажгитал», - абун (Абу Давуд, ибну Мажагь).

Хирияв Аварагас бицана мажгитаздалъун чIухIдаризе гIадамал байбихьидал, гьеб къавм питнаялде кколин. СуютIиясул «ЖамигIу Сагъир» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Мажгитал ва Къуръанал нужеца чIухIизаридал, Къиямасеб къо тIаде щвеялъухъ балагьун рукIа. ГIибадаталда ругезул ракI гъапул гьабула гьединал жалаз. ШафигIияб мазгьабалда гIарац-меседалъ КагIба-рукъ къачIазе хIарамаб буго, цогидал бакIал къачIазе карагьатаб буго», - ян.

КъачIай абураб жоги кколаро гIадамазе бигьалъаби гьари. Масала, хинаб лъим, санагIалъи бугеб какие чуризе бакI, как базе хинаб бакI ва гьелда релълъараб. КъачIай ккола гIорхъолъа ун гIарац исрап гьаби. Мажгитал разе бигьаяб жо буго, амма гIибадаталда тIадчIей гьабулеб жамагIат гьенибе данде гьаби буго бищун захIматаб. Аллагьас кумек гьабеги.

КАМИЛ МУХIАММАДОВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...